МАГ1АРУЛАЗУЛ ХАЛКЪИЯЛ БИЦЕНАЛ

 

1.    Х1абитхъала

Нижер росулъ буго «Х1абитхъала» абулеб бак1. Гьеб бак1алда буго гьит1инабго мег1ер. Бицанихъе, нек1ого нижер росулъе вач1ун вук1ун вуго цоги бак1алдаса (росулъа) ц очи. Ц1арги бук1ун буго гьесда Х1абит. Гьес бан буго гьениб мина. Гьелдаса нахъе гьеб бак1алда ц1ар лъун буго Х1абитхъала (Хабита дом).

 

2.    Гьалдул ицц

Дий бокьун буго бицине нижер росулъ бугеб иццул х1акъалъулъ бицине. Гьеб кидаго чвахулеб бук1унаро. Гьеб баккула г1емер ц1ад балеб соналъ. «Гьалдул ицц» абун. «Гьалдул» абураб маг1на ккола «Гьалдодеб ицц» Гьединаб ц1ар бугониги гьеб гьалдолеб лъим кколаро,гьелъул маг1на кколо: гьалдолеб лъин г1адин ракьулъа къват1иб бач1ин. Гьеб лъим бук1уна ц1акъ бац1адаб ва ц1орораб. Гьеб гвангъула байдабаздасан. Бицанихъе гьеб лъим ц1акъ дарманабги бугила абула.

 

3.    КIижани

Нижер росдаде цIар буго КIижани. Гьеб цIар лъеялъе буго гьадинаб бицен. Нижер росу кIиго кьуруялда гьоркьоб буго, гьединлъидал кIиго жаниблъийилан абулеб букIун буго. Гьедин бачIараб буго КIижани абураб цIар.

 

4.    Валияда бакI

Нижер росдал гIорхъода буго цо росу букIараб бакI. Амма гьанже гьенир ганчIал гурони гьечIо. Гьелъул хIакъалъулъ буго гьадинаб бицен. Цебе заманалда гьенир гIадамал ругеб заманалда гьениве вачIун вуго цо гьардохъан. Гьесие гьел гIадамаца гаран кьун гьечIо тIаде жоялъе хадур ганчIалги речIчIулаго ракь тезабун буго.  Росу рагIалде щведал гьес гьарун буго Аллагьасде гьеб росулъ бугеб щинаб чIагояб жо ганчIиде сверагиян. Гьедин ккезеги ккун буго. Росу ганчIиде сверун буго. Гьенире щварал нижер росдал гIадамаца бицана ганчIаде сверарал гIадамазул сипатал ругилан гьенир. Жакъа къоялъги гьенибе зияраталъ халкъ уна. Гьеб рикIкIуна хIежалдасаги, ахIулгохIалдасаги хадуб лъабабилеб хирияб бакIлъун.

 

5.    Бакьагьеч1и

Жакъа къоялъ Бакьайч1и росу бугеб бак1алда бук1ун буго хъала. Гьеб росдал бищун борхатаб бак1алда бакулеб бук1ун буго ц1а. Гьелъул г1илла  бук1ун буго кинаб бугониги х1инкъи бук1ин бицунеб .Гьеб хъалаялда сверун г1умру гьабулел рук1ун руго г1адамал. Гьез гьабулеб бук1ун буго г1ияхъанлъи ва хъалалъухъ балагьулелги рук1ун руго. Гьелда сверухъ ругел авлахъазда бук1ун буго тамахаб харил сага. Гьелъ гьезул г1иял рук1ун руго ракьа гьеч1ел, кьариял чахъал. Г1адамаз абулаан гьезул ракьа гьеч1илан – «ракьа-гьеч1и». Замана анаг1ан «р» хисана «б» ялъ ва росдада ц1арги лъугьана «Бакьагьеч1и.

6.    Бац1ада

Унчаева Патинад бицараб жоялъа рокъоло  «Бац1ада» абураб бак1  ккана бац1ал руг1анаб бак1.Цебе заманалъ росдада соро руг1ло руго руччарал рохьал .Къасда эгьел рохьазда тарал боцци кванал руг1ло руго бац1аз.

Цоги Пат1инадго бицараб жоялъа рокъоло цере  Бац1ада росдал г1адамал к1асунал руг1ло руго  цоги росабизда ад .Цо нух1алъ  бац1адисел къасда  к1асу ру ругъеждуда ад .Ругъжасияз эгьеб  мехалъ абу бу ба1адисел бац1ал г1адин к1асудя ад .

Бац1ада росдал г1адамазул цо бугаб ццар бу «бец1».Росдада соро тиро чвахунаб буго «Бец1-г1ор» абураб г1ор.Иттинаб ццар элъие кьо бу лъадал кьеруда балагьо .Кидаго бец1аб ,гъугъараб  лъим буг1ло бу г1орулъ.

