Тема 7. Аваразул халкъиял биценал (притчаби)

 

Аваразул халкъияб к1алзул творчество ц1акъ бечедаб буго, бечедаб буго гьеб жанраздалъунги. Гьезул цояб ккола притча – лъугьа-бахъин, бицен.

Жанр х1исабалда притча ц1акъго цебего лъугьана адабияталде гъорлъе. Притчабазул бугеб к1варалъул, гьезул гъварилъиялъул, г1акъиллъиялъул бицунго х1исабалде босизе ккола Авестаздаги, Талмудалдаги, Библиялдаги ва Къуръаналдаги гьел ц1акъ гьарзаго х1алт1изарун рук1ин.

Дагъистаналъул халкъазул притчабазулгун гьездего г1агариял фольклориял г1исинал прозаикиял жанразулги (басняби, анекдотал) буго г1асраби гъорлъе рачараб жидерго тарих. Хъвавулал документал гьеч1олъиялъ гьел ругилан абизе бегьула халкъалъул г1умруги, гьелъул рух1ияб культураги, рук1а-рахъинги нилъее рагьулеб цох1ого цо батараб нухлъун.

Бакъбаккул улкабазул нек1сияб литератураялдасаго г1адин, Дагъистаналъул г1адамазда лъик1 лъалаан жидерго умумузул к1алзулаб творчествоялдаса г1ат1идго пайда босизе.

Доб заманалъ рук1арал г1емерал бат1а-бат1а ч1ун маг1ишат-г1умру жидерго бугел росабазул жамаг1атазе, гьединго маг1арулазул, «эркенал» обществабазе нухмалъи гьабулезе ц1акъго х1ажатаб, ишалъулъ чара гьеч1еблъун бук1ана дипломатияб рахъалъулъ г1адиллъи, берцинлъи, г1акълуялъул гъварилъи, бак1алъулал г1адатал лъазе ккей. Гьединлъидал, т1оцебесеб иргаялда, гьединал обществабазул бут1рузе къиматаб, къадру ц1ик1к1инабулеб рахълъун бук1ана раг1ул бег1ерлъи ва гьелъул берцинлъи.

Притчабазул тарих нилъеда батула ц1акъго цебе заманалда бижараб, гьезулъ халлъула языческияб дин бук1араб заманалъулго лъалк1алги. Гьелъие нуг1лъи гьабула притчабаздасан бихьулеб культалъулаб, ай хасс гьабун цо сунданиги ц1акъ божи, гьелда иман лъей, масала, рукъ бакьулъч1вараб х1обода божи, гьелъулъ кинаб бук1аниги х1алк1олъи бихьи; ялъуни г1адаталъул цо-цо квешал рахъал сабаблъун гьел х1айваназде яги ганч1азде сверизари ва гь.ц.

Масала, «Чанахъанги г1анк1ги» абураб притча.

Цо чанахъанас ккун бач1уна г1анк1. Т1аса т1омгги бахъун тун бук1араб гьеб г1ажаибаб куцалъ т1аг1уна. Гьев чанахъанасул инсул г1акълуялда рекъон, гьес жиндирго гьойда гьарула гьайбатаб доб г1анк1 балагьеян. Притчаялъулъ гьеб гьойги буго жинда бук1инесеб цебеккунго лъалеб, х1икматаб гьой. Кидаялиго, г1адамаз бицанихъе, гьеб гьойда цебеккунго лъан бук1аначанахъанасул к1удадал хвел г1агарлъулеб бук1ин. Гьелъго бицун, чанахъанасда лъала гьадаб г1анк1алъ х1ажаталъул бак1алда меседил гъурщал ралеблъи. Цо нухалъ г1анк1алъ гьарула чанахъанасда жиб рохьобе биччаларищан. Хъант1иялъ, бечелъиялдасан Бер г1орц1унгут1иялъ, гьеб т1аг1ине Гурин х1инкъиялъ чанахъанас гьелъие инкар гьабула. Рак1 бакъваялъ г1анк1 унтула. Холеб бугониги гьес т1амулеб бук1ана г1анк1 меседилал к1уч1ал разе.

Нахъисеб къоялъ, г1анк1ил рух1 лъуг1ула, бугеб бак1алдаго гьеб хола. Хъант1арав ва т1ок1аб месед щвеларин ургъел ккарав чанахъанги г1анк1 хун лъабго къоялдасан хола.

Ц1акъго цебего жиб бижараблъун бихьула «Чахъдаца рокъоса балагьалъул х1уби къват1ибе гъураб куц» абураб притчаги. Цо чиясда ч1алг1уна кидаго мискинлъиялда вук1ин, гьединлъидал гьес х1укму гьабула рокъоса «балагьалъул х1уби» къват1ибе гъезе. Гьеб иш т1убазе бажарула цох1ого цо чахъдада. Гьеб чахъдаца мискинчи бечед гьавула. Гьелде щвезег1ан гьас гьебгл жо гьарун бук1араб я г1акдада, я х1амида, яги цогидал рукъалъул х1айваназда гьеб бажарун бук1инч1о.

