Авар адабият

 

Авар адабият
9 класс

 

Тема: МухIамад АхIмадов. «Дие бокьун буго».

 

Дарсил мурад: Дагъистаналъул поэт МухIамад АхIмадовасул творчествогун лъай-хъвай гьаби;

ЦIалдохъабазул калам цебетIезаби, чвахунцIали мухIкан гьаби, кочIолаб каламалде рокьи цIикIинаби; кочIол мацIалъул пасихIлъи берцинлъи бати.

Сипатиял рагIабазул магIна рагьизе малъун, лъималазул гIакълу бегIери;

ГIадатаб анализалъул кумекалдалъун цIалдохъабазул логикияб пикру цебетIезаби;

ГIадатаб анализалъул кумекалдалъун инсанасул бищун кIудияб талихI эбел йикIин бичIчIизаби, гьелъул адаб-хIурмат гьабиялде лъимал куцай. Алатал: интерактивияб доска, поэтасул сурат ва тIахьал, авар театралъул пьесабазул диск.

 

Дарсил ин

1.              Класс хIадур гьабила дарсиде.

2.              Учителасул цеберагIи:

Ассаламу гIалайкум

ТIаде рачIарал гьалбал.

Ассаламу гIалайкум

Хириял цIалдохъаби.

Ассаламу гIалайкум

Аваразул миллат-мацI.

Адаб кьочIое лъураб,

Ахир рокьуе гьечIеб.

Армяназул пашманлъи

Арарат мегIер буго

Аваразул пашманлъи

Авар мацI лъачIел лъимал.

 

Лъималазул жаваб:

ВагIалайкум ассалам

X1урматияй мугIалим.

Нижеца яхI бахъила

Авар мацI лъикIго лъазе.

 

Учитель: Лъимал, нужеца жакъа дарсида авар мацI лъикIго лъазе рагIи кьуна. ХIаракат бахъе дарсида нужерго пикру загьир гьабизе. Дун йиго 35-абилеб гимназиялъул мугIалим, цIарги дида буго Гулишат Абдусаламовна.

Цин нилъеца цересел дарсазда малъараб такрар гьабила.

3. Цересел дарсазда малъараб такрар гьаби:

 

Тестал

1. «Дир ракI мугIрузда буго» абураб поэмаялъул авторасул цIар бице.

а)                ЦIадаса X1амзат

б)                Расул X1амзатов

в)                Фазу ГIалиева

 

2. «Хваразул цIаралдасан» абураб поэмаялъул аслияб пикру баян гьабе.

а)                Рагъалде данде къеркьезе ккола

б)                Халкъалъул тарих лъазабизе ккола

в)                Рагъда хварал кIочене бегьуларо

 

3. «Саба-Меседо» абураб асаралъул авторасул цIар бице.

а)                Расул X1амзатов

б)                Машидат Гъайирбекова

в)                ГIабасил МухIамад.

 

4. Щиб махщелалъул гIадан кколей Багъатарил «Севералда бугеб дир милъиршоялдаса» Лидия?

а)                МугIалим

б)                Художник

в)                Тохтур.

 

5. МагIарул хъвадарухъан Багъатарил фамилия щиб?

а)                XIамзатов

б)                ХIабибов

в)                ХIажиев.

 

6. Гьал кочIол мухъал тартибалда лъе:

Дун вачIина духъе, вачIина духъе,

КвегIаб берзул магIу бацIцIуна сардилъ,

Чирахъ гIодоб кьурун, кьижа, дир мискин.

Дица балъго, эбел кваранаб квералъ,

 

7. Щиб асаралдаса росарал гьал рагIаби:

а) Йижараб росу тун сапаралъ индал,

Бусен, къаданиб жо къвакIараб ккани,

Мун гьаюрай бабул хIеренлъи босун,

ХIулидул бусенлъун тIибитIе, месед.

а)                  Р. ХIамзатов «Авар мацI»

б)                 X1. Гъазимирзоев «Васасде»

в)                 М. Гъайирбекова «Эбелалъул кечI»

 

б)      «Шагьар гIагарлъанагIан хъудиги накIкIлъун тIад бигъун чIараб кIкIуйги гIемерлъулеб букIана. Дагьабго заманалдасан туристазул гьаркьигъараб къокъа некIсияб шагьаралъул къватIазде лъугьине буго».

