Тема 2. Маг1арулазул халкъиял  маг1аби

 

Фольклориял асаразда гьоркьоб к1вар бугеб бак1 ккола пашманлъи-къварилъи загьир гьабулел куч1дуз. Гьезие баянал кьолаго, гьел маг1ирокъор ах1улаанилан аби гуреб, г1емерисеб мехалда хвел букъиялъул г1адат гьоркьоб биччан бук1уна. Гьелъие г1иллалъунги бук1ана хвел букъи диналда хурхараб бук1ин ва дин гьукъараб советияб заманалда гьелъул бицине бегьунгут1и. Амма Е.В.Барсовас абухъе: «Халкъияб динияб асар ккола инсанасул рек1ел асаразда гьоркьосан бищунго нек1сияблъун, бищунго гъваридаблъун ва бищунго к1вар бугеблъун». Динияб бук1аниги, гьеб г1адатги инсанасул г1умруяллда хурхараб буго, ригьин гьаби, лъимер гьабиго г1адин. Гьединлъидал, г1адатазул бицунаго, хвел букъиялъул г1адатги гьоркьоб тезе рекъон бук1инаро.

Хвел ккараб бак1алда маг1у гьабизе ккани, бук1ине ккола махщел, лъазе ккола хварасул г1умру-яшав, маг1ишат, рук1а-рахъин. Маг1у буго бищунго рек1ел асар х1алуциндал гьабулеб кеч1. Гьеб ургъизе заман бук1унаро ва гьелъулъ загьирлъула ч1ужуг1аданалъул рек1ел х1ал.

Хвел карал т1оцересел къояз, элегиялъул къануналги ц1унун маг1у маг1у гьабун бажарулароан, т1аде бач1араб къварилъиялъул х1алуциналъ. Гьединал маг1абазда фольклористаз абула маг1у-лъазабиян. Гьел руго къокъал; ункъго яги микьго мухъилал. Гьезулъ аслияб къаг1идаялда бицуна лъугьа-бахъиналъул х1акъалъулъ:

Раса бач1ун буго г1анса чуризе,

Ясал т1аде рахъа, т1ад квер бахъизе.

Мусру къот1ейилан чи вач1ун вуго,

Чорхол къуват бугес къот1ея дарай.

Гьединго, маг1у-лъазабиялъулъ загьир гьабулалъугьралда божунгут1и:

Хвеларо, хвеларо хан г1адав дада,

Борхатаб маг1арда г1игун ватила,

Хвезе чара гьеч1ев хирияв дада

Гъваридал к1к1алабахъ сверун ватила.

Г1арахъ мег1ералъул кверщел кодосев,

Т1амало гох1алъул г1арцул можоро.

Чи хварал т1оцересел къояз, рек1ел х1алуцин ц1ик1к1иналъул кутакалъ, руччабаз ах1улел цо-цо раг1аби сверухъ сверухъ рук1аразда мекъи рич1ч1изеги бегьула.

Гьединлъидал, маг1абазулъ руччабазда гьарула «чидада х1ал лъазе тогеян», «къараб рачел чучизе тогеян»:

Беразул маг1ида кириталги ран,

Киранда бугеб ц1а ц1илакьги бахчун

Чидада х1ал лъазе биччаге, Чакар.

Яги:

Эмен ват1алъарай, вацас рехарай,

Воре къараб рачел чучизе тоге.

Исламалда рекъон, хварасда хадург1емер г1оди беццараб гьеч1о. Гьединлъидал, маг1ихъаналъ гьикъулеб буго, гьудуласда хадуй г1одунилан, жинда г1айиб ч1валадайин:

Вай дун г1одунилан г1айиб баладай,

Г1умру цадахъ арав дир гьудуласухъ?

Хъизаналъе лъик1ав, лъадуй х1еренав,

Лъиде дун чучилей мун гьеч1еб къоялъ?

