Тема 3.  Бертадул куч1дул. Маг1арулазул нек1сияб бертин

 

Дагъистаналъул цогидал миллатазулго г1адин, маг1арулазул бертадул г1адаталъул буго лъабго бут1а: яс аби, жибго бертин т1обит1и ва сух1маталда хадусел къояз ц1иял бах1аразул г1агарлъиялда гьоркьор бухьенал щула гьари. Амма щибаб росдал руго хаслъаби. Масала, Унсоколо районалъул росабалъ нек1о заманаллъ бертин т1обит1улеб бук1ун буго 7 къоялъ. Гьеб г1адат нахъалъизег1ан ц1унун хут1ун бук1ун буго Гьарак1униб росулъ. Жиб-жиб къоялъул бук1ана хасаб ц1ар.

Бертадул т1оцебесеб къоялда абулаан «реччеб т1олеб къо» - ян. Гьеб къоялъ росдал цо корохъе рак1арулаан бах1аралъул чаг1и, цогидаб корохъе – бах1арасул чаг1и ва бежулан 100-120 г1анасеб чед. Гьебго къоялъ бах1аралъул бак1алда багъарулаан бахъухъ. Гьеб сордоялъ рогьинег1ан рук1унаан корохъ чадал режулел ва рогьинег1ан махсаро-хоч1алда, ах1улаго куч1дулгун рук1унаан г1олилал.

К1иабилеб къоялъ байбихьулаан бертин-сух1мат, къач1алаан бах1аралъул рукъзал, бах1арай яч1иналде х1адурлъи гьабулаан. Бах1арай ячине унаан 20 – г1анасев чи, цадахъ гьуинлъабазул х1арччалги росун – т1ут1алин абулаан. Бах1арай ячине унеб мехалда, т1охт1е рахарал руччабаз чан т1ут1 бах1аралъе арабали рик1к1унаан. Нухда ах1улаан куч1дул, гьарулаан махсараби. Бах1арай ячине вач1аравщинасухъе кодобе кьолаан корохъ бежараб чед ва гьелдат1адги лъун бахъухъ, гьединго, щивасда бухьунаан к1аз яги гурдие г1олебг1анасеб ххам. Бах1арайги ячун унаго, т1аса бищулаан бищунго халатаб нух, нухда ах1улаан куч1дул. Бах1арай ячунаан г1одосан, нухда г1олохъабаца г1ер кколаан чанго бак1алда ва гьезие кьезе кколаан ц1уручадал яги цогидал гьуинлъаби, гьекъезе жо. Бах1арай г1одосан ячуней йик1индал, гьелда х1ур ккеч1ого бук1ине, «х1аваг1ечул гъут1би гьарщулел руго», «Бер ккелародухъан», «т1айпусалъул руго т1охил раг1алда». Бах1арасул рукъалъул к1алт1а гьезда дандч1вай гьабулаан бах1арасул эбелалъ. Гьелъ бах1аралде т1аде конфетал, г1исинаб г1арац балаан, к1алдиб гьоц1о хъвалаан, гьари – рахьиялги гьарулаго: «нижер г1амалалъулъ г1амал рекъайги», «гьоц1ог1ан рукъ гьуинлъаги» - ян. Бах1арасул эбел йихьарайго, бах1аралъул гьудулзабаз гьелъие хасаб кеч1 ах1улаан, коч1олъ бах1аралъу г1амал – хасият, сипат – сурат беццулаан, гьелъул махщелазул бицунаан. Бах1аралъул буго «билил раса», гьей йиго «дараял сусунеб меседил рук1к1ен», «х1едул чирахъ г1адай», гьелда «х1енх1ил мах1» буго, гьелъул «зодоб бугеб ц1ваг1ан ц1али г1емеарб» буго. Бах1аралъе рец – бакъ гьабиялда цадахъ кеч1 ах1улез х1аракат бахъула бах1арасул къимат г1одобег1ан гьабизе, гьев бах1аралдаса сундулъго къуравлъун вихьизавизе: Бах1аралъул «билил росониб хъах1аб чакар, чамасдак буго», бах1арасул абуни, «ц1улал т1ут1» буго, гьелда жанибги «ццурун» яги «белъун гьоло» буго, «гьалун рахь» буго, бах1арасул столалда т1ад «танхьил мах1» буго. Амма коч1ол ахиралда к1иязего рецц гьабулеб буго, гьел руго «ц1орол ц1араг1 г1адал», «кумек къвариг1ани, х1алай ратулел». Бах1арай – «дараял сусунеб меседил рук1к1ен» ятани, бах1арав – «исхъали къунц1улеб меседил к1укьмахх», бах1аралъул «зодоб ц1ваг1ан ц1али г1емераб» батани, бах1арасул «г1одоб бугеб ракьг1ан рокьи рокьи г1емераб» буго.

