Тема 5.   Халкъиял асаразулъ гьари-дуг1аялъулал куч1дул

 

Лъалеб жо, кинабг1аги художествияб литература баккана, г1уна ва цебет1уна халкъазул к1алзул асаралъул кьуч1алда. Халкъиял к1алзул асаралин абуни нилъехъе щвана нус-нус соназги г1елалъ г1елалъухъе кьун, бечелъулаго, камиллъулаго ва церет1олаго. Пикру гьабураб мехалда, рак1алде кола к1алзулал художествиял асарал ва жеги т1оцересел, кинидахъ рижарал куч1дулги хасал мурадазда г1уц1арал рук1ун ратилилан. Жеги мух1канго абуни, киналг1аги халкъиял асарал цо хасаб ишалъе, хасаб мурадалда рик1к1унел, ах1улел рук1ун руго. Гьел рик1к1унел рек1ун руго жиделъ кинабали къуват, х1икмалъи бугеллъун, чиясул, ч1агояб жоялъе лъик1аб яги квешаб аср гьабизе х1ал к1олеллъун, кумек гьабулеллъун, къуват бугеллъун. Масала, бищунго г1адатияб мисал: эбелалъ г1одулеб лъимер буц1ц1инабуна яги кьижизабула кеч1 ах1ун, «лаила» бачун яги жеги кинаб бугониги хабар бицун.

Щайха абилареб г1одулеб лъимер г1одоцинабулеб, кьижизабулел къуват, х1алк1олъи коч1олъ бук1унилан, гьеб рик1к1ингун, лъимер г1енеккун ч1олебги кьижулебги бугони.

Гьайгьай, бич1ч1улеб ва бихьулеб жо, заман анаг1ан халкъиял к1алзул асаразул гьеб хасият, «х1алк1олъи» дагь-дагьккун чучлъана, гьеб маг1на гьезие кьей дагьлъана, лъуг1ана.

Х1алк1олъи жиделъ бугеллъун рик1к1унел, ай дуг1а-гьариялъулал халкъиял куч1дул бат1аго ц1акъ т1ирит1арал ва машгьурал рук1ана Северияб Кавказалда ва гьединго Дагъистаналдаги. Гьел асарал рик1к1унаан ва ах1улаан кинаб бугониги мурад т1убаялъе, цо сундуе бугониги х1ажатаб асар гьабиялъе, хасаб мурадалда, ишалъул х1ажатаб х1асил ккеялъе.

Гьеб тайпаялъул куч1дузул г1уц1иялъул бук1уна хаслъи. Масала, гьезул аслияб къаг1идаялда х1алт1изарун рук1уна хабариялги мурадиялги глаголал. Гьезулъ бук1уна гьари, т1алаб гьаби, аниш загьир гьаби.

Дагъистаналъулги Северияб Кавказалъулги гьари-рахьиялъулал куч1дул руго лъабго бат1иял:

1.Бищунго г1адатиял ва бищун церегосел. Гьел руго жиндие бит1ахъего асар гьабизе кколев чиясде хит1аб гьабурал, гьесде руссарал. Хит1абги буго т1алабалъулаб, амруялъулаб хасияталъул.

Амма гьединал, гьари-дуг1аялъул тайпаялъул куч1дул Дагъистаналъул халкъияб творчествоялда ц1акъ дагьал гурони гьеч1о. Аслияб къаг1идаялда гьел дандч1вала Северияб Кавказалъул халкъазул. Масала, осетиязул ц1ияб сонгун дандч1ваялъул тадбиразда г1адат бук1ана лъабц1ул гьадин абулеб:

Биччанте г1емераб т1ощел бук1ине,

Биччанте г1емер бук1ине,

Биччанте бук1ине.

Черкесаз, дунял хинлъизе, бакъ щвезе бокьараб мехалда, абулеб бук1ун буго:

Бакка, бакъ,

Бакка!

Гьеб тайпаялъул куч1дузе хасиятаб буго къокълъи, т1алаб гьабиялъулаб къаг1ида.   

2.Гьари-рахьиялъулал. Гьел ккола гьариялъулал дуг1аби. Гьел руго цересезде г1агарал, гьезда релълъарал, амма, цо хасав чиясде гурел, гьоркьохъаналде (гьоркьохъанасде) руссарал, гьесде хит1аб гьабурал; жеги мух1кан гьабуни, жиндаса кумек х1ажатаб, т1адег1анаб къуват кодосесде руссарал. Гьединал асарал ракун ратизе руго т1адег1анаб къуваталъул, ч1ах1иял т1абиг1иял лъугьа-бахъинал кодосел къуватазул х1акъалъулъ пикру г1адамазулъ щулалъигун; бокьа-бокьараб жо гьабизе к1олеб къуват бук1иналде инсанасул пикру лъугьараб мехалда. Оц бай, т1ощел бак1ари, ц1ад-бакъ гьари г1адал Дагъистаналъул ва Северияб Кавказалъул халкъазул гьари-рахьи ва дуг1аби тайпаялъул куч1дул руго аллагьзабазде руссарал ва гьезда гьарулеб буго кумек гьабеян.

Масала, оц баялъул тадбиралда аллагьасда гьарулеб буго:

Кье, аллагь, бечедаб бач1ин ниже,

Кье, аллагь, ниже рах1матаб ц1ад.

Кье ниже т1ощел, кье нижей т1ощел,

Ракьалда щущараб салиг1ан г1емер.