Бежт1адерил г1адаталда рекъон маг1ирокъоб зикру бачун хадуб рес гьеч1ого маг1у гьабула. Хварасул яцалъ, яги эбелалъ, ялъуни тухумалъул маг1у гьабизе лъик1аб махщел бугей г1аданалъ гьеб байбихьула зикру бачине рач1аразе баркала кьеялдаса:

Зодоб бугеб ц1ваг1ан баркала нужой руччаби,

Ниже г1оло бахъараб х1ет1е алжаналъуб лъеян…

Хадуб хварасул лъик1лъи-т1адег1анлъи рак1алде щвезабула ва ахиралда сабру гьабеян, Аллагьасул х1укмуялда рази рук1аян гьарула:

Щукру, алх1амдулиллагь, рецц дуе, Аллагь,

Дур х1укмуялда ниж разиял руго.

Лъедал лъун гьир рек1ей зах1малъаниги,

Сабру гьабун ч1ёела т1ок1 к1алъач1ого…

Маг1арулазул маг1абазул ц1ех-рех гьабулаго, ратулел руго к1иго тайпаялъул маг1аби: маг1у-лъазаби ва маг1у-рак1алдещвей. Тематикаялъухъ балагьани, руго яц, вац, эбел, эмен хвеялда хурхарал.

Маг1абазда гьоркьоб хасаб бак1 ккола бах1арай хвеялде гьарурал элегияз. Ячараб сордоялъго бах1арай хвейг1ан зах1матаб жо щибха бугеб инсанасе? Ячун бах1арайгун ц1ияб г1умру, цадахъаб маг1ишат гьабизе рук1арал анищал холла цо параялда жанир ва «бах1аралъул къайиги босун арал» Т1адруссине кола «хваралъул малиги босун», бертаде х1адурарабщинаб маг1ирукъалде буссуна.

Маг1у байбихьула г1адамазде гьабулеб хъит1абалдаса:

Г1енекке цин, г1адамал, бицизимо цо хабар,

Халикъ бичасул къадар къокъидго батаралъул.

Г1инт1аме, т1улил вацал, г1ажам шиг1ру ах1изин,

Х1асраталъул сордоялъ сидраталде аралъул.

Хадуб бицунеб буго бертаде гьабун бук1араб х1адурлъиялъул, бах1арай яч1иналъул, гьелъул берцинлъиялъул, гьей йиго «баг1ар месед хьухьарай, курмул г1арцуца къарай», «чакар кун, чамасдак кун, камиллъуде яхарай».

Бакъанида раг1ана, руччабаца бицунеб,

Бах1аралъул беразул нур босун ун бугилан.

Гьереси батилилан, балагьизе аралъув,

Баг1ар г1ечул г1анаби хъах1лъуде сверун руго,

Хъах1аб гьумералъул кьер босун унеб батана.

Рес къот1арав бах1арав вахъинавулев вуго ахирисеб нухалъ бах1аралда к1алъазе:

Вахъа, Х1ажияв, т1аде, бах1аралъул квер босе,

Кидаго юссунареб сапаралъ уней йигин.

Калам гьабе, бах1арав, гьаваялъул т1айпусаз

Гьудул цадахъ ячине т1алаб гьабулеб бугин.

Хадубги:

Машина сверугеги Малик1ол азбаралде,

Бах1аралъ рет1улареб дарай – катан бессараб.

Базар хъирщун босараб баг1ар дарайдул гурде

Хулабазе къот1-къот1ун къоролазе бикьана.

Ракьандаса къот1аги къаламулал дир килщал,

Кьерилазе рикьизе т1анса-салмаг бессарал.

Нек1о заманалда ч1ужуг1адан зулму-х1ал бергьун росасе кьолей йик1индал, чанги талих1 къарай маг1арулалъ т1аса бищулаан хвел. Гьединлъидал, маг1арул фольклоралда лъик1аланго маг1аби руго г1олохъанай яс хвеялда хурхарал. Маг1арул росабалъ жеги хут1ун руго ч1ужуг1аданалъул къисматалъе нуг1лъи гьабулел бак1азул ц1арал, ай топонимал. Масала, «къаралазул г1ор», «лъебелазул лъар»:

Ракьандасан къаяб къаралазул г1ор,

Цо къо бух1идал яс ехе йосараб.

Какие щогеяб лъебелазул лъар,

Цо дир гъалал баг1ар баллад т1амураб…

Гьаб маг1у буго г1урулъеги к1анц1ун яс хварай эбелалъул к1алъай. Г1уц1ун буго маг1абазе хасиятаб къаг1идаялъ: цин г1оралде хит1аб гьабулеб буго, хадуй к1алъалей йиго жиндирго хварай ясалде.