Бертадул куч1дузе хасиятаблъун ккола гьит1инаб к1одо гьабун, гьит1инаб к1одо гьабун, яги к1удияб гьит1ин гьабун бихьизаби. Масала, Колоб росдал руччабаз бах1аралъул къайи босун унаго, т1асияб рохен ах1ула «гьакица бач1унеб къайиги, къвалица бач1унеб буцурги» бихьизе. Гьезда данде ах1ула «гьакица бач1унебилан къвалакь ккун бач1унеб цо ургу» бугин ва «къвалица бач1унебилан» абулеб «рек1арасул кодоб ц1ел турут» бугилан. Ахиралда киналго разилъула «Рукъалда рекъараб къайиги, васасда рекъараб буцурги» бук1иналда.

Бертадул лъабабилеб къоялъ бах1арай кьурдизе яхъинаюлаан. Гьей кьурдизе яхъинаюравщинасе кьолаан квераца угьараб квербац1ц1. Гьел квербац1ц1ал яс абуралдаса нахъе х1адурулаан, берцинал накъищал т1ад угьун. Бищунго берцинаб квербац1ц1 кьолаан бах1арасе. Цо – цо мехалда квербац1ц1ал угьизе кумек гьабулаан бах1аралъул гьудулзабазги. Гьел квербац1ц1азул хал-шалги гьабидал, ясазул кверазул махщелалъул ц1убай лъалаан. Бах1арай кьурдизе яхъинаюравщинс гьелда т1ад г1арац яги бухьулаан к1аз, ххам.

Бертадул ункъабилеб къоялда ц1ар бук1ана «рухьунеб къо». Гьединго гьеб къоялда абизе бегьула «копол къвач1а ч1ехьолеб къо» - ян. Гьеб къоялъги сордоялъги х1аракат бахъулаан к1ванаг1ан г1емер махсараби гьаризе, г1адамал релъанхъизаризе. Бах1аралъул ва бах1арасул г1агарлъиялда гьоркьор т1орит1улаан кополал къецал. Бищунго кополал чаг1азда гьоркьосан рищулаан судьяби. Гьез Ургъизе кколаан Г1айиб Г1унт1изабизе г1илла ва Г1ак1а къот1улаан. ГЬез иргадал ц1арал ах1улаан ва цере рахъинарулаан цо-цоккун к1иябго г1агарлъиялъул чаг1и. Цеве вач1а-вач1арав вухьунаан свери бакьулъ бахъун ч1езабураб х1убиялда. Гьесул «такъсиралъулги» бицун, къот1улаан г1ак1а-чахъу, куй, оц, бече, гьекъолеб жо. Судияс абураб жо чара гьеч1ого кьезе кколаан. Гьедин бак1арарабщинаб жо ц1ияб хъизамалъе хут1улаан ва гьеб бук1ана гьезие к1вар бугеб кумеклъун. Гьединлъидал, бах1аразул г1агарлъиялъ цебеккунго х1адурун толаан гьезие кьезесеб сайгъат. Гьеб сайгъат кьун гурони х1обода вухьарав чи виччалароан.

Щуабилеб къоялъ бах1аралъул эбелалъ бах1аралги, ц1ияб г1агарлъиги гьоболлъухъе ах1улаан.

Анлъабилеб къоялъ бах1аралъул г1агарлъи бах1арасул эбел-инсуца гьоболлъухъе ах1улаан. Гьелдаса хадуб ц1ияб г1агарлъи цоцахъе хьвадулаан, хуралъул х1алт1аби цадахъ гьарулаанва г1агарлъи щула гьабулаан.