а)  Багъатар «Севералда бугеб дир милъиршо»

б)                 ГIарип Расулов «Хазина»

в)                 Фазу ГIалиева «Кини».

 

в)      Эбел, кIоченаро гьитIинаб мехалъ,

Дун къватIахъ кватIигун, кидаго дуца

Горда лъун толаан бакараб чирахъ

Ва къирун толаан къачIого каву.

а)                XI. Гъазимирзоев «Лъалхъуге дир барти»

б)                Р. ХIамзатов «Эбелалде»

в)                М. Гъайирбекова «Эбелалъул ракI».

 

г) Эбелалде хъвалеб кагъатги бихъун

Вахъун рогьалида росулъе ана.

Гьелда бер чIварабго кечI кIочон тана

ГьечIо эбел гIадаб кечI дунялалда.

а)                МухIамад АхIмадов «Эбелалде кагъат»

б)                 Расул ХIамзатов «Эбелалде»

в)                 ГIарип Расулов «Хазина».

 

8. Гьал руго, лъимал, МухIамад АхIмадовасул «Эбелалде кагъат» абураб кочIолъа росарал мухъал. Жакъасеб нилъер дарсил тема ккола МухIамад АхIмадовасул «Дие бокьун буго» абураб кечI. Хъвай тетрадазда къо-моцI, тема ва дарсил эпиграф:        

Эбелалъул ракI гурхIи

ЦIаялъги бухIуларо.

Эбелалъул ракI бухIи

Лъадалъги тIерхьунаро.

(кици)

 

9.      Поэтасул биографиягун лъай-хъвай гьабила: Аваразул шагIир МухIамад АхIмадов гьавуна 1955 соналъ Гъуниб районалъул Гьонода росулъ. ЛъугIизабуна Москваялъул М.Горькил цIаралда бугеб Литературияб институт. ХIалтIана Дагъистаналъул тIахьазул издательствоялда, Дагъистаналъул хъвадарухъабазул Союзалъул правлениялъул гIуцIиялъулав секретарьлъун.

МухIамад АхIмадов 1977 соналдаса нахъе ккола СССРалъул хъвадарухъабазул Союзалъул членлъун. ГьабсагIат хIалтIулев вуго Дагъистаналъул хъвадарухъабазул Союзалъул председательлъун. Щибаб хамизкъояль Р.ХIамзатовасул цIаралда бугеб библиотекаялда МухIамад АхIмадовасул нухмалъиялда гъорлъ тIобитIула хъвадарухъабазул творческияб данделъи яги цIияб тIехь къватIибе биччаялъул данделъи. Гьениб гIахьаллъи гьабула нижер гимназиялъул цIалдохъабазги ва рес букIуна бокьараб суал гьесие кьезе ва гьесул кучIдузухъ гIенеккизе. МухIамад АхIмадовасул эбелалъул хIакъалъулъхъварал кучIдузул цояб нилъеца цIалила тIехьалдасан.

10. Словарияб хIалтIи. Гьел кучIдузулъ нилъеда ратула цо-цо ричIчIуларел рагIаби: парахалъи – спокойствие, росдал сверабазде – перекрёстки села, гьурмалъги пархун – мелькнуло на лице.

5.          Учителас кечI цIалила.

6.           КечI лъималаз цIалила, ахирисеб куплет киназго цадахъ цIалила.

7.           КIечIалда тIад хIалтIи: Нилъеца кочIолъ аллитерация батила, кочIол роцен бихьизабизе вахъинавила цо цIалдохъан. (1 куплет)

Дие бокьун буго,

РикIкIадаса щун,

РукIкIунеб мехалда

Рокъов вуссине;

Свакарал пикраби,

Каранлъа роржун,

Росдал сверабазде

Данде руссине;

 

2 аб. куплеталда метафора батила:

Гордазухъ рекIарал

РакIал кинигин,

Киналго чирахъал

Дие къалъизе.

– РекIарал ракIал.