Эбелалъул мурад (ригьинги гьабун вас рукъалде вуссинави) ч1ег1ераб балагьалде сверулеб буго. Гьелдаса бак1аб гьир бугищ эбелалъе?

Маг1у байбихьулеб буго эбелалъул ах1вал-х1алалъул бициналдаса:

Чанги эбел йигей гьаб дунялалда

Бац1ица чехь т1ураб чахъу г1адинан.

Чанги яцал ругел Дагъистаналда,

Баг1араб т1улалда т1ад ц1а бакарал.

Васги хун хут1арай эбелалъул рек1ел х1ал т1ок1аб бук1унаребг1ан мух1кан гьабулеб буго коч1олъ х1алт1изарурал дандекквеяз. Гьей данде кколей йиго бац1ица чехь т1ураб чахъуялда, гьелъул т1улалда ц1а бакун буго. «Т1улада ц1а бакиялъе» г1иллалъун ккун буго «бах1аралъе босараб мусруде базе ккей» ва «бертаде къач1араб къулгьуде квин»:

Дунго г1адай гъарим щийго йигодай,

Бертаде къач1араб къулгьуде кварай?

Цойги дун г1адинай ятун к1веладай,

Бах1аралъе босараб мусруде барай?

Талих1 къарай, рес къот1арай эбелалъ жиндаго релълъарал аск1оре ах1улел руго ургъел бикьизе:

Хъурайсил т1огъроца гьоболлъи барай,

Дир гьалмагъго гьеч1ищ гьаб маг1ирокъой?

Бах1аралъул гъалал гъажалда гъарай

Эбел ятанани, яч1а чучизе.

Гъуниб мег1ералда гьорол г1адинаб

Г1урул гъугъай буго жакъа дир г1инзукь.

Ракьандаса къвайги къаралазул г1ор,

Къо бух1арай дир вас жанив вачараб.

Какиещогеги лъебелазул лъим,

Цо дир г1амал берцин г1арт1а т1амураб.

Цебехун рехсараб маг1уялъулъго г1адин, гьанибги васасул ц1ар рехсолеб гьеч1о. Гьев вук1ана эбелалъул «цох1ого маргъал», «къимат т1адег1анаб жавгьарул хоно»:

Дарман т1аг1арай дир цох1ого маргъал,

Гъугъан г1оралъ араб лах1ч1ег1ераб къо.

Къимат т1адег1анаб жавгьарул хоно,

Хун хабалъе унеб пана дуниял.

Васасда хадуй г1одулей эбел йихьун, т1абиг1аталъулго рах1ат хун буго:

Милъирщаби руго жакъа ч1ич1илел,

Бусендай бихана, т1анч1идай хвана?

Щибаб гъвет1-гъвет1алда гъудузе щиб?

Дий гъараде г1адин, гъаркъдилел ругел?

Ц1умада районалъул Агъвали росулъ хъвараб «Г1оралъ арай» абураб маг1уялъулъги хьамулеб буго г1оралде, гьанжесала багвалазул лъим буго «т1огьолай Пат1ина» хвеялъе г1илла, амма хвалде гьей ах1ана т1олго кьибилалъ, жиндийго вокьарав т1аса вищизеги теч1ого. Гьанже киг1ан кьуркьуданиги, гьелда рух1 бижиларо:

Г1урул бикьи бакьулъ

Рукьбал рикьарай,

Кьибил пашман гьабун,

Лугбал щущурай.

Муг1рузда бакъваяб

Багвалазул лъим,

Г1олохъанаб месед

Йехе ячараб.

Эхеде буссаяб

Х1абургъараб г1ор,

Т1огьолай Пат1ина

Ят1а гьаюоаб.

Ширванищ вук1арав,

Къурайши бика,

Цогидав восизе

Къабулгут1изе?

Авар халкъалъул маг1абазул ц1ех-рех гьабулаго, ратулел руго цого чиясе гьабураб чанго маг1у.

Сайт создан по технологии «Конструктор сайтов e-Publish»