Ракьалда чи
гьавизе гьениса ракьул гIерекъ босун вачIаян малаик витIула Аллагьас. Амма
босун бачIараб гIерекъ гьеб ишалъе данде кколеб батуларо. КIиабизе витIарав малаикас
босун бачIарабги данде кколеб батуларо, гIицIго лъабабизе витIарав малаикас
бачIуна санагIатаб хIатI ва гьелдаса гьабула инсанасул, жанисаги гьодорараб,
къаркъалаялъул куц-мухъ. Гьеб мехалда Аллагьасул амруялдалъун тIолго малаикзаби
данде ракIарула ва, къаркъалаялъул магIна бичIчIуларого, гьел гьикъаризе
журала.
Аллагьас цо
малаикасе амру гьабула къаркъалаялъуве жаниве лъугьаян ва щиб гьениб бугебали
лъазабеян. Малаикас БетIергьанасул амру тIубала, амма гIицIаб чIобоголъи
гурони, гьениб щибго батуларо.
Хадуб
БетIергьанас жиндирго хIалкIолъи бихьизабизе пула къаркъалаялъубе, жиндирго
щибалдаги сундагоги тIад къуватаб рухI ва къаркъала сверула хIакъикъияв чиясде,
ва гьебсагIатго гьес щукро-рецц гьабула живго вижизавурав Аллагьасе. Гьеб
мехалда БетIергьанас чи ракьалда сардарлъун гьавула ва тIолабго ракьалда тIад
бугебщинаб гьесие мутIигIаблъунги лъазабулаго, буюрула малаикзабазда инсанасе
кIиго нухалда къулизе.
Ракьалда вижарав
чиясе зобалахъ рижарал къулизе къадруялда хъатIулеб бугилан маликзабазул цо
кIудияс инкар гьабула. Ццин бахъарав Аллагьас гьел женазде руссинарун ракьалда
бижарабщиналдаса гIодорегIаналлъун гьарула. Гьединлъидалин гьез жалго женазде
руссинариялъе гIайибиявлъун гьавун, кин-кинги Аллагьасда цебе чи гIодовегIан
гьавизе хIаракат бахъулебги.
ГIумаханил Бахулги ХIажиясулги МухIумилги ккараб[1]
Гъумекиса Асланханил васасе
ГIумаханил Бахул яс абунила. ГIемераб жоги бачIун, къотIи-къай гьабунила. Бахул
цо гъараваш гьеб заманалда рокъой йикIинчIила, гьей ун йикIанила кьурукь
боялдаса магъалу босизе. Бахуе кьурукьлъиялъ магъало кьезе кколаанила.
Магъалуги босун гъараваш ячIунаго, Хьини сордо банила. Нахъисеб къоялъ ханазул
гьагьал ругеб хIамаги цебе къотIун, мугъзада цо гьитIинаб гьегьги баччун
ячIуней йикIанила гьей. Хунзахъе яхун ячIунелъул, гьалде данде кканила цо
гьитIинав васги цо кIудияв чиги. Гъаравашалъ азда росулъан хабар цIеханила.
– Валла, Гъумекиса Асланханил
васасе Бахул яс кьелилан къотIи гьаби тун батIияб хабар гьечIо, – илан бицанила
гьез.
Гьабун гьаракьгун, гьуя-гьарай
бачине лъугьанила гъараваш, мугъалда букIараб ханазул цIураб гьегьги нахъехун
рехун анила.
– Гьай гIабдал, гьай нахукъ,
Гъумекиса Асланханил васасе кьечIони, яс кьезе чи камунищ Хунзахъ алъие вукIараван,
– илан абунила гьелъ.
Алъул мугъалдаса батIалъун араб
гьагьиниса гIодоре гирулел ханазда хадув вортулила гьитIинав вас, цонигияб
кквезе щоларищан, амма цохIониги щвечIила, гирун тIаса гъоркье анила.
Гъараваш тIаде Хунзахъе щванила.
Бахул кавудухъе хIамаги лъугьинабун, Баху йигеб рукъое анила. Бахуда тIад
речIчIанила ай, семанила.
– Живго хан ватаниги, лагъасул
хасиятал ругев Асланханил васасе кьечIого, тIокIав чийищ дуе лъугIарав, – йилан
етIаранила.
Баху йигьарай киннигин лъугьанила.
