Тема 8.  Фольклоралъул бахчараб балъголъи. Мифал

 

Бахарганги Модуги.

Йик1ун йиго цо ц1акъго борхатаб черхалъул къуватай г1адан. Гьединай йигониги, берцинай, рет1араб рекъарай, рокьул дангъва бугей г1аданги йик1ун йиго гьей. Гьелъги бук1ун бвтила, гьей йихьарав г1олиласул гьелде циндаго рокьиги кколеб бук1араб. Амма гьей росасе ине ккани  вук1ине кколаанила гьелдасаги ворхатав ва къуватав бихьинчи.

Г1олилалъе ц1акъ бокьулаанила г1алхуда тира-сверизе, радал хеккого яхъун т1угьдузда бараб щубалъулъ чвердезе, рохьой ун х1анч1алгун, жанаваралгун к1алъа-ралъазе.

Гьелъул берцинлъиялъеги, гьайбатлъиялъеги щибаб ригьалъ  (радал-бакъанида бакъалъ ва моц1алъ, къаси ц1вабзаз) ракьалдаги рещт1ун сужда гьабулеб бук1ун буго. Гьедин г1умру т1амулей гьей къойидаса къойиде берцинлъун гурони, херлъулейго йик1ун гьеч1о.

Цо къоялъ радал хеккого яхъун щубалъулъ чвердолей гьей йихьун йиго жиндие киданиги хвел гьеч1ев Ц1об абулев х1алк1олесда. Гьесул циндаго гьелъухъ рокьи ккун буго. Гьединал г1адамазе, т1абиг1аталда яги т1абиг1аталъул цо г1аламаталда ханлъи гьабулезе ихтияр бук1ун гьеч1о жал ракьалда рижарал г1адамазулгун бухьен гьабизе. Гьелъ чара хварав ва рокьуца вух1улев гьев радал хеккого щубалъ чвердезе яс къват1ие яхъараб мехалъ бух1араб маг1уги т1ун г1одулев вук1ун вуго. Ясалда жий чвердолеб бак1алда щуб кидаго хинаб батулеб бук1ун буго. Гьелда бич1ч1ун буго жиндихъ рокьи ккарав чиясул, г1олиласул маг1уялъулъ жий чвердолей йик1ин. Балъгояв чиясухъ рокьи ккарай гьелъ гьанже харилъ егун къоялго ралел рук1ун руго.

Ахир-къадги, ях1 гьабизе к1веч1ев ва ракьалдеги рещт1ун рокь гьабизе рес  гьеч1ев гьас харилъ егун йигей ясалде лъимер лъугьунеб ц1ад базабун буго. Яс къинай лъугьуна, кват1ич1ого гьелъ цадахъ к1иго вас гьавула. Т1оцеве гьавурав вук1ун вуго ц1акъго ворхатав ва къуватав, гьесда ц1арги Бахарган бук1ун буго. К1иабилесул бук1ун буго Моду абураб ц1ар. Гьевги вук1ун вуго, Бахарганиде щвеч1ониги, кутакав г1олохъанчи.

Харилъ кьаг1и г1адин расандулаго, сундулго ургъелги гьеч1ого, жидерго эбел г1адин щубалъулъ чвердон, бакъалда хинлъунЦ1обасул т1алабалда гъоркь г1умру гьабулел рук1уна гьел. Гьезул г1умруялда рак1 хъублъун, гьездехун жах1да ва рокьукълъи бижула кьерилазул.

Жиндирго хъизан-лъималазде балагьун х1алхьоларого вугев Ц1обасдехун рак1хъублъи бижула гьевго г1адал цогидал х1алк1олезул. Кьерилалгун цадахъ лъугьун гьез Бахарганги Модуги т1аг1инаризе х1укму гьабула. Х1алк1олезе г1адатиял г1адамазда гьоркьоса цониги ват1а гьавун вокьизе яги рихине, хъизан-лъимал гьезда гьоркьор рук1ине бегьулароанила, Ц1обасеги гьукъула гьез гьелгун дандч1вазе, ахирги т1убанго гьел рихьизеги.

Ц1обасул т1алабалдаса мах1рум гьарурал лъималмискинлъуларо, гьел язихълъиялде ккеч1ого рук1иналъе эбелалъ киг1анги х1аракат бахъула. Гьеб киналъего гьелъие къуват кьун бук1ана Ц1обас.