Гьаб притчаялъ нуг1лъи гьабула маг1арулазул г1умру-яшавалъулъ г1и-боц1ул бук1араб к1удияб к1варалъул, г1и-боц1ухъанлъи аслияб къаг1идаялда цебет1ураб маг1аруллъи гьелъ хьихьун бук1иналъе. Бищун баракаталлъун гьез рик1к1унаан г1иялъажал, гьединлъидал гьаб притчаялъги г1ияе к1вар кьун буго. Балагьараб мехалъ, гьелъул образ Къуръаналдаги лъик1аблъун бихьизабун буго, масала, къурбан хъвей. Гьелдаго релълъун, хъизаналъул рукъалъул баракатлъун, талих1лъун кинаб бук1аниги рукъалъул х1айван ялъуни кинаб бук1аниги т1аг1ел бук1ана. Гьебго г1адатлъун буго Каваказалъул цоги халкъазе – грузиназе, абхазазе, армяназе, карачаевазе.

Талих1къосиналде, квешлъиялде данде ч1езе ккани, маг1арул халкъалъул г1адамаз мугъч1валеб бук1ана т1абиг1аталъул къуватазда, х1исаб гьабураб мехалъ, аслияб къаг1идаялда, рукъалъул х1айваназда, гьебги, бищунго рик1к1унел, рес буголъи жидедаса бугезда. Гьелъ батила, гьаб притчаялда гьединаблъун чахъуги бугеб.

Щибха маг1арулазда гьеб «балагьалъул х1убиялъулъ» бихьулеб бук1араб, щиб маг1на гьез гьелда гъорлъ лъун бук1араб? Щибаб рокъоб бук1инч1ого рес гьеч1еб, рукъ бакьулъ бук1ине кколеб г1адаб, гьелъул цо чара гьеч1еб бут1алъун бук1араб, т1ох кквезе ч1вараб г1адаб х1уби маг1арулазе бук1ана талих1алъул, баракаталъул, наслу бижиялъул, рукъги гьениб бугеб хъизанги биххунгут1иялъе ишаралъун. Гьеб х1убиялъул жидедехунго «рак1 батизе» г1оло, жидедаго гурх1изе, жидедаса гьеб рази гьабизе г1оло рукъалъул хважаинзабаз гьеб накъищ бахъун гьеб берцинго къач1алаан, ч1агояб жоялдехун г1адинаб бук1унаан гьелдехун бербалагьи. Гьелда хъвалаан бер-к1алалдаса рукъги рокъоселги ц1унулел дуг1абигун ишараби, гьелдасан лъалаан рокъосел гьарурал къо-моц1ал, рак1алда ч1езе рокьарал лъугьа-бахъинал. Рукъалъул хважаинасда г1емерисеб мехалъ маг1арулаз «рукъалъул х1уби» - ян абула, гьелъие г1иллаги бук1ана гьев гьебги  гьелъул баракатги ккурав, гьеб кваназабулевги гьеб ц1унулевги чи кколевлъи.

Аваразул притчабазулги г1емер рахъазулаб, бат1и-бат1ияб тематика буго. Гьебги, чара гьеч1ого, бухьараб буго халкъалъул рук1а-рахъиналда, сверухъ бугеб т1абиг1аталда, хъизан-рукъалда. Инсанги г1умруги церет1унаг1ан гьезул к1алзулаб творчествоги цебе т1ола, бег1ерлъула, инсан т1адег1ан гьавиялде бач1уна. Масала, ч1ужуг1аданалъулаб рахъ босани, гьелъул х1акъалъулъ буго притча. «Кинай ч1ужу лъик1ай йик1уней – дурго тухумалдасайищ, чияралдасайищ?» Гьаниб ц1ик1к1ун к1вар кьолеб буго г1агарлъялда жанибго ригьин гьабиялъул г1адаталде.

«…Рихьуниса Аджикица Мух1амадида абула: «Нужоца васазе лъудбилъун жидерго яцг1алзаби рачунел руго. Нижехъ гьединаб г1адат гьеч1о», - ян.

Мух1амадица досда гьикъула:

- Нужер тухумалда чан г1адан йигей росгун ят1алъарай?

Аджикица жаваб гьабула анц1ила к1игоян.

- Нижер тухумалдайин абуни цониги рат1алъарал ро-лъади гьеч1оха, - ян абуна Мух1амадица.

Руго притчаби ч1ужуг1аданалдехун ц1акъ нахъе ккараб бербалагьи бугел, гьей г1одоег1ан гьайи гуребги, гьей йижи ва йик1ин жиндирго рокъосезе пайда гьеч1ейлъун бихьизабулелги.

Босизин «Ханги ц1ул гьабулев чиги» - йин абураб притча. Щибаб къоялъ чанаве унелъул ханасда ватулаан ц1ул х1адурулев чи. Данде гьабураб ц1улал мач1у бищун рорхатал гъут1бузул т1огьазде щун баханиги, гьев х1алт1улев вук1ана. Хан ц1акъ х1икмалъана гьедиг1ан к1вах1 гьеч1ев, свак лъаларев инсан вихьидал ва цо къоялъ гьесда гьикъана:

- Щай дуе гьедиг1анго г1емераб ц1ул?