 

7.    Тамарал х1уб

Росда соро тиро руго г1емерал тарихиял памятникал. Патинад бицар Тамарал х1убалъул х1акъалъулъ. Тамара, багьгогьли гьанай г1адам, юг1ло юго жондоего квен гьабунай. Эгьеб мехалъ вегьу ву Мох1оса Дамадан, х1инчч ккарав. Эсда рег1лу буг1лу бу элъул бунах1 гьеогьлиялъулги цодогьлиялъулги х1акъалъулъ. Гъот1ода адги ччоло байбехубу элъулгимо хабар-к1ал. Тамарад абу бу жондода дав гьа вугила  ва жондода цадах куназе г1одов ччайла Тамара юг1ло юго Росола абураб балъа гетугимо. Эгьеб мехалъ Дамадан вохну оно ву, ценги абу бу Тамара жендедаса цодорайги бунах1 гьеайги югила.

8.    Къах1иб

Тарихазул г1елмабазул доктор Умар Давудовас бицараб жоялдаса. Гьес бицанихъе «Къах1иб» росдал ц1ар бач1араб буго гуржиясул «Кахи»-абураб раг1удаса .Гьадинаб ц1ар нижер росдае кьеялъе г1иллаги буго. Гьаниб батун буго гуржиязул хъва-хъваг1ай. Херал чаг1аз бицанихъе гьеб хъва-хъваг1ай батун бугогуржияз доб заманалда г1умру гьабулеб бук1араб къаг1идаялда.Г1алимзабазул пикруялда рекъон дунялалда инсан вижун вуго ункъго миллион соналъ цеве .Дагъистаналъул тарихалъул т1ахьазда г1алимзабазул х1алт1абазулъ хъан буго нек1сияб Къах1иб-Бакъдаб росдал, гьенир ругел сиял8-10 г 1асрабазда рарал ругилан. Бищун к1удияб сиялъул борхалъи буго 20 метр ва г1еблъи 4,5 метр. Гьеб сиялда аск1об бан буго к1удияб мажгит. Гьеб мажгитги буго щуабилеб этажалда.

Къах1иб росу ккола бищунго нек 1сияб Дагъистаналъул росу Шамиль районалда бугеб. Гьаниб батун буго анлъ азарго соналъ цебего гьаниб г1адамаз г 1умру гьабулеб бук1иналъул х1ужаби. Жеги ратана хобал цебегосеб заманаялъ г1адамал рукъулеб рук1араб къаг1идаялъул бицунел. Масала, мина балаго чанго бак1алда т1аде ккана к1иго чи цадахъ лъураб хобалде. Цоясул бет1ер цогидасул х1ат1аздехун ккезабун ругоан гьел. Гьеб хоб батана росу ахада.

9.    Ч1арада росу

Ч1арада росу буго Къаралазул г1урул кумараб рахъалъ. Гьеб г1емер к1удаб гьеч1о. Доб мехалъ гьеб росу булу буго 1мекъаб рахъалъ, к1иго километралъ рик1к1ада гьинже бугалъдаса. Гьилъда ц1арги буллу буго Кьах. Амма гьеб буллу буго ц1акъ агъдаманаб бак1алъда. Бакъ гьунде щвани булу буго анц1и к1игоялъдехун. Гьеб к1уда гьабузеги рес булу гьеч1о. Гьинже росу бугаб бак1алъда булу буго Ч1арада абураб кули 1923-1924 соназ г1адамаз к1очинзе байбихьу буго.

10.                      Хубар росу

Бицуна анц1гоялдаса ц1ик1к1ун бак1 ккураб бак1 бугин нижер нек1сияб Хубар росу. Т1оцебе росу ккураб бак1 бук1анила «коком» талаялъул рохьил раг1аллъи. Гьениб гьит1инабго иццул лъим бук1ун, г1адамал г1емерлъун, иццул лъим дагьлъанила. Бигьалъи балагьун, гочизе ккун руго дагьалъ гъоркьег1ан. Гьедин бак1ал г1емер хисун багъилаб бак1ги батун, гьенирго ч1ун руго.

Татаралги рач1ун, рагъалги гьарун, мина-рукъзалги рух1ун, боц1и-панзги бикъун, гьенисаго риха-рикьун руго. Хадуб «х1амул к1к1ал» абураб раг1алда росулъ г1уц1араб росу лъугьун буго.

Т1ат1алаго рач1арал кьог1ал хаселаз, г1азу г1емер бан, чанго нухалъ росу г1ансилъ т1ерхьун буго. Г1уц1араб маг1ишат хвезе теч1ого, жамаг1аталъ х1укму гьабун бугогьанжесеб бак1алде цадахъ рикьа-риххинч1ого гочине.

Умумуз бицунеб къиса буго росулъ к1иго тухум цоцалъ бан бугин, Насрани дин босаралги бусурман дин босаралги. Гьениб Айгуниялин жинда ц1ар бугел гьит1инабго тухум бергьун буго .

Гьезул х1урмат гьабун, тухум цо гьабун, росуялда ц1арги лъун буго «Хубар» абун.

11.                      Хубар

Казбек районалъул росдал ц1ар бач1араб буго лъараг1азул «уйбар» раг1удасан – «гъот1ода балеб г1урдах1ан». Гьеб росу бараб ракьалда, цебего бук1ун буг рохь, жинда жаниб ц1акъ г1емерал г1урдах1анал рижулеб. Гьединлъидал росдада ц1ар лъун буго.