Цинги кинабго бачIараб къайи-къоно алъ ракI бухIун (гъаравашалъ гIайиб
гьабигун) нахъе битIанила. Къайи-къоно нахъе бачIун хадуб Асланхан ургъанила
Бахуе гьабизе квешлъиялъе. Асланханица Бахуде муридзаби гьусанила, Генуса
ГъазимухIумад тIаде тIамунила, хунз капурлъун ругилан, гьезде данде рагъизе
кколилан, гьелъие ГьоцIалъа ХIамзат къачIанила.
Гьанив Хунзахъ бищунго жо бажарулев
чи щив вугоян цIехон лъазабунила гьос. Гьединав чи вугин ХIащтIихилазул
кьибилалъул кIудияв ХIажиясул МухIамайилан абунила гьесда, гьев вугин рагIи
билълъарав чийилан бицанила.
ХIажиясул МухIума Бахуда
гаргаданила жиндие ячIаян абун. Гъолъги ячIинин-телин абун, тIаса
вихьизавунила, амма ячIинчIилаха. Гьеб гаргарги Асланханасда лъан букIанила.
Асланханас Бахуде гьадинаб балъгояб кагъат хъван букIанила: - «Мун жиндие
ячIинчIогоян ХIажиясул МухIумица дур васал чIвазехъин руго, дир васасе дуца яс
кьечIониги, ханзаби цоцазе хириял ругелъул, дида захIмалъизехъин буго гьес дур
васал чIвай. Дур васал гьес чIваялдаса ХIажиясул МухIумил вас дуца чIвай лъикI.
Гьанже цо багьана батун, дуца ХIажиясул МухIума дихъе витIе, дица гьев чIвала,
дуца гьесул васги чIвай».
Цо багьанаги батун, Бахуца
ХIажиясул МухIума мукIур гьавунила Гъумекиве ине. Рахараб кагъатги кодобе кьун,
ХIажиясул МухIума витIун анила Асланханасухъе.
ХIажиясул МухIума сапаралде
вахъаравго, Бахуца чагIиги тIамун, гьесул вас чIванила. Хундерил гIадат
букIанила жинца чи чIварав чиясул ригь бухIулеб, Бахул ригь бухIизе, Хундерица
гьеб сверун ккунила. Гьеб заманадца Бахул цо божарав чи тIохтIеги вахун, гьадин
ахIтIанила: «Ле, гIадалал хунз, цо квералъ цояб кверзул килищ къотIунилан абун,
цояб кверзул килищги къотIизе льугьунарин, гIадалльичIого чIа нуж!» – абун.
Гьеб гIантаб жо букIин бичIчIун, хунз, дагь-дагьккун нахъе анила, рукъги
бухIичIого хутIанила.
Гьанже ХIажиясул МухIума ун щванила
Асланханихъе. Гьес кIудияб гьоболлъи гьабунила, босун Бахул кагъат цIаланила.
Хъван батанила гьелда: «Дица гьесул васги чIвана, дуца гьавги чIвай», – абун.
Мун дица чIвайила, жинца дур васги
чIванилан хъван буго, гьудул, гьелъ. Мун чIван дие щай, дица мун чIваларилан
кIалъанила гьесда Асланхан. Гьанже дица малъараб жо дуца гьабуни, гьудул, дица
дуда лъикIаб жо малъила. Дица дуе боги кьела, гулла-херга кьела, ун тIадегун,
дуца Бахуца чIварав дурго васасул къисас босун, Бахул васал чIвай, Хунздерилгун
рагъ гьабе, гьел кверде росе, Бахул рукъзабазда цIа гъе.
ХIажиясул МухIума разилъанила,
Асланханица кьураб боги бачун, ярагъ-матахIги босун, анила, щванила ГьоцIалъе.
ХIамзат имамлъунги тун, бо багъаранила Хунзахъе. Тобтил рагIалда чадаралги
чIван, чIанила ХIажиясул МухIумаги ХIамзатги. Хундерилгун рагъ гьабунила, амма
росизе кIвечIила. ХIамзатица Бахухъе кагъат хъванила, нилъ рекъани, цолъани,
нилъер гуч цIикIкIина, нилъеда гьоркьоб тушманлъи гьечIо, нужер ханлъи дица хвезе
гьабулеб гьечIо, рекъел-къотIиялъе дуца ГIумаханги Нуцалханги гьанире ритIе,
нилъеца къотIи гьабила.
Баху имамасул харбида божанила.
Васазда гьалъ лъазабунила имамас ракълие ахIулел ругилан. Нуцалханас эбелалда
абунила:
– Гьес нилъ ракълие ахIулел гьечIо,
чIвазе ахIулел руго, гьенире ун лъикI гуро, – илан абунила Нуцалханас эбелалда.