- Дица бет1ербахъи гьабула гьаб ц1уладалъун, - ин жаваб кьуна ц1ул гьабулев чияс. – Гьеб бичун щвараб г1арац дица бикьула лъабго бут1аялде. Т1оцебесеб диего тола, к1иабилеб – къарзалъе кьола, лъабабилеб – г1урулъе бала.

- Кинха мун вич1ч1изе кколев? – ан виххун хут1ана хан. – Гьелъул маг1на бицеха дида.

- Т1оцебесеб уна дунгоги ч1ужуги хьихьизе, къарз х1исабалда г1езарулел руго дица дирго васал, г1урулъе балеб – гьеб ккола ясазда т1ад хвезабулеб.

Гьаб притчаялъ бихьизабухъе, патриархалияб обществоялда ч1ужуг1аданалъул бак1 ц1акъ г1одобег1ан гьабун буго; доб ясалда харж гьабулеб г1арац г1урулъе баялъе г1иллаги – ясал чияе г1езари кколеб буго.

Гьединал притчабазда цадахъгоаваразул фольклоралда дандч1вала цо-цо г1адатал къват1ир ч1вазарулелги.

Мисалалъе босани, «Гьеб бац1ие ригьнаде к1иго ц1уяб бац1 баче» абун ц1ар лъураб притча-анекдоталъулъ махсароялъулаб къаг1идаялъ рихьизарулел руго лъудби г1емеразе х1адурун ругел зах1малъаби: «Жидее ц1акъ г1емераб зарал гьабураб цо бац1 инхосез ахир-къадги кола. Гьелъее гьабизе бищунго кьварараб тамих1алда т1ад ал ургъулаго, т1аде щола Къурбанил Лабазан. Инхосез гьесулгунги г1акълу дандбайдал, Лабазаница абула:

- Валагь, гьудулзаби, гьеб бац1ие кинабг1аги тамих1 нужеца гьабуге, гьеб бац1ие ригьнаде к1иго ц1уяб  бац1 баче. Гьелдаса кьварараб твмих1 ургъизе зах1матаб жо буго.

Нилъеда лъала Дагъистаналда бекьулеб ракь мукъсанаб бук1иналъ, гьеб сабаблъун халкъалда гьоркьоб, г1асруялъ цебе гуребги, жакъаги рагъ-кьал къот1улеб гьеч1еблъи. Гьелъул х1акъалъулъги ратула биценал. Гьединаб буго «К1иго къоркъол х1акъалъулъ» притча. «Цо нухалъ к1удияб даг1ба ккола гьидеридаги бакълъадеридаги гьоркьоб ракь сабаблъун. К1иябго росдал хараби данделъун, х1укму къот1изе рак1алде ккола. Гьандихъа ч1ужуги ячун, гьенивго г1умру гьабун ч1арав цо гьидалъес абула:

- Гьаб гьидерил гуро, гьез х1алица бахъараб буго.

Мач1адаса Мурадилас гьесул раг1и гьереси гьабизе гьаб притча бицуна: «Цо х1ориниб г1умру гьабулеб бук1уна к1иго къверкъ. Цо нухалъ к1иялъго х1укму гьабула тира-сверизе къват1ире рахъине. Гьазда батула цо ц1адал х1ор. Цо къоркъоца цогиялда абула:

- Рач1а гьаб х1оринирго ч1езе.

Гьелъул гьудулалъе гьеб гьеб х1орги цояб къоркъол х1укмуги рек1ее г1оларо:

- Гьаб х1ор ц1адал лъугьараб буго. Рилълъа, ц1ад бач1ониги мах1цинеги мах1цунареб, къунги унареб, нилъерго х1оринире.

Гьединги абун гьаб добе уна. Аб цояб хинаб ц1адал х1оринибго ч1ола. Дагьал къояздасан г1акъилабаб къоркъода рак1алде кола ц1ияб бак1алда жиндирго гьудулалъул г1умру-яшавалъухъ балагьизе ине. Гьенибе щведал, гьалда бакъван ц1адал х1орги батула, чехьат1аде рехун гьудулги батула.

Дов Гьандихъ г1умру гьабун ч1арав гьидалъесда Мурадилас абула:

- Гьадаб къоркъода г1адин, дудаги гьебха г1акълу. Гьаб ракь, гьудулавчи, гьидерил буго».

Доб заманалъ къват1ир ч1валаан жидерго росу-ракьги, тухум-кьибилги рехун тун, чияда гьоркьор г1умру гьабун ч1арал г1адамал.