Анкьабилеб къоялъ бах1арай иццухъе ячунаан. Гьелда цадахъ иццухъе унаан г1олохъанал ясал. Росу рвг1алда бугеб иццт1е щвезег1ан ясазе чанго нухалда г1ер кколаан васаз. Гьезие, нух рич1изелъун, бах1аралъул бертадул бут1а кьезе кколаан. Гьелдаса хадуб бах1аралъе ихтияр бук1ана эркенго рокъоса къват1ие яхъине, лъадае ине, расдал г1умруялъулъ г1ахьаллъи гьабизе. Гьоркьоб заман анаг1ан, бертин т1обит1улеб буго цо-к1иго къоялъ ва нек1сияб бертадул г1адат к1очон толеб буго. Гьелдаго цадахъ к1очон толел руго бертадул куч1дул.

Бертадул сух1маталда гьоркьоб к1удияб бак1 кколаан бак1иде рахъиналъул куч1дуз. Кьурдун свакарал г1адамазеги, зурмихъан-къолохъанасеги х1ухьбахъизелъун ах1улаан гьел куч1дул. Свери бакьулъ лъолаан бак1, гьелда т1ад г1одов ч1езавулаан г1олохъанав вас, кодобе бах1аралъул т1илги кьун. Гьес ах1улаан ясалдехун хит1аб гьабураб кеч1 ва цо ясалда т1ил кьабулаан. Гьелъ коч1одалъун жаваб кьезе кколаан. Гьел рокьул куч1дуздалъул г1олдохъабазул рес бук1ана цоцазухъ ккараб г1ищкъуялъул бицине, балъгояб балай загьир гьабизе, йокьулелъул рек1ел мурад лъазабизе.

Бак1иде рахъиналъул куч1дузул буго хасаб диалогалъулаб форма. Цо-цо куч1дузулъ адресат рехсон вук1уна, цо-цоязулъ вук1унаро, С.М.Х1айбуллаевасул пикруялда рекъон «Дагъистаналъул халкъияб поэзиялда къанаг1атго гурони рехсон бук1унаро жинде хит1аб гьабун бугев чиясул ц1ар. Гьеб риторикияб хит1абалдалъун хиси г1адатияблъун буго ва гьеб аслияб куцалда х1еренлъи-гьит1инлъиялъул формабаздалъун х1алт1изабула. Гьелъ кеч1алъул х1еренлъи, х1алимлъи, хинлъи ц1ик1к1инабула». «Вокьулесул ц1аралъул бак1алда г1емерисеб мехалда х1алт1изарун ратула раг1аби: рак1лъул гьудул, Жан берал берцин, зодил малаик, зоболъул т1айпус.

Сапаралъ аниги, къват1ив кват1уге

Каранда ц1а бугин, рак1алъул гьудул,

Къват1иве аниги, къоял риччаге

Дир къоял унарин, къаг1ида берцин 

Рек1ел гьудуласул бицунаго, гьединго х1алт1изарула т1ирит1арал эпитетал: «турказул магъилъе лълъар меседил бис», «хъах1илаб зодихъе зобазул т1айпус», «алжаналда жаниб жавгьарул саг1ат», «саг1аталда жаниб г1арцул хъаравул». Гьел эпитетаз цо-цо мехалда вокьулесул сипат-сураталъе къимат кьола: «к1алдир ругел цаби цок1алав гьудул», «ралагьарал берал», «исхъали чухъида чалаби г1емер», «кьибил берцинлъизе вижарав», «хъах1аб магьиялда бекьулеб г1арац».

Берал берцинлъизе кьунсрул рижула

Кьибил берцинлъизе вижарав гьудул,

Кьолбода нур базе  цо гьунар г1ола,

Бегьила ч1ух1изе дудаса тухум.

Бертадул сух1маталда гьоркьор копое ах1улеллъун рук1индал, бак1иде рахъиналъул куч1дузулъ дандч1валеб буго сатираялъул ч1ваги. Масала, лирикияй героиняялда абулеб буго «нуц1ида нахъа ц1илиц1 г1адай», «ц1ц1аназул бокьое г1оркь гьеч1еб раххан» - илан.:

Дир нуц1ида нахъа ц1илиц1 г1адай мун,

Ц1оралъул бикалъун щай гаргадулей?

Ц1ц1аназул бокьое г1оркь гьеч1еб раххан,

Дица ячунаро, ячарасе а.