– Капурго хваяв квасул гIарш,
хIинкъун ватани, ма гьаб дир чохтIо-чIинчIу къай, – ян гьесда цебе речIчIанила
Бахуца жиндирго кIаз.
Васал ине рахъанила. РекIа-рорчун,
щванила ал ТобтитIе. ХIамзатил чодронире рачанила гьал. Цебе къуръанги ккун,
гIисинал нуцабазе вагIза гьабунила гьас. РекIелъ илбис гьечIел ханзаби
гIоданила. Гьезда цадахъ хундерил къади НурухIмакъадиги вукIанила. Цебе лъураб
къуръанги данд чIван, ХIамзат чури биххизе къватIиве вахъанила, чодронир
рукIарал нуцабазде муридзабазул хиял лъунила. Чодронир тункIал речIчIанила,
тирщун къватIивеги кIанцIун, Нуцалханас хвалчен бахъанила, къвекIал цIумал
гIадин, рагъизе лъугьанила гьал. Гьеб бакIалда нуцабиги НурухIмакъадиги
имамасул агьлуялъ чIванила. Гьеб хабар льараб мехалъ тIаса сивуниса гъоркье
кIанцIанила Баху. Гьелъул букIанила гьаравашаз кколеб, хадуб бехъерхъараб
горде. Гордеда жаниб гьури бан, гьай хвечIого хутIанила. Муридзабаз кквезеги
ккун ячун, Бахуе гIакъуба кьунила гIарац-меседалъул хазина бугеб бакI бицеян.
– Дир хазина гьечIо, – йилан
кьечIила Бахуца.
ЦIакъго инжит гьаюн течIеб мехалъ
Бахуца гьал рагIаби абунила:
КIудияв гIезегIан чакар кьун
хьихьун,
КIудияв гIуравго кагътаз вакIарун,
Бадиб рахъу чIвалел цадахъги рачун,
Вай гьанжегIаги те, чIегIерав
тушман!
Нуцалил чIужу Гьайбатбика
муридзабаз Хьиний танила. Цинги гьелъие вас гьавунила, СултIан АхIмадханилан
цIар лъурав.
Ханзаби гъураралдаса нахъе
ХIамзатидехун хундерил тушманлъи цIикIкIанила. ЧIварал ханзабазул хутIарал
чагIаз гьа банила ХIамзат чIвачIого руччабазда аскIор региларилан, мугжузда нус
баларилан абун. Рузманалде вачIараб бакIалда гъев чIзазе къотIи кканила.
ХIамзатидаса цереги ун, Бол мажгиталъур, гъоркьан къолдабиги ретIун, ярагъги
борчун, тIасан буртабиги ретIун, гIодор чIун рукIанила ГIусманги гьесул
гьалмагълъиги.
Цебехун кьералде унев имам цеве
щвараб мехалъ, кIудиял чагIи тIаде рачIараб мехалъ нуж щай тIаде рахъунареланги
абун, ГIусманица «Ма гьаб кун, хIама!» - ян абун, бахъун ХIамзатил мугъзада
таманча речIчIанила.
КIудиял чагIи тIаде рачIараб мехалъ
тIаде рахъарал нужеда гIодор чIезе лъаларищанги абун, ХIажиясул МухIумица
ГIусманги чIванила. Гьенив вукIарав ХIажимурад гордухъа къватIиве кIанцIун
лъутун ворчIавила. ХIажиясул МухIума ханзабазул сивуниве кIанцIанила, киве
кIанцIаниги, гъовги телищха, хундерица гъовги чIванила.
Цо заманалда
хундерил ханасда тIад кверщел букIун буго Хучадаса ханасул. Хучадисезул ханас
магъало лъун букIунаанила хундерида, гьидерида тIад. Халкъ бахъанила ханасде
данде, амма хIал гIечIила. Жиндирго кверщел гьидерида тIад кидагосеблъун
гьабизе ханас амру гьабунила, гьел гIакълуялдаса махIрум гьари мурадалда,
гьидерил киналго херал чагIи тIагIинареян.
ГIицIго МачIада
цо херав чи кIванила гIадамазда вахчизавизе ва гIемерал соназ тIалаб-агъаз
гьабулаанила гьесул. Гьев чиясда цIарги букIанила ШихмухIамад. 76 сон
гIумруялъул барав чи вукIанила гьев.
