Тема 4.  Маг1арулазул бертадул куч1дул – маг1аби

 

Бертадул куч1дузул хал гьабулаго, миллат-мац1алъухъ, бак1алъухъ яги диналъухъ балагьич1ого, гьезул киназулго батула цо г1аммаб рахъ, киналго халкъазе хасиятаб цо къаг1ида. Васасе хъизан гьаби яги яс ригьнаде кьей маг1арулазеги киналго заманабазда к1удияб лъугьа-бахъинлъун бук1ана. Цебего батараб г1адат бук1ана, васасе бах1арай гьесул эбел-инсуца т1аса йищулеб. Г1олилазда гьеб суал дандбалароан г1емерисеб мехалъ. Эбел-инсуца т1аса бищараб ригьин васасе яги ясалъе къабуллъулареб ккани, гьелъул х1асилги талих1 къосараб карал х1ужаби г1емер дандч1валаан. Маг1арул г1адаталда рекъон васасе гурони, ясалъе жиндирго рек1ел асар загьир гьабизе ихтияр бук1инч1о. Лъималазул къисмат эбел-инсуца т1убазабиялъул бук1ана цогидаб рахъги. Гьел материалияб рахъалъ т1уранго эбел-инсуда рараллъун рук1ана. Бертин гьабиялъулги цогидалги харжал эбел-инсуда т1аде кколел рук1иналъги лъималазул ихтияр бук1инч1о гьезул мурадалде дандеч1ун жидеего бокьараб ригьин т1аса бищизе.

Цебе заманалда ригьин гьабулезда гьоркьоб ригьалъул рахъалъги к1удияб бат1алъи бук1унаан г1емерисеб мехалъ. Масала, 40-45 сон барав, цебеккунги лъимал-хъизанги бугев чиясе ячунаан 14-15 сон барай яс. Гьединал бихьинал г1емерисеб мехалъ бечедал, ясал мискинаб хъизаналдаса рук1унаан. Яги гьелъул г1аксалда ригь арай бечедай г1адан мискинав г1олохъанчиясе ячиналъулги кколаан х1ужаби. Гьединго маг1арухъ билълъанхъараб г1адат бук1ана жеги кинидаго йигей яс абун теялъулги. Г1адаталги къаг1идабиги кинал рук1аниги, ясазул ихтияр бук1инч1о жидерго къисмат т1убаялъул суалалде гьоркьоре лъугьине, гьеб гьездаго гьикъич1ого эбел-инсуца т1убалаан. Гьедин гьарулел г1емерал ригьназдаса яс разиго йик1унароан. Рагьун жидер къварилъи загьир гьабизе рес гьеч1ел ясаз жидерго ургъел бикьулаан куч1дузде. Гьедин бижараб буго бертадул маг1абиян  ц1ар жидее щварал куч1дузул хасаб тайпа. Гьединал жидецаго ургъун гьарурал куч1дул ясаз ах1улаан гьудул-гьалмагъзаби ругел бак1азда. Г1емерал г1адамазда гьел раг1изари г1адаталда рекъеч1еб, бегьулареб жолъун рик1к1унаан. Гьединал куч1дул хвел букъиялъул куч1дузда-маг1абазда релълъарал ругилан хъвалеб буго аваразул халкъияб лирикаялъул ц1ех-рех гьабулев г1алимчи Сиражудин Х1айбуллаевас. Г1емер кколаан х1ужаби вокьуларев чиясе ине къабуллъич1ей ясалъ жийго кьурулъа гъоркье к1анц1илелде гьединал маг1аби гьариялъулги. Г1езег1ан заманаялъ адабияталъул г1алимзабаз гьединал куч1дул-маг1аби хасаб т1елалде рикьун рук1инч1о. Гьелъие г1илла батизе бегьула гьединал куч1дул халкъалда гьоркьор хвел ккедал гьарулел маг1аби г1адин т1ирит1ун, машгьурлъун рук1инч1олъиги. Амма гьедин бук1аниги, рехсараб тайпаялъул куч1дул-маг1аби дандч1вала маг1арул киналгоги районазда. Гьединаб буго бат1ияб росулъе росасе кьолей Ч1арада районалъул ясалъ гьабурабин нахъе хут1араб гьаб кеч1:

Мач1и ккураб рукъалъ ч1ег1ер бан буго,

Ч1ух1араб хъарчигъа жаниса индал.

