Тема 6.Жалго жидедаго чIун гьабулеб хIалтIи

   

Школалда малъулеб литературияб курсалъул масъала буго культурияв, гIакъилав, гъваридго пикру гьабулев, тIахьал хирияв инсан гIезави, цIалдохъабазулъ тIадегIанаб даражаялъул гIамал-хасият куцай, коммунистияб рухIалда тарбия кьей, гьезул калам, гIакълу ва художествияб гьунар цебетIезаби. Ункъабилеб классалда байбихьула литературияб курсалде. Гьединлъидал байбихьул классазда дандеккун, кIвар цIикIкIуна лъайгун тарбия кьеялъул ласъалабазул. Гьездасан ккола:

1. Художествияб асаралъул анализалъе ругьун гьари.

2. Авторазулгун авалияб лъай-хъвай цIикIкIинаби.

3. Литературияб теориялдаса баянал кьей.

4. Хъвавул ва кIалзул калам цебетIезаби.

Гьел масъалаби бергьенлъиялда тIураялъулъ мустахIикъаб бакI ккола лъимал жалго-жидедаго чIун лъай босизе ругьун гьариялъ. Жидерго жигаралдалъун щвараб лъай букIуна гъваридаб, щулияб ва ахирги гьеб сверула живго бетIергьанаб кьучIаб пикруялде. Жидедаго, лъималаз литературияб асаралъул гъварилъуде нух бахъулеб бугони, гьелъ квербакъула творческияб нухде лъугьине, гьеб ккола цIалдохъанасул гIакълу цебетIолеб букIиналъе хIужалъун.

«ЦIакъго цIикIкIараб кIвар буго цIалараб литератураялъе къимат кьун бажариялъул, – ян хъван буго Н. К. Крупскаялъ. – Нилъеца квелъ цIаялъухъ балагьун цIалдохъаби чIезе кколаро. КъваригIараб буго цiалдохъанасда жиндаго кIвезе асаралъул ана­лиз гьабизе ва гьелъие битIараб къимат кьезе».

Гьедин битIараб къимат кьезе цереккун лъимал ругьун гьаризе ккола. БачIинахъего ункъабилеб классалъул цIалдохъабазда тIаде бегизабизе бегьуларо баччизе кIолареб бакIаб гьир: щибаб дарсида цо-цо, кIи-кIи жидедаго тIубазе кIолеб хIалтIиги тIад къан, асаралъул цо-цо рахъалъул анализ жидецаго гьабизе тIамила, хадуб дагьа-дагьабккун цIикIкIинабила жидецаго тIубазе кколеб хIалтIул къадар, ахир лъимал ругьунлъизе ккола кинабго рахъалъ гъорлъе раккун, жидецаго цIалараб литературияб асаралъул ана­лиз гьабизе, гьелъие битIараб къимат кьезе.

Лъимал хадур гъезе кколелъул асаралъул идейниябгун худо­жествияб даражаялда, даре лъугIизегIан киналго лъимал жигаралда гIахьал гьарила асаралъул анализ гьабиялъулъ. Учителасул нухмалъиялда гъоркь анализ гьабизе киназдасанго бажарараб мехалъ, рачIина жинди-жиндир бажариялда рекъон тIадкъаялги кьун, жалго жидедаго чIун, асаралъул цо-цо рахъазе анализ гьа­бизе тIамиялде. Анализалъул гъварилъиги букIина лъималазе щвараб теоретикиябгун литературияб лъаялдаги, гIумруялъул хIалбихьиялдаги данде кколеб, амма гьитIинабго букIаниги жидеего цIияб жо рагьилъун. Ункъабилеб классалда байбихьараб ана­лизалъул хIалтIиги литературияб теориялдаса баяналги анцIабилеб классалде щвезегIан гъварид ва гIатIид гьарулаго рачуна. Гьединлъидал щибаб классалда лъимал рахине кколеб литературияб борхалъи учителасда гвангъун бихьула ва махщалида гьеб борхалъуде рахине цIалдохъабазе кумек гьабула.

Литературияб асаралъул анализ гьабулаго, жалго жидедаго чIун, цIалдохъабаз батIи-батIиял тIадкъаял тIуразе бегьула. Масала, героясул гIамал-хасият рагьизелъун художествияб каламалда (пасихIал рагIабазда) тIад ургъизе тIамиялдаса байбихьун, тIолабго асаралъул идейниябгун художествиял хаслъаби ратизе тIадкъаялде гIунтIун, батIи-батIиял хIалтIаби гьаризе бегьула.