Щибаб къоялъ
херас цIехолаанила гьидерида щиб гьабулев вугев ханилан, ва гIадамаз жаваб
кьолаанила мадугьалзабигун вагъулев вугилан.
Мадугьалзабазда
тIад кверщел гьабун лъугIараб мехалъ ханас къотIизе танила рагъ, ва щибаб
рогьалида хан рагъиде вачIунаанила жинцаго матIигI гьарурал ракьазухъ
валагьизе.
Херав ШихмухIамадица
кидаго гIадин цIеханила хан щиб гьабулев вугевилан. ГIадамаз абунила,
балконалдасан жинцаго рахъарал ракьазухъ валагьун вугилан. Гьеб мехалда херас
абунила сардилъ, хъалаялъур киналго кьажараб мехалда жаниреги рорчIун, рагъидул
гъоркьа хIубал хъухъайилан.
Гьедин гьабизеги
гьабунила. Радалин абуни, кидаго гIадин хан вачIанила рагъиде ва, хIубалги
рекун, вортун ун хвезеги хванила. Гьединаб къагIидаялда гьид ва хунз
хвасарлъанила хучадисезул ханасдаса ва хIукму гьабунила гьидерида ва хундерил
ханасда гьоркьоб хварав ханасул хазина бикьизе. Хундерил ханас чапар витIанила
гьидерихъе, гIарацищ ракьищ гьез босилебали цIехезе.
Гьидерица
гьикъанила херав ШихмухIамадида ва гьес гIакълу кьунила гIарац-месед босейилан,
щайгурелъул ракь ханас цадахъ босун ине гьечIелъул, ракьалъул иш хадуб тIубазе
бегьилин.
Аби буго гьеле
гьелдаса нахъе байбихьанила хундеридаги гьидеридаги гьоркьоб ракь сабаблъун
дагIба-рагIи.
АнцIила кIиго
сон букIана ГIумаханил ханлъун вахъараб мехалда. Жеги лъимер вукIадго гьесул
анищ букIана кIудияб бо бакIаризе. Гьев анила лъарагIалде шамхалзабазухъе.
Шамхалзабаз ГIумахан хIурматалда къабул гьавунила ва, хIажат батани, гIарац,
боцIи, ракьал кьелин абунила. ГIумаханица абунила, чед хIажатаб ккараб хIал
гьечIин, кумек гьабизе бокьун батани, гIадамал, ай рагъухъаби къваригIун
ругилан, кьейилан жиндир ихтияралде гIадамалин. Шамхалзабаздасан кумек щвечIев
хундерил хан къокъуна Гъумекдерил ханасухъе. Гъумекдерил ханасги гьединго
цIехола ГIумаханида гьединго щиб кумек жиндасан хIажат бугебан – ракьищ,
гIарацищ, гIадамалищ, боцIийищ? ГIумаханица гьесдаги абула чадиде хIажалъи ккун
гьечIилан, гIадамал гIолел гьечIилан. Жавабалъул бакIалда Гъумекдерил ханас
ГIумаханида щиб гьабизе богун гьесда ракIалда бугебилан гьикъула. ГIумаханица
бицуна жив саназде вахинчIев гьитIинав чиги вукIун, инсул ракьалда ругел цо-цо
чагIи цокъадаралъулаб ургъел гьечIолъигун ралагьулел ругин жиндидехун, гучаб
боги бакIарун, гьел ва сверухъ ругел росаби гIадлуялде рачине бокьун бугилан.
Гъумекдерил хан
разилъуларо ГIумаханил пикруялда, ва гьес гьесие кьола лъабго чу, хъирималъул
лъабго чахъма туманкI, лъеберго тумен гIарц ва гIакълу кьола:
«Адаб-хъатир ва
гьоболлъи гьабе дур ханлъиялда ругел церхъабазе, рагIи билълъарал чагIазе.
Хадуб кье лъабабго чу гьезул лъабгоясе, цогидав лъабгоясе абуни, кье лъабабго
чахъма туманкI, жеги лъабгоясе кье гIарац».
ГIумаханица
босула Гъумекдерил ханасул гIакълу. Хунзахъе тIад вуссиндал, гьес ахIула рагIи
билълъарал гIадал чагIи гьоболлъухъе. Гьезда гьоркьовго ватула хадубккун
жинцаго чIварав Мусал ГIадалав абулев хIурматияв чиги. ГIумаханица сайгъатал
рикьидал, гьез цIехола жидер хъулухъалде хIажатлъи бугищилан. Гьеладаса хадуб
бачIарб бугилан абула «Къохьое нахгIанги хIажат букIуна чиясе сайгъат», – илан
ГIумахание хирияб кици.