Дагъистаналъулги Северияб Кавказалъулги аллагьасде гьари-рахьи гьабиялъулал куч1дул руго лъаг1алил хасал заманабазулал, ай календариял. Хадурккун, ай заман анаг1ан гьари-рахьиялъул ва дуг1аялъулал тайпаялъул куч1дузул г1уц1и хисич1ониги, дагь-дагьккун маг1на хисизе байбихьана. Гьари-дуг1аялъулал куч1дузулъ ц1ик1к1ун рихьула аллагьасе рец-бакъ гьаби, аллагьасде гьардей ва гьесдаса г1емераб рикъзи т1алаб гьаби. Гьезулъ рихьула г1емерал т1алабал, г1емераб гьари, чиясул г1умру лъик1лъиялъе квербакъи гьаби. «К1удияб дараналъ вохайги», - ян гьарула г1олилазда маг1арулаз. «Цо чахъдаца анкьго кьег1ер гьабеги», - ян гьарула чачаназ. «Боц1и г1емерлъаги дур»,- ян гьарула осетияз, «Гухьби г1емерлъаги, г1и-боц1и ц1ик1к1аги», - ян гьарула даргияз, г1ун бач1унеб г1ел къуватаблъун, х1ал бугеллъун г1ей мурадалда «Вассал бах1арчиялги зах1мат бокьулелги рахъаги», - ян гьарула г1емерисел халкъаз.

Хадуса раккула г1адамазул ва хъизамазул г1умру лъик1лъагиян, рохалилаблъун лъугьагиян гьарулел куч1дулги дуг1абиги. Гьеб маг1на куч1дузе кьезе байбихьула цо бихьинчияс к1иго-лъабго лъади ячиналдаса цо ячиналде рач1иналда бан. Лъик1ай лъади ккеялъулъ бихьулеб бук1ана хъизамалъул талих1ги, щулалъиги, маг1ишаталъул цебет1ейги.

Северияб Кавказалъул цогидал халкъазул к1алзулал асаразда данде ккун, Дагъистаналъул к1алзулал асаразул гьари-дуг1аялъулал тайпаялъул куч1дузе хасиятаб буго бусурбабазулаб асар. Дагъистаниязул гьари-дуг1а, бат1и-бат1иял аллагьзабазде гуреб, цо Аллагьасде буссараб буго. Гьаниб куч1дузулъа лъуг1ун бихьула х1алк1олъи, ва халкъалъ инкар гьабула куч1дузул къуваталда божиялдасан.

Дагъистаналъул халкъазул ва Северияб Кавказалъулго халкъазулги к1алзулал календариял асаразулъ жеги ц1унун хут1ун руго кинаб бугониги мурад т1убаялъе къурбан гьаби «дица дуе гьаб кьолеб буго, гьелъухъ дуца дие гьаб гьабе» абураб маг1наялда.

Т1оцересел ц1адал т1ираби ракьалде т1инк1изе байбихьарабго, цадахъ рахъун, лъараг1азул лъималаз ах1ула:

Чвахе, ц1ад, - гурга кьела,

Чвахе г1емер, - цогиги кьела,

Мун г1емер чваханани,

Нусгоги кьела гурга.

Гьединал, гьари-дуг1а тайпаялъул куч1дул руго маг1арулазулги, лезгиназулги, даргиназулги. Гьединал куч1дузул дандч1вала жеги осетиязулги:

Бач1а, ц1ад, бач1а, ц1ад,

Чед кьела дуй, ц1ам кьела.

Г1емер чвахе, ц1ик1к1ун бай…

Т1адег1наб къуват яги аллагь гьеб къаг1идаялда кваназари, гьел, щибг1аги кьун, рази гьари куч1дузулъ загьир гьаби, яги гьарулеб къаг1ида нахъаде дагьлъана ва, абизе бегьула, лъуг1анилан амма гьединал г1адатал г1адамазул рак1азулъинабуни ц1унун руго. Гьел тайпаялъул куч1дул цо-цо халкъазул творчествоялъулъ лъималазул куч1дузде сверунги ратула, аслияб къаг1идаялда, маргьа ва махсара-хоч1 х1исабалда. Масала, маг1арулазул лъималаз цо-цо бак1алда къвали бухъулелъул къвалул хозяйкаялде хит1аб гьабун абулеб бук1уна:

Нухда ххан батанани, гьеб дуе кьела дица,

Куялъ кьег1ер гьаби, гьебги кьела дуего.

Кье дуца дие къвали, кье дуца къвали…

Узухъда, лъималаз рак1-рак1алъ ва кинайг1аги «къвалул хозяйкаялда» божун гуро гьеб кеч1 рик1к1унеб бук1араб, гьадинго, махсаро-хоч1алъулаб маг1наялда, расанди х1исабалдайин.

Лъималазда, гьайгьай, лъаларелъулха, нухда ххан батулареблъиги куйдуца кьег1ер гьабулареблъиги.

Гьединлъидал махсара-хоч1алъул куч1дул г1емер ратула Северияб Кавказалъул халкъазул лъималазул к1алзулал асаразулъ. Чачаназул лъималаз, масала, кваналел хурдузул кьибил балагьулелъул ах1ула:

Тушали, Тушали,

Бихье, Тушали, кьибил,-

Лълъар бугеб х1елекоги

Лълъар гьеч1еб оцги кьелин.

Бихьулеб бук1ахъе, дагъистаналъулги Северияб Кавказалъулги гьари-рахьиялъулал тайпаялъул куч1дулги абиялги раккана ц1акъго церего ва гьел, нек1сиял г1адатал х1исабалда, жеги нахъе ц1унун г1адамазул рак1азулъ хут1унги руго. Гьайгьай, заман бахъанаг1ан гьезул г1уц1иялъулги маг1наялъулги бат1и-бат1иял хиса-басиял лъугьана.

Сайт создан по технологии «Конструктор сайтов e-Publish»