Хубар цебего бук1ун буго бат1ияб ракьалда, жинда Хераб ц1арги тун бук1ун буго, ай гьанче бак1алдаса к1иго километралъ рик1к1ад. Хубараз г1емер хисизе ккун буго бак1ал, гьелъие г1иллалъунги ккун бук1ана: цере г1аздал г1азаб ва ракьул ччук1иналги.

Хубарал ахиралда ч1арал ракьал, цере лъараг1азул ханзабазе колел рук1ун руго. Ва гьез гьел Хубаразе кьола цо ч1езабураб г1арац кьеялдалъун.

Т1оцебего киналниги ракьал рук1ана Заза-бикаян ц1ар бугей ханзабазул рокъоса ч1ужуг1аданалъул ва гьелъ васигат гьабун гьел Хубаразе кьун руго.

Росдада жанир ругел г1адамал кола бат1и-бат1иял росабалъа Хабуралде гочарал. Гьез жалго рик 1к1унаан уздензабалъун, амма руго цо-цо тухумал – лагъзал церегоасирлъаразде гъорлъе ккаразул.

 

12.Гьве гунаб гох1

Нижер Чидаб росу цибехун заманалда Г1урдал росдал жамаг1аталда гъоркь анаб баа, щивго ханасе мут1иг1аб бонч1у. Нижер росдада ади цебе заманалда гъачагълъи гьабу Бакъбаккудаса Тумазул вилаяталдаса ади к1асунал раа ханасул чабхъадулал. Гъачагъаздаса росу ц1унзи, г1урухъа маарда ади щвезиг1ан щулалъи гьабур. Хъаслухъ магъало бак1арзи тумазул бо билъенаб мехалъ, маарда ад  щулалъи лъуг1аназухъ, гъоркьч1елги гьабу, ади к1асу бугу нижер росдал жамаг1ат. Чолав вахъунаб бак1 гьеч1у даб. Нижер росдад ханасул бодул цевехъан кудов восну вуго. Доб маг1арда ц1ар далдаса нахъи «Гьве гунаб гох1» – абу толу бугу нижер умумуз.

13. Г1алишайх

Нижер росулъ вук1ун вуго Г1алишайх абун Аллагьасул вали. Гьев хвана 1652-53соналъ.

Бицуна, гьев росдал г1олохъабаз г1ияда тун вук1унаанилан. Цо нухалъ рузманалде вач1ун вуго гьев, гьенир рук1араз гьикъун буго г1иялги жалго тун щай вач1аравила. Цинги гьес жаваб гьабун буго гьел жинца бац1азда т1ад къан танилан. Гьесул жавабалда г1ажаиблъарал г1адамал балагьизе ун руго г1ияде. Цинги гьезда ратун руго кваналел г1иялги ункъабго рахъалъ г1одор ч1ун бац1алги.

Цоги нухалъ, гьев рокъове кват1идал, росдал г1олохъаби хадур рахъун руго. Гьеб мехалъ гьезда шайих данде ккун вуго рокъове вач1унев, оцалги цере къот1ун, гьезул лъаразда ракун чирахъалго.

14.Хунзах

Хунзахъ росдал ц1ар сундасан лъугьараб ва кисан бач1араб бицунеб цо ккураб хабар гьеч1о. Халкъалда гьоркьор ратула бат1и-бат1иял биценал  гьеб лъугьиналъул бицунел.

Гьеда гьоркьоса цояблъун ккола историялъул учителас бицараб хабар. Маг1арулазул к1удияв эмен Хозоникас, Кавказалъул востокалдаса вач1ун муг1руздегун шагьар бала ва гьелъие жиндирго ц1ар кьола. Бицунеб буго Хазоникалдасан лъугьраб бугила Хунзахъ абураб ц1арилан.

Цойги  къиса буго, росулъа санал ц1ик1к1ав чияс бицараб, гьес бицунеб буго Хъунзахъ абураб ц1ар лъугьун батизе бегьулин Ханхабахъ абураб раг1удасан, щай гурелъул Хунзахъ бук1ана маг1арул ханазул резиденция.

Гьединго росдал г1адамаз бицана Хунзахъ росу цо чанго нух бихханила ва ц1илъанила, ва лъугьун бугила Хун бахъ абураб раг1ул бухьеналдаса. Хунбахъалдаса Хунхахъ  абураб ц1арги лъугьанила. Хунзахъ росу анкьо нухалъ биххун буго ва гьединго ц1илъун буго.

Росдал г1адамазда гьикъун гурони дица хал гьабуна интернеталдаги, гьениб хъван батна гуржиязул историкас Леонти Мровелица, Нух1 аварагасул вас Хунзахъ абураб ц1арги бугев вач1ун вугила уг1рузде, жиндиего шагьарги бан жиндирго ц1ар кьун бугила.