ГIумахан хвана
1801 соналъ. Гьев вукIана гIакълу бергьарав, кьварарав ва ритIухъав, гIадада
гуро абулеб: «ЦIунаги, Аллагь, 40 сонил гIумруялде гьев вахун вукIаравани...».
ГIумаханица
аскIор чIезарун рукIана цIар рагIарал гIадамал, босани, вазирлъун вукIана
ГIалискъандир, секретарьлъун – Дибир-Къади. Гьесул гIакъиллъиялъе нугIлъи
гьабула цо гьадинаб хIжаялъги, ай кинаб бугониги росулъе вачIани, гьев киданиги
унароан цо пуланав чиясухъе гьоболлъухъе, рещтIунаан мажгиталъув, тIолго росу
жиндир гьалбал ругиланги абун.
XII
абилеб кьарнуялъул кIиабилеб бащалъиялда хундерил ханасе магъало кьолаанила гьанжесеб Лаваша ва
ГIахъуша районалъул росабаз.Магъалоги бакIарун
тIад руссун унаго гьез сордо балаан, кидаялиго гIадамазул чIел букIараб, керчаб
херги бугеб, гьарзаяб лъимги бугеб Хъирукь абураб цIар бугеб бакIалда.
ТIоцебе магъало бакIарулаан лъагIалида жаниб цо нухалда. Хадуб гьеб бакIаризе лъугьана кIиго нухалда,хасалоги ахдалги. Хасало рачIараб мехалда гьезие къваригIана сордо базе бакI.
Магъало бакIарулел чагIаз хундерил ханасда
гьаранила Хъирукь абулеб бакIалда рукъалъ чIезе цо чи витIеян, ай хъаравул хIисабалда гьазул чуязе херги гьабун, бокьалги ран вукIине, жидеего гьезиеги жанир чIезе бакIги букIинеян.
Гьеб кинабго хIисабалдеги босун, ханасда
гьениве витIизе мустахIикъавлъун
вихьанила жиндирго гIагарлъи щолев Нуричилазул тухумалъул чи ХIочол НурухIма.
НурухIмада гьениб батун буго христианазул кIитIалаяб хобги. Мина базе тIоцебе Хъирукь газа кьабурал чагIиги
ккола Нуричилазул тухумалъул Сивухъ росулъа ХIочол НурухIмаги гьесул вас
ГIалиханги. Гьез мина бараб бакIалда гьанже цIарги «Сивухъ» абун буго.
Кваназе херги гьекъезе лъинги бугеб
Хъирукье рачIунаан рагъухъабазул чуялги. Цо къоялъ риччарал чуял ратичIила
ханасул чуял хьихьулев чиясда. ГIемер
бакI геланила чуял ралагьулаго,
ахирги ракIалде кканила Хъирукье
ине ва 80 километралъ рикIкIада бугеб гьенире унги ратанила. Гьеб
бакIалда дагь-дагь ккун бижун
бачIанила гьитIинабго росу. Хъирукь буго 22 ицц, лъабго кIудияб лъар. Росдада цIарги бачIинахъего букIана Чугьаниб абун, хадуб
Чугьани ва гьабсагIатги гьебго
цIар буго росдада, буго 200 цIараки. «Чугьани» абураб цIар бачIун
буго «чуязе бокьулеб бакI» абураб магIнаялда. Тухумалда цIар бачIун буго Хунзахъ районалъул Сивухъ росулъа. Тухумалъул тIоцевесев чиккола
Нуричи, хадув гьесул вас ХIочо-НурухIма-ГIалихан,
ГIайзав-Шихали-МуртазагIали –
ГIайзав, Шихали-ГIайзав, МухIума-ГIайзав, гьесулги вас Шихали - гьанже 30 сон барав ва жиндирги
лъимал ругев. Гьел кинабго ккола цо тухум-кьибилальул гIаркьел. Чунадерял
гIагарлъи буго сверухъ ругел росабалъги.
Революциялда цересел соназ чи чIварав
чиясе тамихI гьабулеб букIун буго росулъа чанго соналъ къватIиве витIиялдалъун.
