Тема 6. Бах1арчиял ва тарихиял маг1арулазул куч1дул

 

Лъалеб бук1ахъе Дагъистаналъул тарих ц1акъ бечедаб буго халкъалъул бах1арчилъиялъеги гьеб х1ехьеялъеги нуг1лъи гьабулел лъугьа-бахъиназдалъун ва х1ужжабаздалъун.

Халкъиял куч1дузе хасиятаб жо буго гъваридаб маг1на ва  пасих1аб г1адатаб мац1. Цо нухалъ ах1улел раг1аниги г1ола гьел пагьму бугев чиясе рак1алда ч1езаризе. Гьединал рук1инч1елани, ц1унун хут1илароан гьел халкъалда гьоркьор, церего к1очон телаан.

Халкъиял куч1дул рук1уна бат1и-бат1ияб тайпаялъул: рокьул, кьалул, бертадул, кинидахъ ах1улел, бак1иде рахъиналъул, гьединго маг1абиги. Рух1ияб памятник х1исабалда нилъее ирсалъе щун руго халкъалъул г1умруялда тарихиял лъалк1ал тарал тунка-г1усиязул, рагъ-кьалалъул бицунел, ц1ар лъаларел шаг1ирзабаз гьарурал, г1асрабаз къач1алаго, халкъалъ нахъе ц1унарал куч1дул. Г1адатаб халкъалъул ва гьелъул церехъабазул бах1арчилъи, гьунар бихьизабулел гьел куч1дул хвел гьеч1еллъун лъугьуна.

Гьеле, гьединаб бах1арчияб къеркьеялъул х1акъалъулъ бицунел х1ужжабазул цояблъун, нилъер араб бах1арчияб тарихалъул мустах1икъаб гьумерлъун ккола Г1андаллъиялъул ракьалда Дагъистаналъул халкъазул цолъараб къуваталъ 1741 соналда Ираназул шагь Надирил рик1к1ен г1емераб аскарияб къуват щущахъ бихизаби.

Гьеб нилъер бах1арчияб къеркьеялъул х1акъалъулъ рехсарал асарал г1емерал руго.

Дагъистаналда Надирилгун ккарал рагъазул х1акъалъулъ ругел киналго х1алт1абазда жаниб, баянго бихьизабулеб буго т1олабго Дагъистаналда т1ад т1убараб кверщел гьабич1ого гьаб нухалъ жив т1ад вуссине гьеч1илан гьедун Дагъистаналде лъабабилеб нухалъ гьужумалъ вач1арав шагьасул аскаразе аслияб кьаби Дагъистаналъул халкъазул цолъараб къуваталъ, Г1андалазул эркенаб жамаг1аталъул ракьалда щвезабунилан.

Амма жакъа къоялде щвезег1ан, гьеб раг1араб г1андалазул к1к1алабахъ ккараб рагъда босараб гьайбатаб бергьенлъиялъул х1акъалъулъ хъвараб хасаб х1алт1и гьеч1о. Х1атта Дагъистаналъул тарихалъул х1акъалъулъ бищунго камилго хъвараллъун рик1к1унел «Дагъистаналъул тарихалъул очеркал», «Дагъистаналъул тарих», «Северияб Кавказалъул халкъазул тарих» г1адал, чанго т1ехьалдасан данде гьарун, г1емер чаг1и т1ад х1алт1ун щвалде щун г1уц1арал х1алт1абазда жанибгицин гьеб рагъул х1акъалъулъ ц1акъго къокъго ва г1аммаб куцалда бицун тун буго.

1734 соналъул риидал, к1удияб аскарул бет1ерлъуда, Надир Дагъистаналъул жаниблъуде лъугьана. Надирил гьеб т1оцебесеб рагъулаб сапаралдасан байбихьана Дагъистаналъул маг1арулаз миллияб эркенлъиялъе г1оло Ираналде (Персазде) данде гьабулеб къеркьей. Сурхай-хан, т1олалго жиндир квершаликь рук1арал. 150-ялде г1агарал росабиги жалго тун, нахъе лъутана. Гьедин, 1734 соналъул ахиралда Надир-шагь Дагъистаналъул вилаяталде лъугьана ва рабиг1ул ахир моц1рул байбихьуда, хамиз къоялъ (1734 соналъул 2 сентябралда) гьес Гъумекиб кодобе босана. Руго баянал гьесул аскаразул цо-цо боял Шалиб росулъецин щванин.

Надирица талавур гьабуна ханасул к1алг1аялъул ва бечедал г1адамазул къиматаб щинаб къайи, аск1ор ругел росабазул к1удияб къадар г1и-боц1и лъуг1изабуна. Г1иц1го т1аде щолеб хасел бук1иналъ Надир-шагьас хадусеб заманалде т1амун тана Чулахъ-Сурхайие гьабизесеб г1адлу.

Гьединаб куцалда Надирил Дагъистаналде т1оцебесеб аскарияб сапар г1емер халат бахъич1о, шагь гьебго рабиг1ул ахир моц1рул лъабабилеб хамиз къоялъ (16-аб. сентябралда) Гъумекиса т1ад вуссун анна.