Васасе жаваб кьолаго, ясалъги к1вараб х1аракат бахъула гьев х1акъир гьавизе:

Мунги чийин абун, чучун йик1ана

Чиго жаниб гьеч1еб чухъа батана,

Чи мунилан абун, к1алъан йик1ана

Т1ад чинква бакъвараб, беццаб ц1улакьо.

Нек1о заманалда рокьулел цоцазе щвей къанаг1атаб бук1ана, гьединлъидал ккараб рокьудаса рохулел рук1инч1о г1олилал:

Алжанги гурелъул, жанги гурелъул

Жагьандамайлъаги духъ ккараб рокьи.

Жужах1ги гурелъул, хвелги гурелъул,

Хабал г1азаблъайги берзул балагьи.

Г1олилазул рек1ел пашманлъи загьир гьабулеб буго гьал мухъазги:

Рокьуца хварай дун хабалъ юкъуге,

Хабал агьлуялде унти бахунин,

Хабалъ юкъаниги, т1алкъен ц1алуге

Ц1алилин вокьулес рокьул аятал.

Ригьин аслияб куцалда гьабулаан эбел-инсуца, к1иялго цоцазе рек1ее г1ей дагьаб бук1ана мурадалде щвеялъе. Гьебги бич1ч1улеб буго г1олилазда:

Дицаги дуцаги бицараб раг1и

Берцинлъун бихьайги дур эбелалда,

К1иялго нилъ рекъон гьабураб къот1и

Гьоц1олъун т1инк1айги т1улил вацазда.

Нек1сияб заманалда васасе ч1ужу ячинелде цебе йик1инесей якьадалъ мух1канго ц1ех-рех гьабулаан ясазул, гьездехун ругел т1алабалги ц1акъ кьварарал рук1ана. Васасул улбуца г1емер бат1и-бат1иял сих1раби ургъулаан жидее рек1ее г1урай яс васасе ячиналдего гьелъул х1абихьи, г1амал-хасият лъазабизе. Ясазул хьвада-ч1вади, махщел бихьулеб бак1лъун бук1ана гвай. Амма рокъобги къват1ибги г1амал цого бук1унарелъул, цо-цо руччаби къаси кваналеб г1ужалда ясазул гордухъ г1енеккулаан раса хачалеб, ражи бухулел гьаркьазухъ, гьединго хал гьабулаан рокъосезда гьоркьоб гьабулеб гара-ч1вариялъул. Бицуна, жиндирго васасе ч1ужу ялагьулаго, цо г1аданалъ гьардухъаналда релълъунедухъ т1ад т1ут1ураб рет1елги рет1ун, росу сверун бугила жиб-жиб рокъоб раса хачан нахъ т1ок1лъараб г1ат1ги гьарун. Ахиралдаги цо ясалъ абун буго: «Гьединаб жо нижер бук1унарин, бокьани, ц1алк1ун ханжу кьелила». «Гьей яс ячун йиго гьей г1аданалъ жиндирго васасе». Х1алт1и бокьи гуребги, бах1арай йик1ине кколаан х1еренай, гурх1ел-рах1му бугей, ч1ах1иязул адаб бугей. Гьебго х1албихьиялъе г1оло цо-цо руччабаз 2-3 анкьалъ чурич1еб бет1ер чуризабулаан нуслъун гьайизе бокьарай ясалда. Гьеб чуризе, ххазе гьей ч1ух1ани, гьелъул рак1къани, яги  гьелъ кинабго т1аса-масаго гьабуни, бич1ч1улаан кинаб г1амал гьелъул бугебали.

К1вах1алай ясалда халкъияб коч1олъ абулеб буго «хурул раг1алда г1унараб зани» - ян:

Хурул раг1алда г1унараб зани,

Я г1одобе къула, я рокъобе а.

Гьедин т1алабал рук1ана бах1арасул рахъалдасан йик1инесей нусалдехун. Маг1арулазул халкъияб к1алзул гьунаралъул асараз пасих1го, г1ужилго ва гъваридго рагьулеб буго халкъалъул къисматги, рук1а-рахъинги, г1умруги.

Гьеб бечедаб рух1ияб ирс ц1унизе ва данде гьабизе т1адаб буго щибав миллаталъул тарихалъул ва культураялъул адаб гьабулев маг1аруласда. 

Сайт создан по технологии «Конструктор сайтов e-Publish»