Гьедин бидвиххун Хъупнаса Чуниве вачIун вуго ГIузайру абулев чи. ЦIараб заман
лъугIаниги, чунисел лъикIал гIадамалги ратун, гIумруялъго гьенивго чIун вуго
гьев. ГIузайру узданчи вукIун вуго. Доб тIадехун рехсараб сияхIалдаса кIиабилев
Шихалица ячун йиго гьесул яс. Гьедин ккун буго Хъупнаса гIагарлъи. Чунисезул
гIагарлъи буго гьединго ЧIохъ, Кудалиб, СалтIа, Хьаргаби, Саваб, ГIахъуша
гIадал росабалъ.
Хадубккун хундерил ханзабаз ракьал ричун
руго ГIахъушаса чагIазе. ГьабсагIат нижеда сверухъ ругел росаби киналго даргиназул
руго. Буго цо росу магIарулазул, гьебги мегIер бахун добехун 10–12 километралъ
рикIкIада. Ине-рачIине рикIкIад букIин ккун буго хундерил ханзабаз гьел ракьал
ричиялъе гIиллаги. Гьелги ричун, ханзабаз росун руго аскIорегIан ругел ракьал.
Чуниселин абуни гьенирго хутIана, гIадамазул къадаралда рекъараб ракьги хутIана
гьезие. Харабаз бицуна чунисел рукIунаанин борхатаб лага-черхалъул, узданал,
берцинаб куц-мухъги бугел, кибго бахIарчилъиги бихьизабулел, нуцалчиясдаса
лъугьарал гIадамалин абун. Росуль буго анкьго батIияб тухум. Буго гуржиязул
тухумцин, гъезде абула «гергилал» илан. Долго Нуричилазул тухумалдайин абуни
абула хъирдалалилан. Гьелъул магIнаги буго, лъикIаб ракь бекьизеги тун, рукъзал
Хъирдал абураб гохIсверун рарал чагIийилан абураб.
Гьабухъе букIунеб жойила дунял
Гьабурас
гьабухъе букIунеб жо буго гьаб дунялилан хъван букIанила Шагь-ГIабасица. Гьеб
бихьанила цо гIолохъанчиясда. Цинги гьес шагьасухъе кагъат хъванила дур вацасул
вас вачIунев вугин, данде вахъаян.
Шагьасул чара
хванила. Дир вацги гьечIо, вацасул васги гьечIо, гьас бицунеб жого щибдаян
виххун хутIанила. Ахирги, цо жого гьечIеб жо гьаб батиларилан, чукъа-раххангун
«вацасул васасда» данде вахъанила.
ВачIанила цо
гIадатияв гIолохъанчиги гьесул гьалмагьлъиги. Шагьас хIал лъазе течIила,
кIудияб хIурматалда гьобол жиндирго кIалгIаялде вачанила. Гьоболлъи-хIурматалда
хадуб, аскIоса чагIиги нахъе ритIун, шагьас абунила:
– Ле , мунго
кинав гIабдал, шагь махсароде кколев? Дир вацги гьечIо, вацасул васги гьечIо!
Васас къокъаб
жаваб кьунила:
– Дуца хъван
батана гьабухъе букIунеб жо бугин дуниялилан. Дицаги гьелда рекъон гьабулеб
буго.
Шагьасда гьесда
абизе жо батичIила. Вацасул вас жиндирго вазирлъун толев вугилан халкъалдаги
лъазабун, гьеб балъголъи гьес чиядаса бахчанила.
Гьесдаса лъикIав
вазир Шагь-ГIабасил вукIинчIевила.
Цо росулъе
ханасе магъало бакIаризе чи вачIун вукIанила. Росдал гьоцIиб цIадирабиги лъун,
байбихьанила магъало бакIаризе. Гириялъул бакIалда цIадироялъул цояб суркIиниб гIарац-месед
данде цIазе лъун букIанила хIанчIил хоно гIанасеб гьитIинаб чIегIераб гамачI.
ГIарац, месед,
курхьаби, баргъичал, щиб-щибниги къиматаб алат рехулеб букIанила гIадамаз
суркIинибе, амма гамачI борхулеб букIинчIила. МалъгIанасеб гьитIинаб гамачI,
кигIан къайи данде цIаниги, эхеде борхулеб гьечIолъи бихьидал, киналго
хIикмалъун хутIун рукIанила.
Гьеб сордоялъ
росасе арай бахIаралъ килщидаса бахъун жиндирго баргъичцин реханила суркIинибе,
амма гьелъулги хIасил ккечIила. Чара тIагIун хутIун рукIанила гIадамал: гамачI
эхеде борхизабулеб магъало росдаца кьечIони, ханас жидеего лъикIаб жо гьабизе
гьечIеблъи лъалеб букIанила гьазда.
