Халкъияб кIалзул гьунаралъул асарал малъи

 

Тема 1. «Лъабго гьунар гьабурав бахIарчи» (2 сагIат)

Дарсил мурадал:

 

1.                  Маргьабазул гIуцIиялъул хаслъаби (лъабцIуллъи, релълъараб байбихьи, кидаго сахават-лъикIлъи бергьин, квешлъи къезаби) баян гьари.

2.                  Маргьуялъул аслиял бутIаби къокъго рицине ругьун гьари.

3.                  Ханзабазул, багьадурасул, гIажаибал ясазул гIамал-хасиятазул анализ гьабулаго, гIилла-мурадалъул гьоркьорлъаби ратизе ва гьезие битIараб къимат кьезе цIалдохъаби ругьун гьари.

 

Дарс ин

1.                   Художественнияб къагIидаялъ, лъималазе асар гьабиледухъ, маргьа бицина (бажаричIони цIалила) – 15 минут.

2.                   Хадуб 2–3 минуталъ лъалхъиги гьабун, тексталда тIасан суалал кьела.

-                    Маргьа бокьарабищ нужее?

-                    Маргьаялда цIар буго «Лъабго гьунар гьабурав бахIарчи». Васин абичIого, «бахIарчиян» цIар лъеялъе гIилла щибдай?

-                    Кина-кинал гьунарал гьес гьарурал? (ЦIакъго къокъго рехсезе тIамила).

-                    «ГанчIил вас», «ХIамаги бацIги» абурал маргьабазда дандеккун, гьаб маргьаялъул батIалъи щиб? (Лъималазда жаваб кьезе лъалеб гьечIони, къокъго ва мухIканго живго учителас бицина).

-                    «ГанчIил вас» абураб асаралда кколел гIажаибал лъугьа-бахъинал ракIалде щвезаре. (Вас ганчIиде свери).

-                    Гьединал, хIакъикъаталда рукIунарел, божизе захIмахал лъугьа-бахъинал гьаб маргьаялда кинал ругел? (Лъималаз бицина, учителас хIасил гьабила):

«Маргьаби рукIуна рукIа-рахъиналъул, хIайваназул хIакъалъулъ ва гьединго, гIажаибал ишазулги бицунел. Гьеб лъабабго тайпаялда гьоркьоса гьаб маргьа кинаб кколеб? Сундул хIакъалъулъ гьеб бугеб? (ГIажаибал, хIикматал ишазул хIакъалъулъ маргьа).

3.                  ТIахьазда тIаде ралагьун цIалдохъабазда цIализабила ункъабилеб абзац, цинги гьикъила:

-                    ХIакъикъаталда букIине бегьулеб «гIажаиблъи» щиб батараб? (Рас меседил куй, рахьдал хIорал, хIориниса куйдуца рахь гьекъейгун, гьелда хадув лъугьарав кIотIун ккей).

Щуабилеб абзац («Нахъисеб сордоялъ») цIализе тIадкъала, ха­дуб суал кьела:

-                    ГьитIинав вац кIотун ккечIолъиялъе гIилла щиб?

Анкьабилеб абзац («Ханасул васас гьикъанила...») цIализабила.

-                    Гьаниб гIажаибаб иш щиб бугеб?

-                    Вас хвасар гьавуралъухъ ханас щиб кьолеб букIараб?

Ханас васасде абурал рагIаби ратизе ва цIализе тIамила, цин­ги гьикъила:

-                    Бечелъиялдасаги, ханасул ясалдасаги васас щай инкар гьабураб? Щиб гьесие бищунго хирияб жо? «Щванила гьев цо кидаго бихьичIеб...» абураб бакIалдаса тIамач лъугIизегIан рагIун цIализе тIамила.

I- Гьаниб гIажаиблъи гьабизе ккараб иш кинаб бугеб? (Гама ралъдалъе цIан ин).

4.         Хадусеб лъабго абзац цIализе тIамила (жидецаго). Хадуб гьикъила:

-                    Гьанир кинал гIажаибал ишал дандчIварал? (Гъалал меседил яс, ясалъ лъелъан гама тIинде цIай, цIадал къвачIил кIал ккурай яс).

-                    ТIоцебесеб гьунар гьабуралъухъ ханас щиб кьолеб букIараб?

-                    КIиабилебги лъабабилебги гьунаралъухъ?

-                    Сундуе гIолоха бахIарчияс гьел гьунарал гьарурал?

-                    Тимурида дандеккун, гьел ханзабазул батIалъи щиб? (Гьанир руго халкъалъ ургъарал гIакъилал, ритIухъал тIадчагIи, гъова абуни – зулмучи. Гьаниб жиндир халкъ хвасар гьабуралъухъ багьадурасе бащдаб яги тIолго ханлъиги тIаде жиндирго ясги кьола, гъоба чияр ракьал рахъарал гIечIого ясал инжит гьарулев зулмучи вуго. ХIасил гьабила: азарго соназ халкъаз анищ гьабулеб букIана ритIухъав, гIакъилав, халкъалда гурхIулев чи хан ккелилан.

5.    Учителас цIехела цоги маргьадулъ гIажаибаб иш хадубккунги кинаб бугебилан. Гьелъул хIакъалъулъ бицунел предложениял ратила («Хабар гьечIого пархиялда боржун бачIун, лъабго микки рещтIанила, рахъун тIаса макказул цIакалгун, лъабго сурат гIадинай яс лъугьанила...»; «Анила макказ тах гьаваялде босун...»)