Ч1урканаб дир лага х1алуцун буго,

Х1ал карай Х1алимат къват1ий яхъиндал.

Цее балагьани, рохьал рихьула,

Рихьиларо дида кьерилал ясал.

Нахъехун юссани кьуру бихьула,

Кьезе к1варай киндай чияр росулъе.

Г1урусазул бертадул куч1дузулъ г1емерисеб мехалда гьезул г1адат-г1амал, къаг1ида бихьизабун батула. Дагъистаналъул халкъазул, гьездаго гьоркьор маг1арулазулги гьединал куч1дул къанаг1атги маг1абилъун рук1унаро. Гьелъие г1илла ккола нилъер гьаниб ясал жидее вокьуларев, жеги гьезда жидедаго лъазецин лъаларев чиясе кьеялъул х1ужаби г1емерал рук1ин цебе заманалда.  Гьеб гуребги, щибаб лъугьа-бахъиналда бан щияй бах1аралъе хасияталги руго маг1арулазул гьединал куч1дул. Жиндирго хадусеб къисмат цебеч1езвбурал руго бах1аралъул гьал раг1аби:

Г1адалай гурейги дун йик1унейдай,

Т1егьалареб гъот1ой хъулухъ гьабурай.

Ах1макъай гурейги дун ятиладай,

Боц1ухъ черх бичарай эбел-инсуца.

Рук1унаан х1ужаби т1аде къо щвараб мехалда гурони ясалда жий лъие къаси кьолей йигеялицин лъаларелги. Гьединаб къисмат ккарай г1олилалъ угьарал руго гьал жугьаби:

Магьари лъеялъул лъай батич1ей дун

Лъабго чиги вач1ун гуккун ятана.

Пурман босулелъул ц1ар бахъич1ей дун,

Ц1елмах1иеги кьун хварай г1адада.

Ячее, эмен, нахъе х1алихьатихъа,

Х1алал гьабун кьелин квер т1урк1ич1ого,

Кьурда Ван вакъвалев г1урусасег1ан

Г1азаб бугин дие гьаб рокьиялъул.

Г1емерал гьединал куч1дузулъ жидерго ургъел-къварилъи ясаз бикьулеб буго т1абиг1аталде, гьелъ жидер рек1ел х1ал бигьалъизабулеб г1адин. Гьедингогьез жидер къисматалъеги мут1иг1лъун хьул гьабулеб буго кида-къадги талих1алъул бакъ баккилилан, рек1ее къабулав васасулгун г1умру бухьинабизе щвелилан.

Щайдай дир эбелалъ дунго гьаюрай,

Гьадиг1ан гъваридаб къориний ккезе.

Щай, эбел, ц1ехолеб дуца бечелъи,

Ракъуца хваразул хабал кир ругел?

Т1убач1еб рокьул асар свинч1ей г1олилалъ вокьулесде юссун абурал руго гьал раг1аби:

Дудаги дидаги гьоркьоб щоб бугин,

Щиблъиладай, Г1али, нилъ к1иязулго.

К1ияздаго гьоркьоб мич1ч1ил к1к1ал бугин,

Бичас рекъон хъваги нилъер къадарал.

Вокьуларев чиясе кьурай г1аданалъ гьев сурарабщиналда релълъинавурал жугьабиги г1емер дандч1вала гьединал куч1дул-маг1абазулъ.

Мич1ч1ил ч1вадан квараб ч1ег1ераб х1ама,

Ч1ег1ерал дир берал гьекъезе къасдищ?

Салул х1ор гьекъолел х1улараб ябу,

Х1алалаб дир магьар лъезе хиялищ,

Лълъар бекараб г1ака, г1ин гьеч1еб бече,

Дуе чури т1езе дир х1ал к1веларо.

Гьород босун х1ули х1ежалде щола,

Щвелинго кколаро мун дир рак1алде.

Гьединго ясалъ Аллагьасде гьарулеб буго гьедиг1ан рихарав чиясулгун жиндир къадар хъвагеян ва абурасе наг1ана кьолеб буго:

Х1орил раг1алда габур хъвач1еб хъаз,

Хъвагеги Аллагьас дургун дир къадар.

