ТЕСТАЛ

 

Авар адабияталъул лъай борцине тестал

 

11 класс

1.  Расул ХIамзатовасул поэзиялъул кIваралъул ва поэтасул борчалъул хIакъалъулъ хъвараб асар ккола

а) «Васият»

б) «Инсулгун гара-чIвари»

в) «КечIали щайгурин, щибаб рагIиги»

 

2.  Расул ХIамзатовасул кинаб кочIол рагIаби кколел гьал хадурехсарал:

Баркала, эмен дуе

Дуниялалъул рокъоб

Дуца рарал каказухъ,

Дуца рарал сиязухъ.

а) «Васият»

б) «Инсулгун ккараб гара-чIвари»

в) «Хъулбузул хIакъалъулъ»

 

3.                Расул ХIамзатовасул «Васигат» абураб кечI лирикаялъул кинаб тайпаялде гъорлъе кколеб?

а) тIабигIияб

б) рокьул

в) философияб

 

4. Гьаб кочIолъ метафораби рате:

Гьединан букIаго, кинан бегьилеб

ЦохIо канлъиялде ахIизе сарин?

Лъица хуриб бугеб сусур бетIилеб,

Лъица рекIелъ къараб рукIкIен бахъилеб?

а) сарин

б) рукIкIен

в) сусур

 

5.           Кинаб асаралъул герой кколев херав Айгун?

а) Ф. ГIалиевалъул «18 их»

б) М-С. СагIидовасул «Наборщик»

в) Р. ДинмухIамаевасул «ТIулакьераб борохь»

 

6.           «ГIакълу – цебе, ццин – нахъе» абураб халкъияб кици кинаб ЦIадаса ХIамзатил асаралъул насихIатлъун тезе бегьулеб?

а) «Советазде щал рищизе кколел»

б) «ХIамабагьадурлъи»

в) «Москваялъул гIунгутIаби»

 

7.           «Аминатидаса ватIалъизе дида кIоларо. Амма дица хиял гьабун букIана, цо бергьун кIудияб минаги босун, гьелда жаниб пихъил заводги рагьун, парахат вукIинилан, ракIгъолареб мехалъ цо-цо чанайги вахъинилан». ЦIадаса ХIамзатил «Балагьалъул гъамас» абураб пьесаялъул кинав багьадурасул рагIаби гьал кколел?

а) Хасбуладил

б) Анталасул

в) ГIалибуладил

 

8.           Дагъистаналъул хъвадарухъабазул 1-себ съездалда 1934 с. щив вищарав Дагъистаналъул хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председательлъун?

а) ЦI. ХIамзат

б) С. Стальский

в) Б. Астемиров

 

9.           ЦIадаса ХIамзатил хадурехсарал асаразул кинаб кколеб реццун-какиялъул формаялда хъвараб:

а) «Советазде щал рищизе кколел»

б) «Москваялъул гIунгутIаби»

в) «ХIамабагьадурлъи»

 

10.     Авар адабияталда 1-себ пьеса хъварав автор ккола:

а) ЦI. ХIамзат

б) З. ХIажиев

в) Б. Малачиханов

 

11. Загьид ХIажиевасул хадурехсарал асаразул рагъде дандечIараб темаялда хъвараб ккола:

а) Питначи

б) МагIарулав

в) Гьекъолдухъан

 

12. Расул ХIамзатовас «Хъулбузул хIакъалъулъ» абураб кочIолъ лъида тIадкъалеб бугеб хъулби цIунеян?

а) гьудулзабазда

б) жиндирго ясазда

в) тIалъиялъул васазда

 

13. Эмен хун кIиго сон бадал, кинаб поэма хъвараб Расул ХIамзатовас?

а) «Инсулгун гара-чIвари»

б) «Улбул цIуне»

в) «МагIарулай»

 

14. КочIол авалалда, ахиралда ялъуни бакьулъ цого гьаркьал такрарлъиялда абула

а) аллитерация

б) рифма

в) ритм

 

15. Драматикиял асаразул кинаб тайпалъун рикIкIине бегьулеб ЦIадаса ХIамзатил «Балагьалъул гъамас»?