15.Cиухъ

Байбихьуда росу бук1ун буго гьанже Гъоркьсивухъ абулеб бак1алда. Советияб заманалда гьенир рук1ана колхозалъул г1ачиязул фермаги,гаражги,цоги-цоги бак1алги. Гьеб росдал бук1ун буго насранияб дин.Банги буго росдаца 1400 сон. Цоцахъа давла бахъизе доб заманалда гьарулел рук1арал чабхъеназ гьоркьоса къот1ич1ого рах1ат хвезабулеб бук1ун буго г1адамазул. Цо гьединаб рагъ ккараб мехалда росу бух1ун буго т1аде рач1арал чабхъадулаз.Гьеб мехалда гьел г1адамаз х1укму гьабун буго гьанже росу бугеб бак1алда Щулалъул кьурда цебе ц1ияб росдае кьуч1 Лъезе.Гьеб заманалда Т1алул раг1алда цоги гьит1инаб росу бук1ун буго Макьасдаян ц1ар бугеб.Гьеб росдал г1адамлги рач1ун руго сахъадерихъе гьарун жалги риччайин нужеда гъорлъе ц1ияб бак1алдеян.Гьелде щвезег1анго, 1300 соналдаго, доб гъоркьехун бугеб росулъа лъабго г1олохъанчи вит1ун вуго гьанжисеб Лаваши районалъул ракьалде чуял хьихьизе. Гьел г1олохъабаз жидейго бан руго гьенир рукъзал,ва гьениб лъугьун буго ц1ия Чуни абураб росу.Сахъадеридаги Чунисездаги гьоркьо буго лъик1аб гьуинаб бухьен.

16. Баг1арал алибизух

Бицанихъего маг1арухъ бук1ум бу заман уттух ругал росуби цоцаза ад к1анц1умо давла гьабудалаб. Цоял адамаздаса бечедго г1умру будалал, х1алт1иги бокьдалал, боц1иги квенде жоги бугал рук1ум ру сугъралъасал. Къват1иса бач1улеб бук1ун буго цох1о нарт, ц1ам ва чакар. Элъха удух ругал бац1адисаз росулъеги к1анц1ум г1адамазе квалквал будал бук1ум бу. Гьездаса жолго ц1унде ч1одал рук1ум ру гъаравуллъух. Цо хизамалъаса цо-цо г1олилав.къорол хут1арай адамалъух ирга щвараб мехалъ, къоролалъ гьарана васасул бак1алъ жуй гъаравуллъух ч1еде йиччелямо, вас т1инго вук1ингина. Элъ ургъумо буго сих1иляб болъо бац1адасасал регьдалал бак1аса. Гамач1 элъ лъумо буго чудулъ щибаб гили т1амараб бах гьаракь бегьдилъух. Щибаб гьаракь бахарсуго элъ цо-цо гамач1 рехдал бук1ум буго кунтил куч1ч1инубе Гелъ руссумо, дал регьдилъе, рац1умиза бицум буго ва халкъ цолъум буго. Чаг1и омо руго Нахарохьоре гьезда ахакь ч1еде. Гьунда гомо буго рагъ, киналго бац1адисал ч1вамо руго, цониги ч1аго томо гьеч1о. Гьеб бак1ух рук1арал ганч1ал бидул ц1умо рук1умо руго. Гьелъаса бегьараб буго «Баг1арал алибизух» абараб ц1ар.

17. Иван ч1вал нохо

Хвана Бахь Бат1интилъа Бахь Ах1мадилялъ(80сон) бицараб къаг1илъ Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъ.

Гьелъ бицараб куцалъ Иван вук1ум вуго лагъ. Гьев х1алт1улев вук1ум вуго кунихги, рельэлдухги, вегде бак1алъухги. Г1умруги, гьунда х1алт1иги зах1матго бехьумо, гьес х1укму гьабумо буго жундерго бельэгьанги ч1вамо лъутте. Эвги ч1вамо, Иван лъутумо вагъанав вук1умо вуго Грузиялъухум (гьев унса ву1ана амо абдалха). Рух1идала гьев гумо вуго сордо рогьдаг1ан жунув ч1едаханав вук1араб нохонив. Иван ватараб мехалъ (валагьдалав вук1умо вуго гьев рац1ум росдал адамаз киса-кевго) гьес г1иждиги зиба хьваг1ум цонниги чи удух виччам гьеч1о. Адамаз эв сверух гумо вуго ва цо г1олоханав васас (гьесда ц1ар бук1умо буго Ах1ма, дир к1удав энсул энсул эмен) амо буго дилъа ав гвела, нуж киналго ад рай аса амо. Вас к1асум вуго Иванда аде, цояз кумакги гьабумо г1оттовги вамо ч1вамо вуго гьундаго. Гьелъаса бегьараб буго «Иван ч1вал нохо» абараб ц1ар.

 

18. Кин бач1араб Буц1ра абун ц1ар

Нижер Хунзахъа районалъул Буц1ра росдал х1акъалъулъ гьит1инабго хабар. Бицанихъе «Буц1ра абураб ц1ар бач1ун буго «Буцур» абураб раг1удасан, гьедин абулебги бук1ун буго т1оцебе. «Буцур» абураб раг1ул маг1на ккола «сангар». Нижер росу буго ункъабго рахъалъан т1аде чи к1анч1ун бажарулареб сангараз бацараб, гьединлъидал абулебги бук1ун буго Буцур абун. Гьелда аск1об нек1о заманаялда бекьизе х1алт1изабулеб бук1араб авлахъалда гьаризе байбихьана рукъзал. Росулъа гьенибе буго 3-4 км. Г1адамал мугъзада магьги ч1ван  лъелго унел рук1ун руго рокъоре. Дагь-дагьккун гьениб г1уна 100 хозяйство. Г1адамаз ц1арги кьуна гьелъие Ц1ияб Буц1ра абун, кин бугониги гьебги долдего гъорлъе уна.