6.     Рокъобе хIалтIи: тIехьалда кьураб планалда рекъон хIасил бицине хIадурлъизе. Классги анлъго къокъаялде бикьун, щибаб къокъаялъе цо-цо тIадкъай кьела.

 

Тема 2. «ГанчIил вас» (2 дарс)

 

1.           Дарс    байбихьила лъималазда ратарал васасул гIамалхасият бихьизабулел рагIаби цIализариялдасан. Хадуб классалдаго цадахъ цIализарила халкъияб биценалъул аслияб магIна жаниб бугел гьал рагIаби: «Ракь гIадин, лъимги гьелъул бетIергьабазе хирияб буго. Нижер ракь тушманасе кьезе нижее бокьун гьечIо, нижеца лъимги кьеларо».

2.                  Тимурилги васасулги дандчIвай цIализабила, цинги гьикъила:

-                    ГьитIинав вехьасда аскаргун Тимур вачIунев вукIин лъалеб букIанищ?

– МугIрузде араб халкъалъулги гьитIинав вехьасулги хурхен букIанищ?

– Гьел араб мехалъ вас щай гьениса нахъе инчIев?

– Васасул хIакъалъулъ Тимурида щиб лъалеб букIараб?

-                    Биценалда жаниб васасда цIар щай гьечIеб? (Жаваб кьезе лъималазде захIмалъани, живго учителас баян гьабила).

-                   Тимурица щай цIехараб: «Лъида цеве эхетун вугевали лъалищ дуда? Дуда лъалищ дие бокьараб жо дуе гьабизе дида кIолеблъи? – ян. Щиб гьелъ бихьизабулеб?

-                    Васас кинаб жаваб кьураб? (ЦIале тIехьалдасан).

-                    ГIакъилаб, гIодобе биччараб жавабалъ вас кинав чилъун вихьизавулев?

-                    «Дица бицинабила дуда гьеб!» – ан ахIдана Тимур. Кин бицинабизе гьесда ракIалда букIараб?

-                    Лъалеб бугищ гъарачиясда ВатIан хириял дагъистаниязул къвакIи?

-                    Гьеб бицеян гьанжелъизегIан гIакъуба кьуна», – ян васас гъажалдаса буртина рехиялъе гIилла щиб?

-                    Тушманас (ГIубайдулаца) васасе кинаб къимат кьураб?

(ЦIале).

«БицинчIони, цIалаца вухун, тIутIун вай», – ан буюрана Тимурица.

ТалавурчагIазул бодул цевехъанасул кинаб хасият гьелъ баян гьабулеб? Гьесул буюрухъалъ васасе кинаб асар гьабураб? ХIинкъун, тамахлъунищ арав яги цевеялдаса къвакIунищ лъугьарав?

-                    ХIасил щиб ккараб: Тимурищ яги васищ бергьарав?

Васасдаса жив къеялъе мукIурлъун, Тимурица абурал рагIаби цIале тIехьалдаса.

3.    Ролазде бикьун цIали гIуцIила.

«Тимурица васасда гьикъана...» абураб бакIалдаса лъугIизегIан ролазде бикьун цIализе хIадурлъизе тIамила. Цин цебе учителас цIалдохъабазда бихьизабила щибаб суал ва жаваб абизе кколеб куц. Цинги хIадурлъизе тела ва 5–6 минуталдасан цIализе тIамила.

4.    ХIасилалъе суалал ва тIадкъаял:

-                    Тимурица Дагъистан кверде босанищ?

-                    Бакъараб, къечараб, свакараб жиндирго аскарги бачун, щай гьес Дагъистаналъул ракь тараб?

-                    ГанчIил васас кинаб хIукму гьабизе гьев тIамурав? (Гьав гьитIинав васгицин гамачIгIан къвакIарав вугеб мехалъ, мугIрузул щулалъаби ккурал гьазул рагъухъаби чармил ратила, гьездаса ворчIани гIела дие», - ян нух босана гьес.

-                    Васасул сипаталъул биценалъ сунде ахIулел ругел?

Щиб нилъеда малъулеб бугеб?

-                    Гьелдаса хадубги гIемерал цогидалги тушбаби тIаделъана

Дагъистаналде Надиршагь вачIана – щущахъ виххизавуна, туркал рачIана, ингилисал тIаделъана – тIуризе ккана, 25 соналъ гIурус пачаясулгун рагъ гьабуна, фашистал тIаде кIанцIараб мехалъ, гьезде данде рагъулаго 50-ялласаги цIикIкIун бахIарчи 1999 соналда чачаназул гъачагъазде данде рагьун, гъединго аза-азар гIолилаз рухI кьуна, гIагараб Дагъистан цIунулаго.

Анкьумумулъан бахъараб гьанжелъагIан ВатIаналдехун кинаб бербалагьи бихьизабураб дагъистанияз?

«ВатIан хириясе хвел букIунареб» абураб кициялъул магIна кин рагьун бугеб гьаб халкъияб биценалда? (ХIасил гьабила).

Гьеб темаялда тIасан дарсал араб куцалъе ва гьеб цIалдохъабазда бичIчIараб даражаялъе къиматги кьун, учи­телас доскаялда рокъобе хIалтIи хъвала (яги хъвазабила тетрадазда, кIалалъ абун): классалда бицине жидеего рекIее гIураб биценалдаса бахIарчиясул рекIел къвакIи бихьизабулел хIужаби.
Сайт создан по технологии «Конструктор сайтов e-Publish»