а) комедия

б) трагедия

в) драма

 

16. «ХIакъикъат» абураб аваразул миллияб газеталъул бетIерав редактор ккола

а) МухIамад ПатахIов

б) ТубхIат Зургьалова

в) ГIали Камалов

 

17. КочIол ахиралда цого рагIи такрарлъиялда абула

а) анафора

б) эпифора

в) рефрен

 

18. Аваразул тIоцебесеб роман хъвана

а) МухIамад Хуршиловас

б) Муса МухIамадовас

в) Ражаб ДинмухIамаевас

 

19. ЦIадаса ХIамзатил басмаялда бахъараб тIоцебесеб мажмугIалда цIар ккола

а) «ГIадатазул жул»

б) «ХIасратаб рокьиги боркьараб ццинги»

в) «Къисасалде»

 

20. Муса МухIамадовас хъвана

а) кучIдул

б) поэмаби

в) къисаби

 

2. Расул ХIамзатовасул «КечIали щай гурин, щибаб рагIиги…» абураб кочIол тIубараб анализ гьабе.

Жавабазул таблица:

1

2

3

4

5

6

7

8

9

10

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

11

12

13

14

15

16

17

18

19

20

 

Ответы ав. 11

1

2

3

4

5

6

7

8

9

10

б

в

в

б,в

в

б

б

в

б

В

11

12

13

14

15

16

17

18

19

20

а

в

а

б

б

в

б

в

а

а,б, в


10 класс

1-б тIадкьай – литератураялъул тестал (жавабал хъвай тестазда хадуб кьун бугеб таблицаялда)

1.                Гьадин лъица абураб: «...КочIохъанлъун лъица дун вахъинавурав? Халкъаль гьавуна. Ва дир библиотека букIана халкъ. Халкьальухъа босана, халкьалъухъе кьуна... ».

1) Йирчи Гъазахъица;

2) ЦIадаса XIамзатица;

3) ХъахIаб росулъа Maxlмудица;

4) СтIал Сулейманица.

 

2.                Пурман абураб рагIул магIна ккола:

1) хан;

2) зулму;

3) рекIкI;

4) изну

 

3.            ГIадамазул хасият, махщел, бажари хIайваназул хасиятлъун бихьизаби ккола:

1) олицетворение;      

2) гипербола;

3) дандекквей;            

4) антитеза.

 

4.  «МутагIилзабиги гIухьбиги» абураб асаралъул автор ккола:

 1) Мyxl амад Шамхалов;

2) АбутIалиб Гъапуров;

 3) ЧIикIаса МухIамад;

4) СтIал Сулейман.

 

5.                 «Ашбазалде»     абураб кечI къватIибе бахъичIого таралъухъ даранчияс ЦIадаса ХIамзатие щиб кьезехъин букIараб?

1) гIарцул цIураб таргьа;

2) гIигун - боцIи;

3) кьолон чу;        

4) жиндирго яс.

 

6.                Ятим Эминил заманалъул лезгиязул шaгIир ккола:

1) Мазалиса ГIали;

2) Этил ГIали;

3) Манай ГIалибеков;

 4) Беццав Къурбан.

 

7.                Расул ХIамзатовасул кинаб тIехьалда нилъеда батулеб гьересиялъулги ритIухълъиялъулга хIакъалъулъ магIарулазул бицен:

1) «Дир Дагъистан»;

2)                 «Дир рокьи»;

3)                 «Кьо бащалъукь щобда Дагъистаналда»;

4)                 «XIасратаб рокьиги боркьараб ццинги».

 

8. Лъица Инхоса ГIалихIажиясул хIакъалъулъ гьадин хъвараб:

«...Аваразул гьайбатав поэт Инхоса ГIалихIажиясул захIматалъулаб гIyмруги литературияб хIаракатги байбихьана 19 гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялда аваразул миллияб хъвавулаб литератураялъе кьучI лъурав чилъун ккана Инхоса ГIалихIажияв. Гьев кIудияв ва машгьураврагIул устарас нахъе тараб бечедаб рухIияб ирсалъ адабияталъухъ гIашикъазеги гIелмияб цIех-рех гьабулезеги цIакъго кIудияб асар гьабуна....»

1) Фазу ГIалиевалъ;    

2) Чакар Юсуповалъ;

3) ГIабасил МахIамадица;

4) МухIамад АхIмадовас.

 

9. АхIмадхан Абубакарил «Даргиязул ясал» абураб асар магIарул мацIалде буссинабуна:

1) XI. Казиевас;

2) ГI. Далгатовас;

3) Б.М. Саидовас

4) А. ХIамзатовас.