  Руго маг1арулазул зах1маталъул х1акъалъулъги притчаби. Г1емерисеб мехалъ гьениб, мискинлъиялдаса рорч1изе ккани, г1акълу дандбалеб батула г1акъиласулгун, ялъуни бечедав чиясулгун. Аслияб къаг1идаялъ гьелъул х1асилги лъик1аб ккола (гьединал притсабаздасан руго «Къурбанил Лабазан ва ансалт1исев», «Даниял-бах1ри», «Буц1раса Г1усман ва мискинчи» ва гь.ц.) «Г1акъилги вехьги» - йин абураб притчаялда кивего раг1арав г1акъил Инхелоса Къурбанил Лабазание жиндирго къварилъи чучулеб буго цо вехьасю Гьес абулеб буго: «Г1умруго чияр г1и хьихьунги наха, вац, вук1аравго мискинчилъун жакъаги вугоха гьале», - ян. Г1акъилав Лабазаница гьесие жаваб кици т1амун гьабула: «Ракул къандалъо - бог1ол къандалъо» (ай, гьесие лъик1аб бук1инин ракь х1алт1изабиялде вуссин). Вехьас г1акълу босула, гьелда рекъон, ресалда г1умру гьабизеги лъугьуна.

«Ролъги буг1аги» - йин абураб цойгиги притчаялдаги батула могьолал культурабазул баракаталъ маг1аруласул г1умру ресалде бач1унеблъи жаниб бугеб пикру. Цо нухалъ буг1аялъ ролъалда абула:

- Рач1а нилъеца бечелъи данде гьабизе.

- Гьеб мегеж халатаб бугониги, г1акълуни гьеч1ебха дуда. Нилъеца бечелъи данде гьабизе кколаро. Гьеб нилъехъе жибго бач1уна, нилъго руго нилъ меседги г1арацги, - ян жаваб гьабула ролъуца.

Мугь г1езабизе ккани, маг1арулазда г1емераб зах1мат бихьулаан. Бекьулеб ракьалъул дагьлъиялъги, ц1адакълъиялъги, ц1ад баниги кутакал г1орал щун хур-хер хвезабиялъгигь. цогидал г1алимзабазги т1амулаан маг1арулал «ч1ег1ереб къоялде» мугь нахъе лъезе, гьелъул къимат гьабизе. «Хундерил Ханги гьидалъисевги» - йин абураб аваразул притчаялдаса раг1аби абилъун лъугьана маг1арулазе: «Гьойцагицин кваналареб жо нахъе лъун ц1унуге». Могьолал культурабазе гьеб притчаялдаги кьолеб к1вар бихьизабизе хундерил ханасда данде маг1арулазул цоги вилаятазул вакил гурев, гьидалъисев вачиналъе г1иллалъунги кола гьидерил ракь кидаго, гьанал рахъалъ гуребги, могьолал культурабазул рахъалъги бечедаб бук1ин. Гьелдаго релълъараб буго «Кинав бечедав вугев?» - абураб цойги притча. Могьолдал культультурабазул т1ок1лъи  бихьизабулеб пикру гьеб притчаялъулъ кьун буго к1иго ханасул бертадулал сайгъатал данде кквеялдалъун. Бах1арай ячине рач1арал Ярачу-ханасул г1агаразда т1ад Марка-ханас рет1уна г1иял къехьалъул гьарурал хъубчул.

Бах1арайгун цадахъ бах1арасул бак1алде ах1арал гьелъул г1агарал г1адамалин абуни Ярачу-ханас хъабхъазда т1ад г1одор рук1ине гьарула. Гьениб, кинав ханха бечедав вугевин абураб суалалда т1асан ккола даг1ба. Херазул данделъиялъ х1укмк къот1ула гьадин: бищун багьа ц1ик1к1араб жо – т1ощел ккола, гьединлъидал, хъабахъ бижулеб ракьалда мугьги бижулелъул, - Ярачу-ханги Марка-ханасдаса бечедав ккола.

Цо-цо притчабазулъ бихьизабун бук1уна г1адамасул г1адлияб рахъ, гьесие щвараб тарбиялъулаб рахъ, къват1ир ч1вазарун рук1уна г1акълу гьеч1олъи, хъант1лъи, ч1ух1и, рак1а-рахари гьеч1олъи ва гь.ц. хасиятиял рахъал – («Талих1», «Г1азулгун гьудуллъи», «Херав чиги хвелги» ва ц.). «Талих1» - ин абун ц1ар лъураб притчаялъулъ бицунеб буго рак1алдаго гьеч1ого щвараб талих1 г1адамаз щивас бат1а-бат1аго къабул гьабулеб бук1иналъул (талих1ги гьезухъе рещт1унеб буго цо бак1алдаса цойги бак1алде боржанхъун г1адаллъараб х1анч1ил сураталда): цо-цояз ц1акъ хъант1ун ккун ч1езабулеб буго гьеб, боржун ине гурилан х1инкъун; цо-цоялин абуни х1адур руго агъаз гьеч1ого жиндиего щвараб талих1 сверухъ ратанщиназе бикьизе; лъабабилезда гурони бич1ч1улеб гьеч1о бищун къиматаблъун меседилаб бакьулълъи кколеблъи. Гьаб притчаялъулъ маг1арулазул беццизе рекъараб г1амаллъун бихьизабулеб буго щибаб жоялъулъ дуруслъи, рак1а-рахари.

Цойги, маг1арулазе хасиятаб абилъун бук1ана «Аллагьас хъван батугеги ракъизе, валлагь ц1акъго г1орц1иги бихьугеги, - ян. Щайин абуни, ракъиялъ ц1огьалде рачуна, ц1акъго г1орц1иялъин абуни, г1амал ч1ух1иялде» (притча-маргьу «Шагь-Г1абас ва гьакихъаби»).