Гьебги бокьич1ел кьерилаз гьанжесалаги г1арз бахъула Ц1обасул пишацадахъазде гьесул васаз щубалдаса хер мах1рум гьабулеб, гьекъонги чвердонги гьеб т1аг1инабулеб бугилан. Гьеб кинабго гьереси бук1ин лъалеб бугониги, Ц1обасул гьалмагъзабаз, ракьалда лъимал г1езарурулъухъ гьесие ва гьесул лъималазе тамих1 х1исабалда, васал сверизарула харилъги, т1огьолъги т1ерхьарал рорхатал муг1рузде. Росу ва росдал г1адамал гьури-квачалдаса ц1унизелъун Бахарган лъола Буц1ра мег1ерелда т1ад росдада т1адехун, Моду – росдал гъоркьияб мухъалдехун.

Гьеб кинабго лъан ва бихьун хадуса Ц1обас, г1адамал Бахарган мег1ералъул берцинлъиялдаса мах1рум гьаризелъун, бакъалъ бух1изабунги, ц1адалъ чуризабунги, пири реч1ч1изабунги  ракьги т1аг1изабун, хъач1аб, жого бижулареб ракьалдеги сверизабун, гъорлъан ч1ах1и-ч1ах1иял ганч1алги раккизарун, т1убанго пайда босизе к1веялдаса инабула мег1ер. Моду мег1ер, васазул эбелалъул гьариялда рекъон, берцинлъиялдаса мах1рум гьабуларо ва гьеб мег1ер бакьулъ лъола эбелалъул рак1. Эбелалъул к1иябго бер букъула, цояб Бахарган мег1ералъул, цогидаб Моду мег1ералъул ракьанда. Жакъа къоялъги ч1еч1ого г1одулел руго эбелалъул берал: цояб бадисан бач1уна Бахарганго г1адаб хъач1аб ва квешго ц1орораб лъим, цогиялъусан – Модуго г1адаб недегьаб ва т1аг1амаб лъим. Гьеб к1иябго лъим даруялъе х1алт1изабула г1адамаз.

 

Азанил кьуру

Ц1акъго цебе заманалда росулъ вук1ун вуго Азан абулев бечедав чи. Муг1рузде ун чан гьабун, рокъове вач1ун ихтилат-кепалда вук1ун гурони, т1ок1аб гьабулеб х1алт1иго бук1ун гьеч1о гьесул. Г1иц1го гьесул рук1ун руго лъимал. Садакъа кьоларев, вакъарасе кумек гьабуларев вук1иналъ, живго Аллагьас кьолел гьеч1о гьесие лъималилан бицунеб бук1ун буго росулъ. Гьебги рак1алде щун ургъулев вук1аго, нуц1ил к1алт1а эхетун вуго цо бихъ-бихъараб рет1ел-хьит рет1арав гьардухъан. Кьеладай – кьелародай гьасие жойилан пикрабазда вук1ун вуго гьав. Гьеб мехалъ яч1ун гьесул ч1ужуялъ гьардухъанасул къвач1инибе ханжу бала. Т1асияб къоялъги вач1уна гьединго гьардухъан, гьеб къоялъги кьола ч1ужуялъ гьесие жо. Лъабабизеги гьев вач1индал, Азаница, гьаб гурони жо щолеб рукъ гьеч1ищилан, рогьоги бан нахъе къот1улев вук1уна. Щибниги к1алъай гьабич1ого  яч1ун ч1ужуялъ гьардухъанасе гьанжесалаги ханжу бала. Садакъа босулаго гьесги лъимерги щун йохагийилан гьелда т1ад квер бахъула.

Кват1ич1ого гьалъ яс гьаюла, яс к1удияйги г1ун, къого сониде яхун росасе ине заман щола. Цо сордоялъ довго гьардухъан вач1уна Азанихъе цадахъ вачун цо бакъ г1адав берцинав г1олохъанчигун. Гьардухъанас яс жиндир гьав васасе кьейилан гьарула. Азаница яс гьардухъанасул васасе кьеларилан х1акъирги гьарун гьел къват1ире гъола.

Лъабго нухалъ вач1уна гьардухъан васасе яс гьаризе, лъабабизеги гьес гьединго къват1ире къот1идал, гьардухъанас дуг1а гьабула, васас хадубго аминилан абула. Гьеб параялъ Азан хъач1аб ганч1иде сверула ва радал г1адамазе г1одор ч1езе санаг1алъабиги гьарун, киназдаго бихьулеб бак1алда росу раг1алда лъола гьеб.

 
Сайт создан по технологии «Конструктор сайтов e-Publish»