 

10. Сюжет ккола:

1)                 Литературияб асаралдаго яги цо чанго цоцазда рухьарал ва цере тIолел, асаралъул аслияб xl асил, магIна кьолел лъугьа-бахъинал;

2)                 ГIемер кIудияб гьечIеб хабарияб формаялдахъвараб асар;

3)                 КIиабилеб слогалда ударение бугеб кIиго слогалъулаб кочIолаб бутIа;

4)                 МацI лъазабулеб гIелму.

 

1

2

3

4

5

6

7

8

9

10

2

4

1

3

3

1

1

2

1

1


11. Багъатарил «ЦIадакьа бахчулеб дир чанил бурутI» абураб асаралье эпиграфльун Инхоса ГIалихI ажиясул кинал рагIаби росун ругел?

а)                Гьава тIокIаб тIад бищун, ботIрода таж лъун буго,

б) X1асралъи-херлъи гьечIеб чIухIи тIад ретIун буго.

в)                ЦIураб моцIгIaн гьайбагаб гьумер дур.

г)   ГьаглъичIого чи кин чIелев йихьидал.

д)                Гьурмадул берцинлъи гIун, гьабичIо, яс, балагьи

е)   Гьабулеб гIамал бихьун, хьул лъуна, яс, ячине.

ж)              Нахъа цIоралъул ахикь цlapгo берцинаб инжир

з)  Анкьалъ квен-къел дидаги, дуда бер чIван, чIалгIуна.

 

12. Муса МухIамадовасул тloцeбe басмаялда бахъараб тIехьалда цlap щиб букIараб?

а)                «МугIрул расалъуда»;        

б)                «МугIрул ицц»;

в)                «Басриял къадазул балъголъи»;

г)                 «Бакъдасел».

 

13.           ГанчIил вас абураб халкъияб кечI ккола:

а)                Лезгиязул кьалул кечI

б)                Даргиязул кьалул кечI

в)                ЛъарагIазул кьалул кечI

г)                 МагIарулазул кьалул кечI

 

11.     Гьал терминазул кинаб литературияб кколеб?

а)                аллитерация

б)                глагол

в)                цадахълъел

г)                 хитIаб

 

15. Фразеологизмалъул магIна баян гьабе: РекIел кьасд

а)                пашманлъи;

б)                рекIел унти;

в)                хIал хъублъи;

г)                 анищ.

 

16.           Алфаз лъугIизе гьабе: PaгIи гIемерав гIакъил гIадамазда чIалгIуна

а)                БакIаб хIал дуде ккани, кумек гьесул цIакъабин;

б)                МацIалда хIал кIолаго, кIудиялда квалуге;

в)                ГIемер кIалъай какараб, каранлъ пардав лъолеб жо;

г)                 ЧIалгIаде гьардолев чи гьаб халкъалда рихуна.

 

17. Инхоса ГIалихIажиясул насихIаталдалъун хъвараб асар бихьизабе:

а)                «ГIакълудал ралъад»;

б)                «Дунялалъул гьудуллъана»;

в)                «ГIадада чIоге»;

г)                 «Замана чарлъидал».

 

18. Xlyceн ХIажиевасул «ГIалибегил къулгIа» абураб асар ккола:

а)                хабар;

б)                очерк;

в)                басня;

г)                 къиса.

 

19. Азнаур абураб paгIул магIна щиб?

а)                  агьлу;

б)                 мухь;

в)                 нартав;

г)                  гуржиязул ханзабазул нукарал.

 

20.           Гьал кицаби лъугIизаре:

а) Гьудул нусгоги дагьал

б) БетIер хIалтIичIони….

в) Нилъер улка эбел…

 

(30 балл)

 

Жавабал:

11

22

3

4

5

6

7

8

9

10

121144114

 

 


класс

 

«Манарша» асаралъул автор щив?

 

М. МухIамадов

 

ГI. Расулов

 

ХI. Гъазимирзаев

 

 

ХI. Гъазимирзаевасул насихIатияб магIнаялда хъвараб асар кинаб

 

«Гьудуласде»

 

«Лъалхъуге, дир барти»

 

«Васасде»

 

 

3. Художествияб асаралда цо иш яги лъугьа-бахъинал церетIей, гьел цо тартибалда рихьизари ккола…

 

Сюжет

 

Тема

 

Идея

 

 

4. Дир ботIрол расалъе нусго батIияб

 

Сипат гьабуна гъос шагIирас гIадин…

 

Расул щибаб гьартел, гьазул жемаби,

 

Жалго гаргадизе тIамуна реццун…

 

Гьал рагъаби кинаб асаралдаса росарал кколе?