Учитель: РекIарал ракIал абулаго, гIурус литератураялдасан М. Горькиясул асаразул кинав героясул образ цебе чIолеб бугеб? (Данко)

 Гьаб кочIолъ калам пасихI гьабизе авторас хIалтIизарун руго сипатиял рагIаби - эпитетал, бокьилаан нужеда гьел ратизе:

– къирараб нуцIа,

– херлъи лъалеб гьими,

– росдал свераби

14. КечIалъул идея ва тема батила:

– Кинаб темаялда хъван бугеб гьаб кечI?

– Идея кинаб кколеб? Жиндирго кочIолъ авторасе щиб загьир гьабизе бокьун бугеб?

– БитIун буго, лъимал, эбелалдаса рикIкIад хутIараб мехалъ гьелде бугеб чIалгIен, рокьи, гIищкъу загьир гьабулеб буго.

– Щай авторас рукIкIунеб заман тIаса бищараб?

(Росдал къватIалги чIороголъараб гIадамаз пикрабазеги анищазеги квал квал гьабулареб заман)

– Щай тIуркIизаюлей? Пашманлъиялъищ яги рохалицайищ?

– «Пакъиралъ рохалилъ дир цIар турила» абун хъвалеб буго. Щай шурулеб? Расул ХIамзатовасул «МагIарулал» абураб кочIохъего унго-унгояй магIарулалъ гIадин эбелалъги жиндирго рохелги хIасратги, сабур гьабун, бахчулеб буго. Гьеб куплет ракIалда бугищ?

– КочIол ахиралда авторасул кинаб анищ, мурад бугеб? ЦIалея гьел мухъал. Учитель: ЛъикI бичIчIун буго нужеда гьеб кечI. ГIенеккеха, лъимал, нилъерги авторасулги пикру данде кколеб бугищали. (интервью М.А.)

   ЦохIо МухIамад АхIмадовас гуребги цогидал къалмил устарзабазги хъван руго эбелалъул хIакъалъулъ кучIдул. Дагъистаналъул хъвадарухъабаздаги шагIирзабаздаги гьоркьов нагагьги ватуларо эбелалъул хIалимлъи, хIасратлъи къалмиде босичIев рагIул устар. Библиотекаялдаса кинаб тIехь нилъеца босаниги, гьениб нилъеда батула эбелалде бугеб рокьи загьир гьарулел мухъал. (тIахьазул выставка бихьизабула)

Нужеда киназдаго ракIалда батилин ккола нилъеца 7 классалда цIалараб Р. ХIамзатовасул кечI «Эбелалъ дир кинидахъ кучIдул ахIичIел ани» абураб:

 

Дир мацI букIинароан,

Дир цIар букIинароан,

РикIкIада сапаразда

Дида нух къосинаан,

Дида рокьи гьадигIан

Ракьалда лъалароан,

Эбелалъ дир кинидахъ

КучIдул ахIичIел ани.

 

Эбелалде бугеб рокьи, гьелъухъ гIашикълъи загьир гьабун хъварал кучIдул Р.ХIамзатовасул гIемерал руго. РакIалде щвезабеха нилъеца цебехун цIалун букIараб гьесул кечI. (кечI ахIула)

 

Эбел, кIоченаро гьитIинаб мехалъ,

Дун къватIахъ кватIигун, кидаго дуца

Горда лъун толаан бакараб чирахъ

Ва къирун толаан къачIого каву.

 

Учитель: Эбел – васалги гьарурай, ясалги гьарурай, гьезие кучIдулги, бакъналги гьарурай; кинабго тIегьалебгин бечIалелъулги, бачIунебгин унелъулги, гIумруялъулги хвалилги хвел жиндие гьечIей; гьереси гьечIей нугI. Эбелги эбелалъ код об ккураб лъимерги - гьале ияхI, гьале битIараб, гьале намус, гьале берцинлъи. «Дуе эбелалъ кинидахъ кечIгойищ ахIичIеб?» – абун буго ХIажимурадица цо рагъда хIинкъарав чиясда. Эбелалде бугеб рокьи нилъеда бихьула халкъиял кицабазулъги биценазулъги. Нужедаги лъалел ратила эбелалъул хIакъалъулъ кицаби?