ГамачIин абуни
борхулеб букIинчIила. Кинабгаги гIарац-месед гIадамазухъ хутIун букIинчIила,
гIицIго гIиязда магIарда вугев вехьасухъ батани гурони. Щиб лъалеб, хонжрол
тIагъиялдагIаги букъараб-тараб гIарац-жо батизеги бегьулин абун, чапар витIила
вехьасда хадув.
ВачIанила вехь
росулъе. Дове-гьаниве сверичIого вилълъанила гьев гьоцIиве. Херасда бихьанила
гьоцIиб кколеб бугеб хIикмат. ЦIадирабазде аскIовеги вачIун, реха-рехарас
жинди-жиндир гIарац-месед нахъе босеян лъазабунила гьес.
Вехьас гьабулеб
жо бичIчIуларого гIаламалъун хутIананила гIадамал. Кинабго къайи суркIаялъуса
нахъе босараб мехалда, херас лъунила суркIаялъуб цо гIабаси ва, къвалакье
кверги бегьун, къватIибе бахъун бачIанила таргьа. КъунтIалъги босун, ганчIида
тIаде щванила таргьиниб букIараб рахъу. ГIабасиялдасаги тIадагьлъун эхеде
борхун бачIанила гIамачI. КIиабизеги къунтI цIун гьелде рахъуги щвалаго, херас
абунила:
– Гьаб буго,
гIадамал, бер. Дуниял данде цIазе реханиги, гьалъие гIей букIунаро. Дица гьелде
тIаде рахъу щвана ва бер беццлъизабуна, гьединлъидал гIабасиялъ гьебги борхана,
– ян.
Инхело росдада
гIагарлъухъ буго цебегосеб росдал хутIел бугеб бакI. Гьеб росу биххиялъул
хIакъалъулъ буго гьадинаб бицен.
Ханасул васасе
чIужу ячунеб бертин букIун буго, амма берталъе ахIун гьечIо бесдал лъималги
хьихьун йигей цо къоролай. Рокъоб гьелъул щибниги кваназе жоги букIун гьечIо.
Къоролалъ гьолойилан абун чIинхал ран руго хьагинире релъинаризеян. Ракъарал
лъималаз гьикъулеб букIун буго:
– Белъунеб
гьечIищ, белъунеб гьечIищ, эбел? – абун.
– ГьечIо, дир
лъимал, – ан абулеб букIун буго къоролалъ лъимал кьижизегIан.
Ахирги лъимал кьижун
ккун руго. Гьел кьижараб мехалъ гIодизеги гIодун, гьелъ гьарун буго:
– Я Аллагь,
рогьиналде гьаб росу кIалагъоркье буссун батаги, – ян.
Доб сордо букIун
буго гьарараб жо къабуллъулеб лайлатул кьадиралъул сордо. Гьелъ гьарухъе,
радалалде росуги кIалагъоркье сверун, биххун тIатIала ккун батун буго.
ВукIаравила цо бергьарав хан. Ханасул
йикIанила цIакъ берцинай яс. Гьей ясалъухъ рокьи ккун букIанила сипат берцинав
вехьасул. Ясалъеги гьевги вокьулаанила. Амма кинав ханасха жиндирго цохIо йигей
яс вехьасул васасе кьолей – ригьин-цIа гьабиялъул хIакъалъулъ цIарцин бахъизе
бакI букIинчIила.
Гьал кIиязулго ккараб рокьул хабар
рагIанила ханасда. Кутакалда ццин бахъанила гьесул. Гьеб ццидахъе ахIанила
тIаде жиндирго яс ва, килищги магIарде битIун, гьелда буюранила:
– Мун
гьадаб магIардеги ун, къаси сордо рогьинегIан ургъе, цинги радал бице дида
дурго хIукму, – ян.
Яханила яс магIарде ва гIодой чIанила цо
кьурул хъинсда. Сунда тIад гьей ургъаниги, гьелъие вехь вокьулев вукIанила ва
жиндирго талихIалдаса ятIалъизе бокьулеб букIинчIила. КигIан ургъаниги, гьеб
пикруялдаса батIияб-тIокIаб гIакълу ботIролъе бачIинчIила.
МагIарда квешго квачан букIанила,
цIур-цIуриялда пулеб цIорораб гьуриги букIанила. Квачазе лъугьарай ханасул яс
гьенийго, ганчIида аскIой егун, кьижун кканила.
Рогьараб мехаль рачIанила магIарде
ханасул чагIи, – йигила яс кьижараб хIалалъ ганчIидеги сверун.