Г1умруги, гьелъул инги, унаго кколел хиса-басиялги халкъалъул к1алзулаб творчествоялъулъ рихьизарулел руго философиял кицабаздасан, нилъехъеги гьел щолел руго г1умруялъул мат1абилъун. Дуниялалъул ч1ей гьеч1еб свериги, гьелъул диалектикияб цебет1ейги бихьизабун батула нилъеда «Щибго даимаблъун бук1унаро», - ян абураб притчаялъулъ. «Рук1анила цоцаздехун гьоболлъи бугев к1игояв: цояв – мискинав, цоявин абуни, бечедав. Зама-заманалдасан цоцахъе гьоболлъухъеги щолаанила к1иявго. Цо нухалъ бечедав гьобол мискинасул бак1алде щванила ва кинниги абунила:

- Валлагь, лъик1 гьеч1еб г1умру бугоха дур.

Мискинас гьесие жаваб гьабунила:

- Щибго даимаблъун бук1унароха.

Нахъойги гьоболасде щвезе  вач1арав дов бечедасда гьаб нухалъ мискинав гьудуласул яшав г1езег1ан лъик1 лъугьун батула, живгоги росдал бет1ерлъун вищун ватула. Бечедас гьелдаса бугеб жиндирго разилъи загьир гьабула. Мискинасин абуни, доб цебесеб нухалъ кьурабго жаваб кьола:

- Щибго даимаблъун бук1унароха.

Дагьаб заман индалги вач1уна мискинасде щвезейилан бечедав гьобол. Гьаб нухалъ гьасда дов ч1аго ватуларо. Хабалазде щведал, гьоболасул хобалъухъ гьасда раг1анилан ккола долго раг1аби: «Щибго даимаблъун бук1унаро», - ян.

Уна сонал, къисматалъ нахъойги доб росулъе вачуна бечедав гьобол. Гьудуласул хабаде щвезе къасд гьабурав гьасда гьаб нухалъ досул хобгицин батуларо, щвараб г1оралъ гьеб ун бугоан.

Маг1арулазда гъорлъ аслияб къаг1идаялъ т1ирит1арал притчаби руго жиделъ тарбия кьеялъулаб рахъ ц1ик1к1арал, халкъалъул г1адат к1одо гьабурал, гьелъ т1абг1алъул къимат борхарал – умумузулгун лъималазул гьоркьорлъаби рихьизарулел, умумузда цебе лъималазул бец1изе зах1матаб налъиялъул бицунел притчаби. «Инсул васият» - ин абураб притчаялъулъ, лъималазул т1алабалдасаги мах1румлъун, ц1акъго чиякълъарав, херав инсул бицунеббуго. Лъималазе г1адлу-тамих1лъун лъугьунеб буго гьез рехун тарав инсул г1акъилаб х1укму: щивав васги бат1а-бат1аго жиндаго аск1ове ах1ун, гьес щивасе балъго бицунеб буго жинца г1умруялъ данде гьабураб г1арац бахчун тун бугеб бак1; гьединго лъазабулеб буго гьебги жинца бищун лъик1 жиндир т1алаб-агъаз гьабурасе васият гьабизехъин бугин.

Гьев хун хадуб балагьидал гьес хъван батараб кагътил т1амачалда батула цох1о мухъ: «Хвелалда цебего жинжирго буголъи лъималазе бикьулев чиясдаса г1антав чи вук1ине рес гьеч1о», - ян.

Гьабго притчаялъул цойги варианталда инсуца васасе васият гьабулеб буго гьес жиндиего анц1ила к1иго улкаялда анц1ила к1иго хъала байилан.

Васасда кинго бич1ч1уларого бук1уна щиб абизе инсуе бокьун бук1арабали. Цо г1акъилав херас рагьула гьесие инсул раг1аби: «Дуца дуего анц1ила к1иго  улкаялда анц1ила к1иго гьудул ккве – гьел рук1ина дур рак1ч1ейлъунги мугъч1вайлъунги».

Гьаб т1адехун рехсараб притчаялъул маг1на буго т1олгодагъистаналъулаб хасият. Гьединабго, малъариялъулаб къаг1ида батула нилъеда Бакъбаккул улкабазул фольклоралдаги. Аваразул фольклоралда г1емерал притчаби руго Кавказалъулго халкъиял асаразда жал релълъарал («Инсул васият», «Эменги васги», «Гьесул мац1 дир тушманлъун лъугьана» ва гь.ц.).

Гьеб къаг1идаялъулал притчаби маг1арулаз г1емерисел лъималазе тарбия кьеялъулъ х1алт1изарулаан («Реццалъ гуро инсан к1одо гьавулев», «Будиги гьесул васги», «Кваридалъун тарбия кьеч1они, т1иладалъунги кьоларо» ва ц.). «Будиги гьесул васги» - йин абураб притчаялда Будица ц1акъ т1аса-масагояб г1амал-хасияталъул жиндирго васасе тарбия кьолаго гьесда малъулеб буго: «Лъималазулгунги, г1абдаласулгунги, гьойдулгунги махсаро те; дуего рек1ее г1олареб чияеги гьабуге; дудаса к1удиязул х1урмат гьабе; т1ину лъалареб г1ор бахине лъугьунге; квегъич1еб тагьиялда рек1унге». Хадуб притчаялда бихьизабулеб буго инсул гьел малъиял росич1они, кколеб жоги.