Жалго жидедаго чIун гьарулел хIалтIаби кIиго батIияб тIелалде рикьизе бегьула:

1. Малъараб, бицараб материал ракIалде швезабиялде руссарал хIалтIаби.

2. Творческиял хIалтIаби.

ТIоцебесеб тайпаялъул хIалтIабазда гъорлъе уна хIасил бицин, цIалараб жо ракIалде щвезаби, учителас бицараб жо такрар гьаби ва гь. ц.

Щиабилеб тайпаялда гъорлъе уна героязул гIамал-хасият, гьезул ишал, абурал рагIаби, лъугьа-бахъинал дандеккун гIаммаб хIасил гьабизе, гIаммал ва хасал рахъал ратизе, жидедаго анализ ва хIасилал гьаризе, гьединго асаралъе жидерго къимат кьезе тIадкъай. Гьеб кIиябго тайпаялъул хIалтIаби дарсида цоцалъ рессун рукIуна ва ратIа-ратIаго тIоритIизе тIадкъазеги лъикIаб гьечIо. ГIадатлъун билълъун буго тIоцебесеб тайпаялъул хIалтIабаздаса байбихьун, кIиабилеб тайпаялъул тIадкъаяздалъун лъугIизабулеб. Гьезда гьоркьоб гIорхъи чIвазе бегьуларо. Учителас кьолеб тIад-къаялда бараб буго кинаб тайпаялъул хIалтIи гьабизе лъимал лъугьинелали. Масала, тIадкъани Сашаги майорги дандечIвараб куц бицине хIадурлъизе. Гьениб лъимал журала тIоцебесеб тайпаялъул хIалтIи гьабизе, яги тIад къани Самиги Набиги сапаралде рахъиналъул, Самица кIодо гуккиялъул цIализе ва хIасил бицине – гьебги гъобго тайпаялъул хIалтIи лъугьуна, амма гьенибго суал кьуни: «Кьварараб хасало Саша сардилъ рохьове иналъе гIилла щиб?» – ян, яги «Щай майорас Сашада, гьесда жиндаго лъазегIан, жив эмен вукIин бицинчIеб?» – ян, «Кинал гIаламатаздалъун, сундалъун Къасумида лъараб Самиги Набиги ЧIегIераб нохъоде араллъи?» – ян. Гьезие жавабал ургъулаго, лъимал рачIуна кIиабилеб тайпаялъул хIалтIуде. Гьайгьай, цин цебе лъимал тIамизе ккела тIоцебесеб тайпаялъул тIадкъаял тIуразе. ЦIалдохъабазухъан гьеб тIубазе бажарулеб букIин баянлъарабго, хадубго цун кьола твор­ческиял хIалтIабиги. Цо-цо тIадкъаяз тIалаб гьабула гьеб кIиябго тайпаялъул хIалтIаби цадахъго тIурайги. Масала, героясул цIаралдасан хIасил бицине тIадкъани, гьениб кIиябго рахъ жубан букIуна. ЦIализе ва, героясул ишазе къиматги кьолаго, хIасил бици­не тIамуни, гьебги творческияб рахъ гъорлъ бугеб хIалтIи лъугьуна. Герояз пуланаб иш гьабиялъе, гьезул хьвада-чIвадиялъе гIилла тIатинабиялда, асаралда жаниб сипат-сурат гIуцIиялъул, ишазул тартиб баян гьабиялда хурхарал суалазе кьолел жавабазулъ творческияб рахъ цIикIкIун букIуна. Гьединал тIадкъаяз лъимал ру­гьун гьарула цого хасияталъул лъугьа-бахъинал, ишал, сипат-суратал ва гь. ц. данде къан хал гьабизе, героязул ишал, калам, лъугьа-бахъинал ва цогидалги хIужаби дандекквезе, малъулеб асаразул цо-цо рахъазул, бутIабазул анализ ва хIасил гьабизе. Масала, жалго жидедаго чIун тIуразе кьезе бегьула гьадинал тIадкъаял:

«Кинаб бербалагьи бугеб М. Сулимановасул жиндирго къисаялъул героял Алхасидехун ва Къасумидехун? Щиб гьезул образаздалъун авторасе абизе бокьараб, «ГанчIил васасулги Сашалги хьвада-чIвади данде ккве ва хIасил гьабе», «Сашадаги ганчIил васин абизе бегьулищ? Сундалъун нужеца гьеб чIезабулеб?» Гье­динал тIадкъаязе битIараб жаваб батизе ккани, анализалъул нухалдалъун лъимал рачIине ккола хIасилазде. Гьанжесеб тайпа­ялъул дарсил аслиял тIалабазул цояблъун ккола жалго жидедаго чIун лъай босизе лъимал ругьун гьари. Гьединлъидалин жалго жидедаго чIун тIуразе кьолел тIадкъаяз литератураялъул дарси­да хасаб бакI кколеб. Жалго жидедаго чIун ургъизе ва хIасилал гьаризе лъимал ругьун гьаричIони, гьезул гIакълу-лъай цебетIезабизе цIакъго хIинцго гурони кIоларо. ЦIалдохъабазул гIакълу-лъай бегIериян абуни цIиял программабазул аслияб тIалаб ккола. Гьеб тIалаб тIубазабиялъе хIисаб гьабун гIуцIарал руго хрестоматиялги, цIалиги гIуцIизе ккола цIиял тIалабазда рекъен.

ЦIияб къагIидаялъ цIали гIуцIиялде рачIиналде литература­ялъул дарсазда гIунги тIокIаблъун толеб букIараб батани цIалулеб тексталъул хIасил ракIалда чIезаби ва гьеб бицине лъай, гьанже гьелда тIаде журала творческиял хIалтIаби, творческияб рахъин абуни, анализ гьабулел къагIидаби ва теориялъул материал лъанагIан цIикIкIине буго. Творческияб хIалтIуде лъимал рачиналъе цойги мисал бачинин:

Залимханилги кIодолги дандчIваялъул яги лъималазулги (Набилги Самилги) Залимханилги дандчIваялъул цIализе, бицине тIадкъала. Гьеб буго къисаялда кколел лъугьа-бахъинал ракIалде щвезаризе ва хадуб-цебе рекъезабун бицине бажариялда бараб тIадкъай. Гьединго: «Сунца Набиги Самиги нохъоде сапар гьаби­зе тIамурал?» абураб суалалъе жавабги бараб буго ракIалда жо цIунизе бажариялда. «Залимхан хъачагълъун вахъиналъе гIилла щиб? Сунца гьев чIвадарухъанлъун вахъинавурав?» абурал суалал тIадкъаял кьуни, гьелда тIад ургъизе ккеялъ лъималазул пикруяб рахъ цIикIкIун хIалтIизабула, гьез тексталда рехсарал лъугьа-бахъинал рехсон течIого, данде кквезе, гIилла-мурадияб рахъ тIатинабизе ккола, цинги хIасилалде рачIуна. Гьеб лъималазе гIураб творческияб хIалтIи буго. Лъималаз абуни «Вера Васильевна», «Маша» ва гь. ц. асарал данде ккола, жалго жидедаго чIун хIасил гьабула. Цебеккун щвараб лъаялъул кьучIалда, релълъарал ва хасал рахъал ратула, ху­дожествияб асаралъул хаслъабазул хIасил данде босула. Дарсидаса дарсиде, классалдаса классалде лъималазе кьолел тIадкъаял дагь-дагьккун захIмалъизарула. Учителасда кидаго ракIалда букIине ккола: цIалул ишалъулъ гьоркьоса къотIичIого дагь-дагьккун захIмалъаби цIикIкIинарулел гьечIони, цого бакI мерхьунел лъимал хутIулеллъи, цIалдохъабазул лъай-гIакълу цIубазабизе ругел ресал кьижун хутIулеллъи, гIакълуялъул цебетIей лъугьунареблъи. Учителасул махщалил бегIераб рахълъун ккола цIалулъ цIия-цIиял захIмалъаби къезаризе лъималазул гъира базабулел, цIияб щавкъгун гьел тIаделъулел тIадкъаялги гъорлъе ккезарун, жалго жиде­даго чIун гьарулел батIи-батIиял хIалтIабазул ярагьунеб план гIуцIун бажари.