15. Кицабазда тIасан творческияб хIалтIи.

Дицаги росана, лъимал, эбелалъул хIакъалъулъ кицаби. Гьанир гьел кицабазул ахирал жура - гъуран кьун руго. Нужее тIадкъай буго гьел кицабазе битIараб ахир балагьазе.

Эбел-эмен разияб лъимер – лъугIи гьечIеб хазина.

Эбел-инсуе гъабураб хъулухъ – дуего нухде бан тараб тIех.

Эбел-инсуе кьураб гIакъуба – дурго нухде бан тараб заз.

16. Гьал кицабазда гьоркьоб биччараб рагIи бате:

Эбел-эмен хер гьарулелги …………, бахIар гьарулелги ………       

Эбел-инсул……… лъималазда, лъималазул………..гьаваялда.

Эбел-инсул…………   тарав халкъалъе басралъула.

16.           Гьел гурелги кицаби гIемерал руго, лъимал. Щибаб кициялъги нилъее гIакълу, малъа-хъвай кьола. Мисалалъе босилин цойги кици: Лъималаз эбел-инсуе щиб гьабун батаниги, гьезул лъималаз гьезиеги гьабулеб гьебго жо. Гьаб кици нужеда кин бичIчIулеб, лъимал?

18.    Нужеца киназго абуралъе нугIлъи гьабулебгIадин дие бихьизабазе бокьун буго нилъер авар театралъул «Якьад рихаразул росу» абураб пьесаялъул цо бутIа. (диск)

– Цебе заманаялъ букIараб кинаб гIадат какун бугеб?

Гьанже заманалъ гьедин гьабулеб гьечIо, амма камулелги гьечIо херал эбел-эмен пансионатазде щвезарулелги. Гьезда ракIалде кколеб батила кидаго жал гIолохъанго рукIинин, херлъиларин ва унтиларин. Эбел! Гьеб рагIул гьуинлъиги гьайбатлъиги киназдаго гуро бичIчIулеб. УргъичIого рехулеб рагIиялъ чанги къварид гьаюла нилъеца эбел, амма кигIан лъималаз пашманлъизаюниги, тIаса лъугьуна хIалимаб эбелалъул ракI. Умумузул заманалдаса жакъа къоялде щвезегIан нилъехъе щварал эбелалъул рокьиялъулги, ракIалъул гIатIилъиялъулги, хIеренлъиялъулги бицунел чанги абиял руго. Гьез нилъ эбелалдехун бугеб бербалагьиялъул хIисаб гьабизе тIамула. Эбелалъул ракIалъул хIакъалъулъ бицен рагIун букIун батила киназдаго. (лъималаз бицен бицуна) Къадиясул хIукму: (учителас цIалула) – Нужер пикруялда, кинай кколей?

19. Эбелалъул ракI – гьеб буго божи, рокьи, гьари, рохел, къварилъи, рекIекълъи. Кинабго гьеб жанибе бачуна букъараб зар гIанаб эбелалъул ракIалъ. Диеги бокьун буго, лъимал, цо бицен нужее бицине. (бицен учителас бицуна, кагъат лъималаз цIалула)

20.  ЦIакъ бокьилаан гьаб хабар унго-унголъун ккараб гуреб, ургъун бахъараб букIине. Кин батаниги, эбелалъул лъималаздехун букIунеб рокьиялъул рагIалги ракьанги букIунареблъи мухIканаб жо буго...

21.  Цо-цо мехалда ракIалде ккола – эбел йикIинчIеяни щибдай нилъеца гьабилааан? Гьей йикIинчIеяни, букIинароан чIаголъи, гьунар, гьадинаб гIумру, гьадинаб Дагьистан. Эбел – тIолго тIабигIаталъул байбихьи, лъимадул тIоцебесеб гьимиги ахирияб магIуги. ТубхIат Зургьаловалъ тIубараб тIехь хъван буго эбелалде гьарурал кучIдузул ва магIабазул. Гьеб цIалулев чиясул черх цIунцIрахинабулеб буго гIищкъуялъул гъелегьараб цIадул кутакалъ. Гьелъ кIудияб махщалида рагьулеб буго жиндирго рекIел хIал, эбелалде бугеб рокьи, гьей камиялъул бугеб къварилъи, рекIел бухIи. (ТIехь бихьизабула) Цо куплет кинацаго цадахъ цIалула.