Къисматалъ кинаб х1укму къот1аниги, хадубккун жиндирго талих1алъе г1оло къеркьезе анищалда йигей г1олилай жиндирго вокьулесда гьадин абулеб буго:

Рокьи ккун батани, кьеян чи вит1е,

Кьалбал чакарулаб чамасдакул гъвет1.

Балай бергьун ккани х1алица яхъе,

Х1алица бижараб хурмадул к1вагъаш.

Дуе дун кьеларин кьибилги бугин,

Къач1ай баг1араб чу, баг1араб месед.

Кьуниги теларин тухумги бугин,

Кьолбода малги бай, дида къвалги бай.

Гьединги мурадалде щвеялде щаклъи ккарай ясалъ т1адеги гьадинаб гьари-дуг1а гьабулеб буго:

Муг1рузда щущаги щолареб рокьи,

Щоларел ратани нилъ мурадалде

Щобазда биххаги берзул балагьи,

Хъваларел ратани нилъер къадарал.

Бертадул куч1дул-маг1абазулъ г1емер дандч1вала эбел-инсулги лъималазулги раг1и данде ккунгут1иги даг1ба-къецги. Гьединаб мехалъ г1олилаз х1аракат бахъула жидецаго жидерго къисмат т1убазабизе. Гьадин абулеб буго вокьулесда жидерго анищ т1убаялде хьулги гьабулаго ясалъ:

Нилъер къадар хъвалеб къалам раг1улин,

Къот1ун кисиниб лъе, Камалил Башир.

Мурадал т1уралеб Т1амах раг1улин,

Т1ун кодобе босе, санаг1ат берцин.

Мурадал т1уралищ, санаг1ат берцин,

Бищун рокьаралги кьалуе ч1едал.

Гьединал жугьаби раг1идал эбел-инсуца яс бертадул къо щвезег1ан рокъой туснахъ гьаюла. Гьелъ дагьайги х1алуцинаюрай г1олилалъ вокьулесде ругьел щвезабизе кумекалъе бач1аян миккиялде ах1и бала:

Билълъа гъарин, микки, х1ал кканин дуде,

Х1алуциндал хъвараб кагъат босун а.

Муг1рул къот1ун щолеб щобил баг1арбакъ,

Унго мун щвеч1они щай дие росу.

Щоб къот1ун баккулеб канаб шагьри моц,

Щиб сабаб гьабилеб гьаб дунялалда.

Х1акъаб жо гьединал куч1дул-маг1абазулъ аслияб куцалда х1алт1изарула рокьи ккаразул рек1ел х1ал загьир гьабулел т1абиг1иял дандекквеял. Цебеккун рехсараб коч1олъги г1олилалъ цох1о миккиялъе гуребги бакъ-моц1алдеги балеб буго гьари жиндир мурад т1убазе кумек гьабеян. Гьединго гьанинал асаразулъ т1абиг1иял хиса-басиял дандеккола инсанасул рек1ел х1алалда. Гьенибго загьирлъула чиясул къисмат т1абиг1аталдаса бат1а т1ураблъун гьеч1олъиялъул х1ужаги.

Ц1ад бани чучулеб чабхил к1к1ал г1адин,

Дун чучулей йиго, чергесав гьудул.

Чиладул рухьаца юхьарай гьалмагъ

Гьадин кинан тарай, т1алих1 дур къаяв.

Борхатаб къадад къокъаб Мали ч1ван

Къеркьон пайда гьеч1о, ч1ела г1енеккун.

Къадал сверабазда ишанал гьарун

Т1ок1ав мун сверуге дир свериялде.

Цо-цо куч1дузулъ г1олилалъ жиндирго рек1ел х1ал рагьун загьир гьабулеб буго ва жиндирго талих1алъе г1оло щибго бахчич1ого къеркьезе х1аракат бахъулеб буго.

Гьавищха, дир эбел, дун гьарулев вас,

Нилъер х1амилалда х1ат1ал релълъарав.

Гьавищха, дир эмен, дун кьолев х1ара,

Х1амил к1артилалда г1ундул релълъарав.

Валагьи инаро, г1азизай эбел,

Дир нусабго лага къот1-къот1аниги.

Талагьи инаро, хирияв эмен,

Ракьулъ ч1агого дун дуца лъуниги.