Лъай-г1акълуялъухъ г1енеккарасе щолеблъун буго цойгиги, маг1на гъваридаб, «г1аздалгун гьудуллъи» - йин абураб притча. Гьениб бицунеб буго цо чиясулги г1аздалги бук1араб гьудуллъиялъул. Г1азуялъ раг1и кьун бук1уна жиндирго гьудуласе хасел г1агарлъулеб бук1ин цебеккунго бицине. Гьев чиясул рагьдухъе щвезег1ан Г1азу бан батидал, гьес бадибч1вай гьабула Г1аздае гьелъ кьураб раг1и кквеч1илан. Жавабалъе Г1аздаца абула: «Дун цин муг1рузул т1арада бана – дуца ургъел гьабич1о, к1иабизе дун дур росдада аск1обе бач1ана – дуе дун бихьизецин бокьич1о. Жиндир рукъалъул нуц1ик1алт1е щвараб мехалъ гурони дун бихьуларев чиясулгун гьудуллъи дие х1ажат гьеч1о», - ян.

Притчабаз заманаги, гьелъул хиса-басиги жанибе бачинч1ого кинго хут1уларо. Масала, гьеб пикру тасдикъ гьабула «Бечедав Парзулла ва мискинчи» абураб притсчаялъ. «Ч1ик1аса Парзулла доб заманалъ вук1ана Дагъистаналдаго ц1ар раг1арал бечедал чаг1аздаса цояв. Цо нухалъ гьесухъеги вач1ун мискинчияс гьарула гьесда цо лъабго гъурущ г1арац кьеларищан.

- Щиб гьабизе дуе лъабго гъурущ? – инги гьикъулаго, кьола Парзуллас г1арац.

- Дун гьабсаг1ат т1адвуссун вач1ина, цинги кинабго бицина, - ян жаваб гьабула мискинчияс ва базарганасухъе г1едег1ула. Анц1ила щуго метр бозилги доб лъабго гъурщихъ босун, гьев Парзулахъего вач1уна:

- Гьале, Парзулла, босанаха дие мусру базе бук1ине анц1ила щуябго метра ххамил. Мунги бечедав чи вуго, амма дуцаги хабалъе гьабго анц1ила щуго метр ххамил гурого босуларо».

Жиндирго цебет1еялъулъ притча г1иссинккун бач1унеб батула г1амлъи гъорлъе бачиналде, г1емераб бициналдаса дагьаб бицун, амма пикру х1асилияб, маг1на гъваридаб балагьиялде; заман анаг1ан гьеб жибго жиндаго ч1араб баснялде сверула.

Гьелдаго релълъараблъун батула нилъеда  притчаялъул цебет1ей Дагъистаналдаги. Мисаллъун бачине бегьула «Инсанги х1инч1ги» - йин абураб притча. Гьеб асаралъулъ малъа-хъвай бич1ч1изабулеб буго бахчараб, гъваридаб маг1наялдалъун. Инсанас ккун бук1уна цо х1инч1. Гьес жиб биччан Тани, Х1инч1алъ раг1и кьола гьесие лъабго г1акълу кьезе.

Инсан разилъула, гьедиглъидал х1инч1алъги кьураб раг1и ккола:

- К1очон тоге, киг1ан к1удияб къварилъи дуда рещт1аниги, аралда хадуб дур рак1 бух1изе бегьуларо.

Биччан тола инсанас х1инч1. Цо хъархъидаги рещт1ун, х1инч1алъ нахъойги абула:

- Дурго г1акълуялда данде кколареб жоялда мун кидаги божуге? -  хадубго гьелъ т1адеги жубала. – Дир мукъуралда жанибин абуни бугоха г1анк1уялъул хоног1анасеб месед. Дуе гьеб щун бук1арабани, мун г1умруялъго г1орц1арав чи вук1инаанха.

- Огь, наг1ана батаяб къо! – ян ах1ана инсанас, ццидалъго жиндирго килищги х1анч1ун. – Мун биччан тарав дир г1адаллъиха!

Х1инч1 боржун инехъин бихьун, инсан гьелда хадув ах1дана:

- Дуца раг1и кьун бук1ана лъабго г1акълу кьезе. Лъабабилеб, щаялиго, дида раг1ич1о.

Х1инч1алъ жаваб гьабула:

- Лъабабилеб г1акълуго щай дуе, цебесеб к1иябгоцин бич1ч1изе к1веч1ев чиясе? Г1акълудал хоног1анасебцин гьеч1еб дир мукъуралда жаниб г1анк1удал хоног1анасеб месед бугин абураб жоялда кин мун божулев? Гьедин бук1унинцин телин, щайха мун, аралда хадуб рак1 бух1ун гьеб х1алалда лъугьунев?

