Цебераг|и

 

Халкъалъ ургъарал, цоцазе рицун т1ирит1арал ва г1елалъ г1елалъухъе кьун ц1унарал художествиял асаразда халкъияб к1алзул гьунаралъул яги фольклориял асаралилан абула.

Гьединаллъун ккола жиделъ халкъалъул анищал, хьулал, лъик1лъи-квешлъиялъул,берцинлъи-сурукълъиялъул 1акъалъулъ ругел пикраби гвангъараб ва г1ужилаб каламалдалъун загьирлъарал маргьаби, куч1дул, биценал, харбал, кицаби, абиял, бицанк1аби.

Фольклориял асараз халкъалъул г1умру, анищал, къасдал, хьулал рихьизе, рит1ухълъи ва эркенлъиялъе г1оло зулмучаг1азде данде гьабураб къеркьей цебеч1езабизе кумек гьабула.

Халкъияб асар — гьеб г1емерал г1адамалги данде рак1арун ургъараб асар кколаро. Литературияб асарго г1адин, халкъияб асарги цин цо гьунар бугев чияс ургъула, хадуб халкъалъухъе щола, цояз цоязе бицунаго, кеч1 бугони, ах1улаго, лъут1а-къот1ун, къач1ала. Халкъалъ росула г1иц1го лъик1ал асарал ва, к1очене риччач1ого, наслабаз наслабазухъе кьун, ц1унула.

Лъица т1оцебе халкъияб кеч1, маргьа, бицен ургъарабали нилъеда лъазе к1оларо. Гьезие ахирисеб щвалде щвараб маг1-наги формаги халкъалъ кьун буго.

Халкъиял асараздаса г1ат1идго пайда босула поэтаз, хъва-дарухъабаз, композитораз, художниказ. Гьезулги лъик1ал аса­рал халкъияллъун лъугьун руго. Масала, халкъиял г1адин, так-рар гьарулеллъун руго Дагъистаналъул поэтал Ятим Эминил. Г1умарил Батирайил, Хъах1абросулъа Мах1мудил, Инхоса Г1алих1ажиясул, Йирчи Гъазахъил, Ц1адаса Х1амзатил, Х1амзатил Расулил цо-цо куч1дул.

К1удияб Октябралъул революция бергьинег1ан фольклор аслияб куцалъ к1алзулаб формаялда цоцахъе кьун ц1унун хут1и гуреб, гьеб бак1арулел, хъвалел яги гьелда т1ад г1елмияб х1алт1и гьабулел чаг1и къанаг1атго рук1ана. Советияб заманалъ к1алзул гьунаралъул асаразда т1ад х1алт1и гьаби, гьеб цебет1езаби кинабго халкъалъул, т1олабго пачалихъалъулаб ишлъун ккана. Нилъер улкаялда щибаб соналъ фольклориял асаразул г1езег1анго т1ахьал къват1ире риччала. Фольклор халкъалда гьоркьоб т1ибит1изабулел ва гьелъул ц1ех-рех гьабулел хасал г1елмиял институтал рагьун руго.

Сайт создан по технологии «Конструктор сайтов e-Publish»