Инкъилаб ккезег1ан цебе ригьин гьабулагок1вар бугеб суаллъун рик1к1унаан тухумалъул къадру-къиматги. Живго чи кинав вугониги, тухум къадруяб бугониги, гьединаб бак1алде яс кьезе гъира бук1унаан гьелъул эбел-инсул. Гьелдасаги к1вар бугеблъун бук1ана бечелъиги. Ресалда ругел г1адамазул яс ячине яги гьединаб рокъое жидерго яс ккезайизе х1аракат бахъулаан эбел-инсуца, лъималазе бокьи бокьунгут1иялъухъ балагьич1ого. Гьедин бечелъиялъухъ балагьун ригьнаде кьурай ясалъ абурал руго гьал коч1ол раг1аби:

Дун йичун босараб баг1араб дарай,

Мусруде жемаги дир эбелалда,

Дун йичун босараб баг1ар чинара

Хабада хъвехъаги дир инсудаса.

Г1емер дандч1валаан ясалъухъ жидее щвараб давлаялда рази гьеч1ел эбел-эменги. Гьез х1аракат бахъулаан г1олохъанаб хъизаналда гьоркьобе ракьа рехизе. Амма жал цоцазе рек1ее г1урал рос-лъадуе гьелъул к1удияб ургъел бук1унароан. Гьеб бихьулеб буго гьаб коч1одасанги:

Дир рек1ел анищал щурулев Шамил,

Кидадай къот1ила гьал къват1ул харбал.

Бицараб раг1уе мун хилиплъани,

Г1урулъ к1анц1ун хвела, нахъе мунги тун.

Г1арцул кьилиги лъун кьолой аргъумахъ,

Кьибил г1одилел тун г1орал рахине.

Меседил ц1ал хьваг1е ц1ах1илаб чоде,

Ц1аруего тела гьаюраб росу.

Жий жаний гьаюраб ва г1ураб инсул рукъги тун росасул рокъое уней ясалъ абурал руго гьал раг1аби:

Г1умру жаниб араб ч1ух1араб мина,

Т1ок1ай свериладай дун дур рукъзабахъ.

Бертадул куч1дул-маг1аби маг1арулазул г1иц1го бах1аралъ гьарурал, гьелъ ах1улел руго. Цоги-цоги халкъазул гьеб тайпаялъул куч1дул бах1аралъ гурелги г1емерал ясаз цадахъ яги цоги г1аданалъ бах1арай гьоркьой ккун ах1улелги руго. Масала, гьедин буго лезгиязул, рутулазул ва цо-цо халкъазулги.

Гьединал асаразулъ бицен гьабулел лъугьа-бахъиналги ах1вал-х1алги бат1и-бат1ияб бук1аниги, маг1на гьезул цого буго. Гьений кидаго бах1арай йихьизаюн йик1уна пашманай, жиндирго къисматалдаса рази гьеч1ей. Бах1аравин абуни щибго жоялъе бажари гьеч1ев, г1акълукъав, сурукъав, тувадахъав. Гьаниб бертадул куч1дул-маг1абазе мисалал г1езег1анго рехседал, мустах1икъаб бук1инин ккола маг1арул бат1и-бат1иял росабалъа рак1арарал жалго бертадул куч1дулги рак1алде щвезаризе. 

Бертадул куч1дул

Нижер бах1алда х1ур хъвалебилан,

Х1ежрул микки буго кваркьи хьваг1улеб.

Нижер бах1аралда х1ур ккелибилан,

Щуго т1авус буго т1асан свердулеб.

Бах1арасул эбел, салам г1алайкум,

Бах1арайги ячун, гьале ниж рач1ун,

Г1арцул чайникахъе чакарги хъурун,

Чинидул сурк1бухъе гьоц1оги бец1ц1ун.

Нижгийищ рач1инел, нужгойищ г1елел?

                    *******

Бах1аралъул эбел, мун х1алуцунге, -

Х1ал гьабун яхъларо дур лугбал чергес.

Бах1арасул эмен, мун къварилъуге,-

Къоккун ячинаро васасе ч1ужу.

                  ********

- Бах1аралъ гъамас анищ?

- Ана.

- Гъансиниб лъун дарай анищ?

- Ана.

- Дарай къот1изе к1векьмахх анищ?

- Ана.

- Каранда ч1ван рук1к1ен анищ?

 - Ана.

- Килщида ххун баргъичанищ?

- Ана.

- Гьеле ц1акъай бах1арай.

                ********

Рач1а, г1олохъаби, г1олилал ясал,

Данделъизин жакъа рохалил къоялъ.