Гьаб притчаялъул байбихьудаго нилъеда бич1ч1ула х1анч1ица гьурмада пардав бигъун бук1ин, гьелъ ахир рак1алдаго гьеч1еб г1адаб лъугьинабизе бук1ин, гьеб г1акъилаб х1инч1алъ инсанасул напсалъул х1албихьулеб бугеб къаг1идаялъ нилъ х1айран гьарула.

Притчабазул къиматаб херхиналъ, раг1аби рек1к1ун г1уц1араб къаг1идаялъ батила, гьездаса бат1а т1унцо-цо г1акъилал, аслиял мухъал халкъалда гъорлъ кицилъун, абилъун лъугьун рук1унелги. Масала, гьедин кицабилъун лъугьана гьадинал мухъал: «Гьойцаги кунареб жо нахърателлъун гьабуге», «Дурго г1акълуялда данде кколареб жоялда киданиги божуге». «Реццалъ гуро чи к1одо гьавулев, гьесул ишазин», «Цин х1алт1и лъуг1изабе, хадуб кваназе лъугьа» ва цогидалги.

Цо-цо притчабазни абуни, жидецаго пайда босула кицабаздасагун абияздаса. Притчаялъул бет1ерлъун цо кици  лъун бук1уна, к1иябгойин абуни, гьелъул кьуч1алда г1уц1ун батула. Гьединаллъун рик1к1ине бегьула «Г1иси-бикъинаб жо к1одо гьабуге», «Чияр буголъиялда киданиги бахиллъуге», «Къимат, раг1уде балагьун кьеч1ого, ишалде балагьун кье». «Килщал риххараб мехалъ къуват гьеч1еб квер бук1уна, гьел данде къараб мехалъ – къуватаб зар бук1уна» ва цогидалги притчаби.

Мисалалъе босилин «Чияр буголъиялда киданиги бахиллъуге», - йин абураб притча. Цо г1акъилав к1удияв чияс г1олохъанчиясе кьола гьадинаб г1акълу: «Чияр буголъиялда киданиги бахиллъуге». Уна сонал. Дов г1олдохъанчи, чияр улкабаздаги вук1ун, лъик1ав устарги вахъун, г1езег1ан г1арацги щун рокъове т1адвуссунев вук1уна. Цинт1аго гьасул берч1вала хирияб кьилиги т1ад лъураб, гьелдаго далун ц1акъ багьаяб ххамил гьарурал хулжалги ругеб цо чуялда. Нухлулас гъоб чода рук1арал хулжазухъа буголъи жиндирго хулжазда жанибе ккезабула. Цо заманалдаса гьасда хадур гъун рач1уна цо рек1аразул къокъа, гьез байбихьула гьасул хулжазухъ ч1ухь базе. Жидеца балгьулеб бук1араб Хазина гьениб батидал, рек1араз г1олохъанчи вухулаго жидерго росулъе вачуна. Бук1ун буго ханасул вас гьеб къоялъ, жиндирго бах1аралъе сайигъаталги росун, гьелъухъе сапаралъ вахъун. Ханасул тушманзабаз, гъоркьч1елги гьабун, ч1ван ратула ханасул васги гьесул нукарзабиги, жалгойин абуни т1аг1ун ратула. Туснахъалъуве ккедал гурони дов г1олохъанчиясда бич1ч1ич1о дов к1удияв чияс жиндие кьун бук1араб г1акълуги гьеб к1очене теялъ жив ц1ц1араб балагь гьукъизе рес бук1инги.

Притчабазулъ г1емер х1алт1изарун ратула нилъеда бицанк1абиги. Бищун мисалалъе рехсезе рекъараблъун рик1к1ине бегьула «Дие мун йокьула, иццул лъим г1адин» - ин абун ц1ар лъураб притча. Ц1акъ гъираялда иццул лъим гьекъолев вугев росасда г1олохъанай лъадуца гьикъула:

- Кинаб къадаралъ дуе дун йокьулей?

- Дие мун йокьула иццул лъим г1адин, - ин жаваб кьола росас.

Росасул рокьул даража рек1ее г1еч1ей лъади инсул рокъое т1адюссун уна. Инсуца г1илла ц1ехедал, ясал бицуна росасулги жиндирги кара-таралъул. Эмен, сих1тун г1енеккун ч1ола. Цо къоял, ясалъе ц1амх1алаб квенги кьун, инсуца гьей хурул х1алт1абазде цадахъ ячуна. Гьений гьей къечон, ц1акъ татухун лъугьуна. Цо ицц бугеб бак1алде щварабго гьей къеч хьваларого, лъедаса йич1изе к1оларого йик1ана. Гьелдаса хадуй гьей росасухъе т1адюссана, досул раг1абазул къиматги ц1акъ багьаяб бук1ана.

Притчаби херхиналъе х1алт1изабулеб аслияб художествияб къаг1идалъун бук1уна аслияв героясулгун къват1иб ч1вазабулеб, какулеб персонажалда гьоркьоб гара-ч1вари. Мисалалъе босилин «Къадиясги векьарухъанасги цоцазул хурзал хьалел рук1арал куц». Векьарухъанасулаб махщелги щвеч1ев, г1умруялъ къуръан кодоб ккун гурони, хурул алат бихьич1ев къадица хуриб хьон цок1аллъи гьеч1ого хьалеб бук1уна. Векьарухъанас бит1араб г1айиб жинда гьабидал къади гьеб ц1акъ квеш бук1ун к1алъана.