 

«Хваразул цIаралдасан»

 

«Саба-меседо»

 

«Камалил Башир»

 

 

ЧIаго хвезе чIоге, къадру-асс цIуне,

 

Дудаго рихараб чидай гьабуге!

 

Дурго росу бокьа, гIадатал рокьа,

 

ГIураб ВатIаналъе ритIухъав вукIа!

 

Гьал кочIол рагIаби щиб асаралдаса росарал?

 

«Васасде»

 

«Хваразул цIаралдасан»

 

«Гьудуласде»

 

 

Гьикъе, бетIер къулун, адабги гьабун,

 

Гьенив чIун ватарав чиясда дуца

 

Ругъжаса Эльдарил – кочIохъанасул

 

Кинаб къисмат ккараб лъаларищилан

 

Гьал кочIол рагIаби щиб асаралдаса росарал?

 

«Васасде»

 

«Хваразул цIаралдасан»

 

«Дир Дагъистан»

 

 

7. МухIамад Шамхаловасул «Вац» абураб асаралъул жанр

 

Къиса

 

Хабар

 

Роман

 

 

8. Инсанасул ва дунялалъул хIакъалъулъ пикрабазул тIехь ккола

 

ЦI. ХIамзатил «ГIадатазул жул»

 

Р. ХIамзатовасул «Дир Дагъистан»

 

Э. Капивасул «Поэт»

 

 

9. ЧIарадисезул гимнлъун лъугьараб кечI ккола

 

«РачIа, гьудулзаби»

 

«Къаралазул гIор»

 

«ГIандадерил хIор»

 

 

10. Кицабаздасан, абияздасан, гIакъилал пикрабаздасан ва малъа-хъваяздасан гIуцIараб поэма.

 

«Дир ракI мугIрузда буго»

 

«ГIумруялъул дарсал»

 

«Хваразул цIаралдасан»

 

 

11. «ТIалхIатиде» абураб асаралъул жанр ккола

 

МагIу

 

Рокьул кечI

 

Халкъияб кечI

 

 

12. КIудияб ВатIанияб рагъда халкъалъ бихьизабураб бахIарчилъи, къвакIи, къохIехьей ва гьеб кинабго бачIунеб гIелалда кIочене бегьунгутIи бихьизабулеб поэма ккола

 

«Хваразул цIаралдасан»

 

«Дир ракI мугIрузда буго»

 

«Вехьасул къиса»

 

 

13. Рихьуниса ШапигIиласул васасде гьабураб бакьайчIиса ЧIанкIал машгьураб кечI,

 

«ТIалхIатиде»

 

«Сайгидул Баталиде»

 

«Исрапчиясде»

 

 

14. Хъвадарухъанас жиндирго аслияб суалалъе кьураб жавабалда абула

 

Идея

 

Эпиграф

 

Лейтмотив

 

 

 

15. Хабар ккола

 

Бищун гьитIинаб прозияб асар

 

Гьоркьохъеб прозияб асар

 

Бищун кIудияб прозияб асар

 

 

16. Асаралда цо иш яги лъугьа-бахъинал церетIей, гьел цо тартибалда рихьизари ккола

 

 Сюжет

 

 Идея

 

 Тема

 

 

17. Эпосалъул жанралде гъорлъе уна

 

 Эллегия

 

 Къасидат

 

 Поэма

 

 

18. Авар миллияб газетаялъул бетIерав редактор

 

М. ПатахIов

 

ГI. Камалов

 

М-ХI. МахIатIов

 

 

19. Р. ХIамзатовасул «Авар мацI» асаралъул аслияб пикру загьир гьабурал рагIаби хъвай

 

---------------------------------------------------------------------------------------------------------------------------------------------------------------------

 

20. «МагIарулай» къиса лъица хъвараб?

 

Р. ХIамзатовас

 

М. Шамхаловас

 

А. МухIамаевас.

 

Сайт создан по технологии «Конструктор сайтов e-Publish»