Къач1ай бах1аралъул бертадул рет1ел,

Рет1е хъах1аб рет1ел, яхъа къват1ие.

Уней йиго жакъа жавгьаралъул х1инч1

Х1урулг1инзабазул азбаралъуе.

Малаик г1адинав васасе йокьун,

Кьолей йиго ясай алжаналъуе.

Т1ок1аб гьари гьеч1о дур эбел-инсул,

Бищунго хирияй мун йиго азул.

Дуе буго бабал кинабго рокьи,

Дуе буго инсул кинабго анищ.

Турун, кодобецин ракьа щогеги

Рокьиялда гьоркьоб кьал гьабуразул,

Теларилан абун данде к1анц1арал

Араб бак1 лъач1ого рац1ц1ун т1аг1аги.

Рохалил къо борхун, т1аде рач1арал,

Рач1а кинацаго беоцинлъи гьабе.

Сух1маталъул т1от1ол, т1аг1амаб кванил

Кванай кинацаго, тату бихьизе.

Рач1а кинацаго рорхея лълъарал,

Бах1аразул рохел, сахлъиялдасан.

Бах1арав, бах1арай, гьарула дица,

Кинабго берцинлъи гьаб дунялалъул.

Кьеги нужей талих1, таги кидаго

Цоцазе гьуинлъун, рак1ал хвеч1ого.

Нахъеги гьарула дица нужее

Зугьралгун Т1агьирил берцинаб рокьи.

Ц1ияб г1умруялде нух бит1аги дуй,

Бах1арасул рокъоб рохел батаги.

Нуж к1иялго цадагьрилълъараб нухда

Меседил лъалк1 таги нужер х1ат1аца.

               ********

Жакъа мун унеб къо - билбаг1араб къо,

 Баг1ар меседица росу толеб къо.

Цинги мун унеб къо, лах1ч1ег1ераб къо,

Ч1ег1ерал бераца маг1у т1олеб къо.

Чот1е яхунелъул эбел г1одарай,

Г1одой рещт1унелъул якьад йохарай.

Мун г1адай гьаеги эбелалъе яс,

Кьибил-тухумалъул гьумер гъвангъарай.

               *********

Вай нижер бах1арай, нижер бах1арай?

Меседил гъансиниб чакар г1адинай.

Вай нижер бах1арай, нижер бах1арай,

Муг1рузда йижарай, муг1рузда г1урай.

              **********

Узбек гулгун г1адай габур халатай,

Гендерил гъабуг1ан гъалал халатай,

Хундерил Бикалг1ан берал чалухай,

Бах1арайин йигей нижер берцинай.

             **********

Бохдулги квасулай нижер канай нус,

Квералги нахулай нижер бах1арай.

Баргъич кинаб бала, нижер канай нус,

Курхьен г1ебаб бала г1ебеде щведал.

              *********

Г1одуге, г1одуге, ц1ияй бах1арай,

Г1урус ракьалдехун хъван гьеч1окъадар.

Мун щайзе г1одулей, ц1ияй бах1арай,

Дудаса бач1араб г1адат гуро гьаб.

Нижер бах1аралъул бух1араб маг1у

Гуллалъун реч1ч1аги нужер каранда.

Бах1араб г1умруги г1олохъанлъиги,

Г1езег1ан гьабуна, г1ела гьанже гьеб.

Гьарулев чих ваял гьал гормендаби,

Г1уралщинал ясал г1одизарулел.

Г1одулей, угьдилей эбелги танин,

Тана гурищ, Пат1и, дуца инсул рукъ.

Я, Аллагь, биххаги Хасавюрт-базар,

Балъго бах1аралъе рет1ел бичулеб,

Жегиги риххаги ххамил тукаби,

Г1олохъанал ясал херлъизарулел.

           ********

Бах1арай къокъунел халатал нухал,

Хвалчацаги къот1ун, къокълъуларелдай.

Нижер бах1аралъул къолода жаниб

Найил гьоц1о буго, ц1ор чакар буго.

Нижер бах1аралда х1ур ккелебилан

Х1авадул гъвет1 буго т1аде гьерщелеб.

Нижер бах1аралда Бер балебилан,

К1иго т1авус буго т1охил раг1алда.          

Сайт создан по технологии «Конструктор сайтов e-Publish»