- Щай мун гьеб г1иси-бикъинаб жоялъул бицун к1алъалев вугев. Нилъеца к1иясго гьабулеб жо – гьадингосеб жо буго, гьеб Аллагьас бит1а-бишизабун тола.

- Кинха гьеб Аллагьас бит1а-бишизабулеб нилъеца гьаниб г1емерго, доба дагьго хьалеб бугеб мугь? – ан гьикъана гьесда Х1асаница.

- Хьон хьан бахъарабго, рач1ун х1урулг1инзабаз, ункъабго сибил ккун, дур хур эхеде борхула, к1обо-шобок1ун хадуб щибаб мугьги жиндирго «боснобе» ккола.

- Тана. Амма дурго хур бекьулелъул дуцахьон цо к1удияб гох1 гьабун хур бакьулъе бан теха, рач1ун х1урулг1инзабаз гьабулелъул гьелъиеги г1адлу.

Векьарухъан божула жиндирго квераздаги жиндирго зах1маталдаги. Гьесда г1емерго лъик1 бич1ч1ула киналг1аги х1урулг1инзаби гьесухъе кумекалъе рач1унареблъи жиндирго г1ет1 т1еч1ого хурги х1алт1улареблъи. Векьарухъанасул жавабалъги тасдикъ гьабула хурул х1алт1и бокьуларев къадиясде данде зах1матчи-векьарухъан заманаялъ эхедег1ан гьавун вук1ин.

Жиндирго цебет1еялъулъ притча, г1уц1иялде балагьунги, мурадалде балагьунги, халалъи-къокълъиялде балагьунги заманалдасан, аваразул фольклоралда гуребги, Дагъистаналъулго халкъазул фольклоралда, нилъеда бихьухъе, г1исинккун бач1уна лъабго бат1ияб формаялде: притча-маргьа, притча-махсаро (анекдот), притча-басня.

Притча-маргьуялъулъ, жибго маргьуялъулаб херхиналъги, маргьуялъулъго г1адаб байбихьигун ахиралъги сюжет бикь-бикьула, «бек-бекула».

Притча-анекдоталъулъ ц1ик1к1ун х1алт1изабун батула бициналъул диалогияб форма, гьединго гьелъул ахир бук1уна релъизе бач1унеб, махсароялъулаб. Притчаялъулаб хасиятин абуни (малъари, г1акълу кьей) гьениб ц1унун бук1уна.

Притча-басня г1ёемерисеб х1алт1изабула социалияб рахъ бихьизабизе, амма, басняялъе хасиятаб, г1умруялъул гьеб рахъ къват1иб ч1вазабиялъе х1алт1изабуларо. Гьаниб ц1унун бук1уна жибго малъариялъулаб рахъ.

Притча г1адин, литература г1асрабазго жиндие «налъулаблъун» лъугьараб фольклорияб жанр батизе ц1акъ зах1мат буго. Гьоркьохъеб г1асруялъул литератураялъ г1емераб мугъч1вай гьабула херхиналъул рахъалъ гьелъул къокълъиялде, г1акълуялъул гъварилъиялде, гьеб кьеялъул берцинлъиялде. Гьединлъидал притча сверизе лъугьана фольклорияб жанралдаса литературияб жанралде, ай гьеб лъугьуна харбазул, балладабазул, новеллабазул, баснябазул аслулъун. Гьеб кидаго бук1ана г1адан кант1изавулеб дидактикияб материаллъун.

Араб заманалъе хасиятаб жанр бугилан нилъеда кканиги, притчаялдаса пайда босула жакъасеб къоялъги. Нилъер заманаялъул бич1ч1изе зах1матлъиялъги т1амулев вуго ц1ияб мехалъул раг1ул устар притчабазул бугеб философияб гъварилъиялда мугъч1вай гьабизе. Гьелъие мисаллъун рачине бегьула советиял хъвадарухъаби: Ч.Айтматов, Р.Х1амзатов, К.Кулиев ва цогидалги.

Хас гьабун Р.Х1амзатовасул творчествоялъул бицани, гьенир притчаби х1алт1изарун руго авторасул пикру тасдикъ гьабизе, идеялъулаб рахъ бег1ер гьабизе. Гьеб рахъалъ бищун цебе рехараблъун буго «Дир Дагъистан».

Аваразул притчаби, г1елмияб къаг1идаялъ х1исаб гьабураб мехалъ, миллаталъул г1акъиллъиги, гьелъул раг1ул бег1ерлъиги бихьизабулел берцинал асарал руго. Абизе бегьула, гьез аслу лъунин лъик1а-лъик1ал литературиялги асаразеян, гьезул кьуч1алда рижарал асаралин абуни ц1алулаго рат1а рахъизеги лъала, халкъалъул рек1ееги гьелъул хасияталъеги г1агаралги рук1уна.  

Сайт создан по технологии «Конструктор сайтов e-Publish»