Гьаниб бихьизабизе кола гьеб 1735 соналъул къот1и-къай гьелде щвезег1ан хъван рук1арал ва хадурккунисел къот1и-къаял печаталда чанц1улго рахъаниги Советияб заманалда печаталда бахъич1олъи. Гьеб Россиялъул г1иц1го лъик1аб рахъ бихьизабулеб гурони къот1и-къаял печаталда рахъунгут1иялъ, жакъа нилъер рес гьеч1о гьеб къот1и-къаялда т1адч1ейги гьабун, якъинал х1ужжабаздалъун Россиялъ Дагъистаналда аск1об гьабураб гьеб хиянатаб ишалъул х1акъалъулъдагьабго мух1канго бицине. Амма гьеб къот1и-къаялъул ц1ех-рех гьабурал ва гьелъул къокъаб маг1на хъварал баяназдасангицин нилъее  якъинго загьирлъула т1оцебе жидерго х1ажалъабазе Дагъистанги квегъун, хадуб, 13 соналдасан хасал мурадазе г1оло Россиялъ гьеб хиянатаб куцалъ Надирил малакье рехун тун бук1ин. Гьеб х1ужа нилъер г1алимзабаз, нечон ялъуни х1инкъун батилароха, бахъун тезе, гьеб Россиялда г1айиб гьеч1ого ккараб «мунагь» бугеб г1адин бихьизабизе х1аракат бахъула. Амма гьеб бук1ана Россиялъ Надиридаса х1инкъун  жибго гьелдаса ц1уни мурадалда гьабураб хиянатлъун. Ва, ахир-къадги, гьеб жиндирго хиянатаб Россиялда т1ад буссун жиндаго кьабг1ун бач1ине дагьаб хут1ана. Г1урусаз Надир-шагьасда цадахъ тун вук1арав резидент И.П.Калушкинил раг1абазда рекъон, «Ираналъул пикру бук1ана Индиялъе гьабурабго Россиялъеги гьабизе» (ай, гьелдаги квершел гьабизе). Гьеб мурадалъе г1олойилан гьес 1741 соналъул июнь моц1алда ц1ияб рагъулаб сапар байбихьарабги.

Дагъистаналъул халкъал разилъич1о жалэркенлъиялдаса мах1румги гьариялда. Цин Россиялъ ва хадубго Турциялъги Дагъистаналъул хважаинлъунтарав Надир абуни, 1735 аб. Соналъ нахъеги Дагъистаналде аскарияб сапаралъ вахъана. Гьесие бокьун бук1ана т1олабго Дагъистаналдаквершел гьабизе. Сурхай-ханасул хъала кодобе босаниги гьанжесалаги к1веч1о Надирида Авариялде лъугьине, рак1алдаго гьеч1ого т1аде к1анц1аралмаг1арулаз Ираназул г1емерал чаг1и гъурана. Т1ад вуссун унаго нухда Надирица рихха-рикьизаруна г1ахъушдерил къадиясул къокъаби, талавур гьаруна даргиязул г1емерал росаби, лъугьана Хайдакъалде ва мук1ур гьавуна уцуми Ах1мадхан.

1737-1739 аб. соназ Надирица данде гьабуна х1алк1варабг1ан бечелъи, ва Дагъистаналде лъабабилеб ц1ияб рагъулаб сапар гьабизе мурадалда, т1аса рищана лъик1аздасаги лъик1ал рагъухъаби.

Дагъистаналъул халкъал къват1иса кинабг1аги кумек гьеч1ого хут1иялдаса пайдаги босун ва ракълилал тадбираздалъун гьел квегъизе к1олареблъиги бихьун, 1741 аб. соналъул май моц1алда жинцаго мук1ур гьарурал Бакъбаккул халкъал-афганаздаса, туркменаздаса, индусаздаса, узбеказдаса, курдаздаса, гуржияздаса данде гьабураб гучаб аскаралъул бет1ерлъуда Надир-шагь лъабабизеги Дагъистаналде рагъулаб гьужумалъ вач1ана. Гьесул хиял бук1ана маг1арулал т1уранго т1аг1инаризе яги муг1руздаса нахъе къот1изе. Дагъистанияздаса вацасе г1оло рец1ел босиялъул пикру Надирил бот1ролъа къасиги-къадги унеб бук1инч1о. Надир-шагьасул планазда рекъон, Дагъистаналда Ираналъул Аскар к1ийиде бикьизе кколаан. Т1оцебесеб руккелалъ байбихьуда Табасаран, Хайдакъ ва даргиязул жамг1иял цолъаби мук1ур гьаризе. 

К1иабилеб, аслияб руккел, къокъизе кколаан Шагьдагъалде ва Хосрехалдаса Кюрабе, хадуб агулазул ракьалдасан ине кколаан Лакиялде – Гъази-Гъумекибе ва Хунзахъе – аваразул ханлъиялъул тах лъураб бак1алде ва гьениб к1иябго руккел данделъизе ва Дагъистан кверде боси раг1алде бахъинабизе кколаан. Шагьасул пикруялда рекъон Г1андалазул жаниблъиялда гьабулеб гьужумалде данде ккезе кколаан Г1аймаки к1к1алахъан рач1унел Люфт-Г1алиханил, Х1айдарбекил ва Жалалбекил къокъабаз аварии щвезабулеб кьаби.
Сайт создан по технологии «Конструктор сайтов e-Publish»