19. Ц1орол нохъо

Росдада аск1об буго берцинаб бак1. Ниж гьенире уна х1ухьбахъи гьабизе. Гьениб буго цо нохъо, ц1арги буго гьелда ц1орол нохъо абун. Ц1оролин абула гьелда риидал гьенире ани гьениб г1ажаибго квачан ц1ер ч1ван бук1уна. Хасалойин абуни хинлъун бук1уна. Бицанихъе гьениве жанивег1ан ун вуго цо чи  ва нахъ вуссун вач1унги гьеч1о, гьенив хвезейищ хварав хвачан ялъуни нахъ вуссине нух лъач1огойищ. Бицунеб бук1ана дир к1удияв инсуца гьенибе жанибе цойгияв лъугьун вугин гьесда хадув, амма гьесул ц1ер лъугьун батун буго. Ц1акъ г1ажаибаб бак1 буго гьеб.

20. Чеказухъ

Нилъер росдал раг1алда буго цо бак1 «чекахъ» абун ц1ар бугеб. Гьедин абиялъе г1илла ккола совет х1укуматалъул заманаялъ гьел ракьал пиринч1 бекьизе х1алт1изарулел рук1индал. Гьел ракьал пасатго лъалъалел рук1иналъ г1ухьби х1инкъулаан гьенирехун боци-панз биччазе, х1арщулъ къан хвелин абун. Машинабазда рек1ун инеги гьенисан ц1акъ х1инкъи бук1ана.  Г1адамазги х1аракат бахъулаан «чеказул хурзал» ругел бак1азде инч1ого ч1езе.

21. Гагарин татавул

Нилъер росдал т1арадасан бахъун буго гъваридаб рахъ жанисан хурзабахъе лъим чвахулеб. Гьеб рахънисан бач1араб лъеца совет х1укуматалъул заманалъ лъалъалаан колхозалъул хурзал ва гьединго челензабазул хурзалги. Гьеб гъваридаб рахъ бахъана Юрий Гагарин космосалде воржараб 1961 соналъ ва гьеб х1ужжа ккана каналалъе  гагарин татавулин ц1ар кьеялъе г1иллалъун.

«Гагарин канал» ян абич1ого, яги «Гагарин рахъ» ян абич1ого «татавул» абиялъеги г1илла буго гьеб лъараг1 ракьалда бук1ин, ва нилъер мац1алде лъараг1 мац1алдасан г1емер раг1аби рач1ун рук1ин.

 

22. Баг1араб росу

«Багараб росу» ян абиялъе г1илла кола Хунзахъ районалъул Х1апиколо росулъа Баг1арал партизаназул х1урмат гьабун.

 

23. Ч1ег1ераб гамач1

Цо росулъе ханасе магъало бак1аризе чи вач1ун вук1анила. Росдал гьоц1иб ц1адирабиги лъун, байбихьанила магъало бак1аризе. Гириялъул бак1алда ц1адироялъул цояб сурк1иниб г1арац-месед данде ц1азе лъун бук1анила х1анч1ил хоно г1анасеб гьит1инаб ч1ег1ераб гамач1.

Г1арац, месед, курхьаби, баргъичал, щиб-щибниги къиматаб алат рехулеб бук1анила г1адамаз сурк1инибе, амма гамач1 борхулеб бук1инч1ила. Малъг1анасеб гьит1инаб гамач1, киг1ан къайи данде ц1аниги, эхеде борхулеб гьеч1олъи бихьидал, киналго х1икмалъун хут1ун рук1анила.

Гьеб сордоялъ росасе арай бах1аралъ килщидаса бахъун жиндирго баргъичцин реханила сурк1инибе, амма гьелъулги х1асил ккеч1ила. Чара т1аг1ун хут1ун рук1анила г1адамал: гамач1 эхеде борхизабулеб магъало росдаца кьеч1они, ханас жидеего лъик1аб жо гьабизе гьеч1еблъи лъалеб бук1анила гьазда.

Гамач1ин абуни борхулеб бук1инч1ила. Кинабгаги г1арац-месед г1адамазухъ хут1ун бук1инч1ила, г1иц1го г1иязда маг1арда вугев вехьасухъ батани гурони. Щиб лъалеб, хонжрол т1агъиялдаг1аги букъараб-тараб г1арац-жо батизеги бегьулин абун, чапар вит1ила вехьасда хадув.

Вач1анила вехь росулъе. Дове-гьаниве сверич1ого вилълъанила гьев гьоц1иве. Херасда бихьанила гьоц1иб кколеб бугеб х1икмат. Ц1адирабазде аск1овеги вач1ун, реха-рехарас жинди-жиндир г1арац-месед нахъе босеян лъазабунила гьес.