ШигIруяб яги хабарияб асар малъулаго жалго жидедаго чIун хIалтIизе, лъималазе кьола гIемер батIи-батIиял тIадкъаял:

1. ЦIализе ва суалазе жавабал хIадуризе.

2. Къокъаб, гIатIидго, художествияб къагIидаялъ хIасил бицине хIадурлъизе (лирикиял кучIдузул хутIизегIан).

3. ПасихIго бицине текст рекIехъе лъазабизе.

4. РекIее гIураб лъугьа-бахъиналъул, героясул сурат бахъизе ва сурат бахъизе тексталъул гьеб бакI тIаса бнщиялъе гIилла би­цине.

5. ГIисинал асарал, яги хасал бутIаби сценаялъе къачIазе тIад-къазе.

6. КочIол куплетазда яги хабаралъул лъугьа-бахъиназда рекъон диафильм гIуцIизе.

7. ПасихIго цIализе хIадурлъизе.

8. Лъималаз тексталда тIасан гьалмагъзабазе кьезе суалал xlaдуризе,

9. Ролазде бикьун жинда-жинда тIаде ккараб бакI nacnxlro цIализе хIадурлъизе.

10. Декламациялъе хIадуризе.

11. Текст искусствоялъул цойгидал формабазда дандеккун, xlaсил гьабизе.

12. Къокъаб, гIатIидаб план гIуцIизе. Планалда рекъон хIасил бицине яги изложение хъвазе хIадуризе.

13. КочIол мухъазулъ эпитетал, антонимал, дандекквеял ва цойгидалги художествиял рагIаби ратизе ва гьезул кIваралъул би­цине.

14. Героязул калам, яги тIабигIиял лъугьа-бахъинал рихьизару лел рагIаби кинаб гьаракь-бакъаналда, кинаб хехлъиялда цIализе кколебали ургъизе.

15. КочIолъ яги харбилъ бищун хIалуцараб лахIзаталъул бицунел мухъал ратизе ва цIализе, хIалуцин бихьизабулел рагIаби ратIа росун хъвазе.

16. Пуланав героясул сипат-сурат гьабулел рагIаби ратизе, гьезул кIваралъул бицине хIадурлъизе.

17. Героязул хьвада-чIвади ва гIамал-хасият дандеккун хIасил гьабизе.

18. Героязул рекIел хIал загьир гьабизе тIабигIияб сипат-сураталъул кIвар батизе ва бицине.

19. Аслияв герояс кина-кинал захIмалъабн хIехьезе ккарал? ГIазабалда гъорлъе гьев ккеялъе гIайибияв щивали чIезабизе.

20. КечI, хабар, кIиго-лъабго (яги ункъо) бутIаялде бикьизе ва гьезда бетIер лъезе. Щай гьеб кечI (хабар) рехсарал бутIабазде.бикьизе кколебали ургъизе.

21. Сунда абулеб героясул цогояб каламилан ва гаргарилан. КочIолъ, харбилъ гьел ратизе ва пасихIго гьел цIализе хIадуризе ва гь. ц.

ЧIванкъотIарал суалалги тIадкъаялги тIаса рищи бараб буго щибаб асаралъул хIасилалда, тарбия кьезе, гIакълу бегIеризе ругел ресазда. Халгьабе мисалиял дарсазул къокъаб планалда кьурал тIадкъаязде ва суалазде. Учителас гьел суалал хисизаризе ва цойгидал тIадкъаял планалде росизе бегьула, хIатта асар малъизе дагьабги мустахIикъаб форма батизе бегьула, хнсичIого букIине ккола гъираялда жалго жидедаго чIун хIалтIизе лъимал ругьун гьари. Гьелдаго цадахъ хIисабалде босизе ккола учителасул рагIиги, учительгун цадахъ хIалтIиги, жалго жидедаго чIун тIуралел тIадкъаялги – дарc цебе бачине цого фургоналда рарал чуялгIадал жал кколеблъи. КигIан цоцалъ рекъон гьел хIалтIаби рачине учителасда кIваниги, гьедигIан цIикIкIун литератураялъул дарсги лъикIаб лъугьуна. ЛъикIаб дарс абуни гIакълу-лъаялъул борхалъуде лъимал рачунеб шагьра буго

Сайт создан по технологии «Конструктор сайтов e-Publish»