22.  Учитель: Эбел камиялъ ракI данде къачIевги, магIу тIечIевги гьечIо дунялалда щивго. Гьеб бухIиялъ кIалалъе пасихIлъиги, рагIуе камиллъиги бачIинабула шагIирзабазул гуребги гьитIинал гIолилазулгицин. Гьединаздасан ккола эбел камидал кIиго яцалъ гьабураб магIу. «Рузман къо щвезегIан къо мех лъикI, эбел».

 

Щибаб рузман къоялъ, хирияй эбел,

Къулула дуй бетIер дица хабалалъ.

Дур хIатIал ахада накабиги чIван,

Бачуна Лаилагь, цIалула алхIам.

Цинги дир рекIеца ахIула - Эбел!

Амма бер кIутIула хъахIаб зонода.

Гьаюгьинан шола дун дуда цее,

Дие мун гьимула сураталдасан.

Дица квер бахъула - эбел, эбелан,

Амма къанабахъан бахъунаро сас.

Нахъеги йилълъуна зонода аскIой

Къала гьеб каранде, бала сверун къвал,

ТIола берзул магIу балеб цIад гIадин,

Къваридал дир кIутIбуз щурула дур цIар,

Духъан унелъулги, хирияй эбел,

Нахъ-нахъ ялагьула дур заниялъухъ,

Бихьула гургинаб чIагояб гьурмал

ЧIегIерал беразул берцинаб сурат.

Эбел, дица бетIер къулулеб буго

Дур къаданиб бугеб хъахIаб зоное.

Эбел, дуе къо лъикI гьабулеб буго

Хадусеб рузманкъо тIаде щвезегIан.

 

23. Учитель: Нилъеца цIалараб МухIамад АхIмадовасул кечIалда цIар буго «Дие бокьун буго». Гьедин байбихьулебги буго гьеб. Гьениб гьес жиндирго рокъове вуссине бугеб анищ загьир гьабулеб буго.

24. Дарсил хIасил.

– ГIенекке, лъимал, живго авторасул цIалиялъухъги. (запись)

– Нилъеца цIаларал кучIдузулъ, халкъиял кицабазулъ ва биценазулъ кинайлъун йихьизаюлей йигей эбел?

– Гьеб кечIалдаса нужее бищунго рокьарал мухъал цIале. (Учителас къиматал лъела)

– Гьаб дарсил кинаб бутIаялъ нужее бищун кIудияб асар гьабураб? Рокъобе хIалтIи: Лъимал, нужер щивасул батила эбелалда абизе бокьараб, гьелдаса нечон абичIого тараб. Бокьилаан нужеца гьеб кагътидалъун хъвазе, ва эбелалъухъе кьезе. Гьеб буго нужее рокъобе хIалтIи.

ЦIалдохъабазе баркала кьела ва ахирисеб хитIаб цIалила.

25.    Лъималазде хитIаб:

Лъимал, нужеца цIакъ рахьдал мацI цIуне,

ЦIа жаниб бакараб гъансито цIуне.

ЦIергIадин гIагарлъи, росдал гIадамал,

Гьудул-гьалмагъзаби, божилъи цIуне.

 

Эбелалъул хIурмат хIелхIедун гьабе,

Гьелъул хIатIикьлъидал нужее Алжан,

Жан-рухI лъугIизегIан, гIумру инегIан,

Босуге тIаса квер, кумек тIагIунге.

 

Умарагьи СалихIова. Хьаргаби р-н. Могьохъ росу.

«X1акъакъат» журнал, № 11 – 2010 с.

26.    РекIее бокьарал анищал, хьулал нужерги ратила, лъимал. РачIаха нилъеца киназго цадахъ цо нилъерго анищал, хьулал загьир гьаризе:

Дие бокьилаан гьаб гIумруялда...

 

Сайт создан по технологии «Конструктор сайтов e-Publish»