Вехьас гьабулеб жо бич1ч1уларого г1аламалъун хут1ананила г1адамал. Кинабго къайи сурк1аялъуса нахъе босараб мехалда, херас лъунила сурк1аялъуб цо г1абаси ва, къвалакье кверги бегьун, къват1ибе бахъун бач1анила таргьа. Къунт1алъги босун, ганч1ида т1аде щванила таргьиниб бук1араб рахъу. Г1абасиялдасаги т1адагьлъун эхеде борхун бач1анила г1амач1. К1иабизеги къунт1 ц1ун гьелде рахъуги щвалаго, херас абунила:

– Гьаб буго, г1адамал, бер. Дуниял данде ц1азе реханиги, гьалъие г1ей бук1унаро. Дица гьелде т1аде рахъу щвана ва бер беццлъизабуна, гьединлъидал г1абасиялъ гьебги борхана, – ян.

 

24. Ч1унтараб росу

Инхело росдада г1агарлъухъ буго цебегосеб росдал хут1ел бугеб бак1. Гьеб росу биххиялъул х1акъалъулъ буго гьадинаб бицен.

Ханасул васасе ч1ужу ячунеб бертин бук1ун буго, амма берталъе ах1ун гьеч1о бесдал лъималги хьихьун йигей цо къоролай. Рокъоб гьелъул щибниги кваназе жоги бук1ун гьеч1о. Къоролалъ гьолойилан абун ч1инхал ран руго хьагинире релъинаризеян. Ракъарал лъималаз гьикъулеб бук1ун буго:

– Белъунеб гьеч1ищ, белъунеб гьеч1ищ, эбел? абун.

Гьеч1о, дир лъимал, ан абулеб бук1ун буго къоролалъ лъимал кьижизег1ан.

Ахирги лъимал кьижун ккун руго. Гьел кьижараб мехалъ г1одизеги г1одун, гьелъ гьарун буго:

Я Аллагь, рогьиналде гьаб росу к1алагъоркье буссун батаги, ян.

Доб сордо бук1ун буго гьарараб жо къабуллъулеб лайлатул кьадиралъул сордо. Гьелъ гьарухъе, радалалде росуги к1алагъоркье сверун, биххун т1ат1ала ккун батун буго.

 

25. Ганч1иде буссараб рокьи

Вук1аравила цо бергьарав хан. Ханасул йик1анила ц1акъ берцинай яс. Гьей ясалъухъ рокьи ккун бук1анила сипат берцинав вехьасул. Ясалъеги гьевги вокьулаанила. Амма кинав ханасха жиндирго цох1о йигей яс вехьасул васасе кьолей – ригьин-ц1а гьабиялъул х1акъалъулъ ц1арцин бахъизе бак1 бук1инч1ила.

Гьал к1иязулго ккараб рокьул хабар раг1анила ханасда. Кутакалда ццин бахъанила гьесул. Гьеб ццидахъе ах1анила т1аде жиндирго яс ва, килищги маг1арде бит1ун, гьелда буюранила:

Мун гьадаб маг1ардеги ун, къаси сордо рогьинег1ан ургъе, цинги радал бице дида дурго х1укму, – ян.

Яханила яс маг1арде ва г1одой ч1анила цо кьурул хъинсда. Сунда т1ад гьей ургъаниги, гьелъие вехь вокьулев вук1анила ва жиндирго талих1алдаса ят1алъизе бокьулеб бук1инч1ила. Киг1ан ургъаниги, гьеб пикруялдаса бат1ияб-т1ок1аб г1акълу бот1ролъе бач1инч1ила.

Маг1арда квешго квачан бук1анила, ц1ур-ц1уриялда пулеб ц1орораб гьуриги бук1анила. Квачазе лъугьарай ханасул яс гьенийго, ганч1ида аск1ой егун, кьижун кканила.

Рогьараб мехаль рач1анила маг1арде ханасул чаг1и, – йигила яс кьижараб х1алалъ ганч1идеги сверун.

Маг1арда чахъаби хьихьув вук1арав гьелъул вокьулесдаги бихьанила ясалъул гамач1 лъугьун. Т1аде щвараб къварилъиялъул квешаб балагьалъ гьевги вахъун ч1араб бак1алдаго сверанила ганч1иде.

Гьанжеги ругила гьел к1иялго муг1рул кьурда: кьижун йигей ясалъул сураталда т1аде къваридго къуларав вехьасул сурат.

 

26. Нохъода хут1аразул кьиса

Свакарал г1ухьбуз бакъанида рехъен нохъоде гъола. Ц1ет1а хьаг лъезе ц1аги бакун, г1олохъанав вехь вит1ула лъарахъе лъел ц1езе. Г1ажаибго г1одобе биччараб роц1араб сордо бук1уна гьеб. Моц1рол канлъухъе вехь лъарахъе щола, амма гьениб лъим бакъван батула. Ворта-ч1ван вач1ун г1ажаиблъарав г1олилас г1ухьбузда лъарахъ лъим бакъван бук1иналъул бицуна. Амма г1ухьби божуларо ва гьесда релъула ва лъел ц1ун вач1аян гьев нахъеги вит1ула.

Лъарахъин абуни гьанжесалаги лъим батуларо гьесда. «Нохъоги т1ун жанирго щай нуж хут1уларел» – илан абун борч1ула гьалмагъзабазда ццин бахъарав г1олиласухъа.

Г1ухьбузда лъалеб бук1инч1о щиб сордо гьебали, г1олохъанав вехьасдаги лъицаго бицун бук1инч1о гьеб сордоялъ кинабг1аги гьари т1убалилан. Гьебин абуни бук1ана лайлатул къадиралъул сордо.

Г1олилас гьел раг1аби абуралго, бак1аб гъугъай бахъуна ва лъарахъ лъим баккула. лъинги босун вач1унев вук1арав г1олилав нохъода аск1ове щола, амма, кьуруги т1ун, нохъоялъул к1алт1у бацун батула.

Абула, анкьго сордо-къоялъ гьоркьоб къот1ич1ого раг1улеб бук1анила нохъоялъур хут1арал г1ухьбуз ах1улеб пашманаб коч1ол бакъан:

Нижецани г1иял гьанги квинаан,

Щиб квинеб керчхъах1ал расазул хухаз?

Г1ухьбузулни биялъ буссинаан къеч,

Щиб гьекъон рук1инел гъаримал ц1ани?

Г1одуге, г1одуге, хириял яцал,

Г1ухьби нохъоялъур хут1анин абун.

Угьдуге, угьдуге, нуж, рокьи ккарал,

Х1асратаб рокьуде кьуру т1унилан.

Анкьго къоялъ раг1улебги бук1ун, микьабилеб къоялде къот1анила кеч1.

Жеги абула, анкьабилеб къоялъ нохъоялъусан г1ухьби ах1т1он ругила, т1арц1аб расалъул г1иги, г1убилаб кьералъул ц1аниги къо х1ехьолел рук1ун ругин, гьел хьихьеян.

 

27. Инсан вижизавиялъул къиса

Ракьалда чи гьавизе гьениса ракьул г1ерекъ босун вач1аян малаик вит1ула Аллагьас. Амма босун бач1араб г1ерекъ гьеб ишалъе данде кколеб батуларо. К1иабизе вит1арав малаикас босун бач1арабги данде кколеб батуларо, г1иц1го лъабабизе вит1арав малаикас бач1уна санаг1атаб х1ат1 ва гьелдаса гьабула инсанасул, жанисаги гьодорараб, къаркъалаялъул куц-мухъ. Гьеб мехалда Аллагьасул амруялдалъун т1олго малаикзаби данде рак1арула ва, къаркъалаялъул маг1на бич1ч1уларого, гьел гьикъаризе журала.

Аллагьас цо малаикасе амру гьабула къаркъалаялъуве жаниве лъугьаян ва щиб гьениб бугебали лъазабеян. Малаикас Бет1ергьанасул амру т1убала, амма г1иц1аб ч1обоголъи гурони, гьениб щибго батуларо.

Хадуб Бет1ергьанас жиндирго х1алк1олъи бихьизабизе пула къаркъалаялъубе, жиндирго щибалдаги сундагоги т1ад къуватаб рух1 ва къаркъала сверула х1акъикъияв чиясде, ва гьебсаг1атго гьес щукро-рецц гьабула живго вижизавурав Аллагьасе. Гьеб мехалда Бет1ергьанас чи ракьалда сардарлъун гьавула ва т1олабго ракьалда т1ад бугебщинаб гьесие мут1иг1аблъунги лъазабулаго, буюрула малаикзабазда инсанасе к1иго нухалда къулизе.

Ракьалда вижарав чиясе зобалахъ рижарал къулизе къадруялда хъат1улеб бугилан маликзабазул цо к1удияс инкар гьабула. Ццин бахъарав Аллагьас гьел женазде руссинарун ракьалда бижарабщиналдаса г1одорег1аналлъун гьарула. Гьединлъидалин гьез жалго женазде руссинариялъе г1айибиявлъун гьавун, кин-кинги Аллагьасда цебе чи г1одовег1ан гьавизе х1аракат бахъулебги.

 

28. Ганч1иде руссарал эбелги лъимерги

Цадахъ кини-лъимергун радалго яхъун хурие ун йиго цо г1адан. Амма хурие щвараддаса нахъе лъимер г1одизе лъугьун буго. Г1емераб г1акъуба бихьулеб бук1ун буго эбелалда лъимер г1одулеб ч1езабулаго.

Х1алицаго лъимерги кьижизабун, киниги хурул раг1алда лъун, х1алт1изе инеян киниялдаса т1аде йорхулей йигей эбелалда бакъанил мех щун батанила. Къо хехго ун батидал ццин бахъарай эбелалъул «Туй» абун бакъуде тун буго. Эбелги, кинигун цадахъ лъимерги, гьебсаг1асаталдаго ганч1иде руссун руго.

 

29. Будулаазухъ гьоболлъухъ

Цо чанахъан кканила будулаазухъе гьоболлъухъе. Гьез гьасие гьоболлъи гьабунила чанил гьанги белъун, ва лъазабунги бук1анила кванан хут1аралъул щибго бахчугеян, рукьбиги рекугеян.

Чанахъанасда бихьулеб бук1анила чанил гьан ц1акъго лъик1аб бук1ин. Кванан рахъаралго будулааз данде рак1аранила рукьби. Амма цо ракьа камун батанила гьезда. Гьеб бахчун бук1анила гьезул гьариялда х1икмалъарав чанахъанас. Будулаазда лъалеб бук1анила ракьа гьес бахчун бук1ин, амма гьесда абизе бокьуларого рук1анила. Ахирги гьез ракьа хисанила ц1улал г1уч1алъ, чанил ц1окоялда жанире рукьбиги рак1арун, рагъа-рашаризарунила ва мач1алда хъат кьабунила. Гьебсаг1ат чанил цокоялда рух1 лъунила ва гьеб лъутун цебеса т1аг1анила.

 

30. Коч1охъан

Дол рук1анила зах1матал къоял. Рахъулаго чияр ракьалгун рач1унел рик1к1ен г1емерал Надиршагьасул аскарал г1андалазде г1агарлъидал, тушманасе къуркьизе бокьич1ел г1адамаз т1олабго маг1аруллъиялде ах1и бала кумек гьабеян. Рахъ-рахъалдасан рач1ун лъелал ва рек1арал рагъухъабазул т1елал т1аде щола.

Цо росулъайин абуни х1алицаго гурони чоде вахун бажаруларев херав чи вач1анила. «Гьавго щиб мурадалъ вач1арав чи, боркьараб рагъул ц1адулъ щиб г1агидай гьас т1аса босилеб», – илан  тамашалъи гьабун рук1анила г1андалал. Маг1арулазул аскарал тушманасда данде къокъанила. Байбихьана гурх1ел гьеч1еб рагъ. Лъик1 яргъид г1уц1араб, рик1к1ен г1емераб тушманасул аскараз маг1арулал нахъе къазе гьарулел рук1ана. Гьеле гьеб х1алуцараб лах1заталъ кьурабазда багъанила панаяб маг1арул кьалул кеч1ол гьаракь. Коч1олъ ах1улеб бук1анила бах1арчилъиялъулги, ях1алъулги, къох1ехьеялъулги, бихьинчилъиялъулги х1акъалъулъ:

Жакъа чучарасул чилъиги хваги,

Чучун вагъарасул лъадул ц1ар ккаги!

Пасих1аб, бах1арчияб коч1оца рагъухъабазул чорхолъе кинабалиго ц1ияб шавкъ, къуват, тулаклъи решт1инабунила. Гъалбац1ал г1адин гъеролел рук1анила ват1ан хириял васал, тушманас абуни, жигар бахъулеб бук1анила коч1охъан валагьизе, гьесул гьаракь къот1изабизе. Бакъаниде рагъул сас къот1анила, къажарал кьалул авлахъалдаса лъутанила. Хирияб ракьалъе г1оло рух1 кьурал рагъухъабазул жаназаби рак1арулаго, г1олохъаби т1аде кканила каранлъ ханжаргун ракьалде щапарав херав чиясде, гьес хъатикь щулаго ккун бугоанила маг1арул пандур.

 

31. Гьац1ул кьурабазул балъголъи

К1ик1уни росда г1агарлъухъ Маххул кьури абулеб бак1алда гьабсаг1аталдаги рихьизе бегьула ц1улал х1ок1ал. Махщалида кьурулъ кьабурал гьез рачуна Кара-гъойсуялда т1ад бугеб г1емер к1удияб гьеч1еб кьват1елалъуре.

Бицен буго гьенир х1ок1ал г1емерал соназ церего К1ик1уни росулъа цо г1олилас кьабун ругилан. Гьездасан ваханила гьев кьурулъе найил гьоц1о бахъизе. Г1олилас гьоц1о босун бач1араб мехалда эбел кутакалда х1инкъун йиго, щайгурелъул гьоц1о росуль цого-цо мадугьаласул гурони бук1ун гьеч1о. Г1олилав гьеданила жинца бач1араб гьоц1о бикъараб гурилан, амма гьоц1о босараб бак1 гьес бицинч1ила.

Чамалиго нухалъ бач1уна васас гьедин гьоц1о. Эбелалъе лъазе бокьун бук1ана гьес гьоц1о киса бач1унебали. Гьедин гьей цо нухалда хал кколаго Маххул кьури абулеб кьуруялде аск1ое щвана. Хадуб хал кколеб бук1иналда щаклъи гьеч1ев гьев бигьагьабун кьурулъе харизе лъугьуна. Гьев ц1акъго борхалъуда вук1ана х1ок1алдеги г1унт1ич1ого цояб квералда далдалун хут1арав мехалда. Гьеб параялъго гъоркьан бахъана х1инкъарай эбелалъул вах1шияб гьаракь. Рак1алдаго бук1инч1еб эбелалъул гьаракьаль, бук1ине бегьула гьев цояб квералда свакан вук1ун ватизеги, г1олилас биччан танила цояб квералъ ккун бук1араб х1ок1 ва бах1арчи гамач1лъун вортун анила Кара-гъойсу г1урулъе. Эбелги ургъизе рек1ада ятич1ого к1анц1анила вас хвасар гьавизеян, гьесда хадуй гьейги ячун анила г1уруца жиндирго карачалабалъе.

Сайт создан по технологии «Конструктор сайтов e-Publish»