МагIарда чахъаби хьихьув вукIарав
гьелъул вокьулесдаги бихьанила ясалъул гамачI лъугьун. ТIаде щвараб
къварилъиялъул квешаб балагьалъ гьевги вахъун чIараб бакIалдаго сверанила
ганчIиде.
Гьанжеги ругила гьел кIиялго мугIрул
кьурда: кьижун йигей ясалъул сураталда тIаде къваридго къуларав вехьасул сурат.
Свакарал
гIухьбуз бакъанида рехъен нохъоде гъола. ЦIетIа хьаг лъезе цIаги бакун,
гIолохъанав вехь витIула лъарахъе лъел цIезе. ГIажаибго гIодобе биччараб
роцIараб сордо букIуна гьеб. МоцIрол канлъухъе вехь лъарахъе щола, амма гьениб
лъим бакъван батула. Ворта-чIван вачIун гIажаиблъарав гIолилас гIухьбузда
лъарахъ лъим бакъван букIиналъул бицуна. Амма гIухьби божуларо ва гьесда
релъула ва лъел цIун вачIаян гьев нахъеги витIула.
Лъарахъин
абуни гьанжесалаги лъим батуларо гьесда. «Нохъоги тIун жанирго щай нуж
хутIуларел» – илан абун борчIула гьалмагъзабазда ццин бахъарав гIолиласухъа.
ГIухьбузда
лъалеб букIинчIо щиб сордо гьебали, гIолохъанав вехьасдаги лъицаго бицун
букIинчIо гьеб сордоялъ кинабгIаги гьари тIубалилан. Гьебин абуни букIана
лайлатул къадиралъул сордо.
ГIолилас
гьел рагIаби абуралго, бакIаб гъугъай бахъуна ва лъарахъ лъим баккула. лъинги
босун вачIунев вукIарав гIолилав нохъода аскIове щола, амма, кьуруги тIун,
нохъоялъул кIалтIу бацун батула.
Абула,
анкьго сордо-къоялъ гьоркьоб къотIичIого рагIулеб букIанила нохъоялъур хутIарал
гIухьбуз ахIулеб пашманаб кочIол бакъан:
Нижецани
гIиял гьанги квинаан,
Щиб
квинеб керчхъахIал расазул хухаз?
ГIухьбузулни
биялъ буссинаан къеч,
Щиб
гьекъон рукIинел гъаримал цIани?
ГIодуге,
гIодуге, хириял яцал,
ГIухьби
нохъоялъур хутIанин абун.
Угьдуге, угьдуге,
нуж, рокьи ккарал,
ХIасратаб
рокьуде кьуру тIунилан.
Анкьго
къоялъ рагIулебги букIун, микьабилеб къоялде къотIанила кечI.
Жеги
абула, анкьабилеб къоялъ нохъоялъусан гIухьби ахIтIон ругила, тIарцIаб расалъул
гIиги, гIубилаб кьералъул цIаниги къо хIехьолел рукIун ругин, гьел хьихьеян.
ГанчIиде руссарал эбелги лъимерги
Цадахъ
кини-лъимергун радалго яхъун хурие ун йиго цо гIадан. Амма хурие щвараддаса
нахъе лъимер гIодизе лъугьун буго. ГIемераб гIакъуба бихьулеб букIун буго
эбелалда лъимер гIодулеб чIезабулаго.
ХIалицаго
лъимерги кьижизабун, киниги хурул рагIалда лъун, хIалтIизе инеян киниялдаса
тIаде йорхулей йигей эбелалда бакъанил мех щун батанила. Къо хехго ун батидал
ццин бахъарай эбелалъул «Туй» абун бакъуде тун буго. Эбелги, кинигун цадахъ
лъимерги, гьебсагIасаталдаго ганчIиде руссун руго.
Цо чанахъан кканила будулаазухъе гьоболлъухъе. Гьез гьасие
гьоболлъи гьабунила чанил гьанги белъун, ва лъазабунги букIанила кванан
хутIаралъул щибго бахчугеян, рукьбиги рекугеян.
Чанахъанасда бихьулеб букIанила чанил гьан цIакъго лъикIаб
букIин. Кванан рахъаралго будулааз данде ракIаранила рукьби. Амма цо ракьа
камун батанила гьезда. Гьеб бахчун букIанила гьезул гьариялда хIикмалъарав
чанахъанас. Будулаазда лъалеб букIанила ракьа гьес бахчун букIин, амма гьесда
абизе бокьуларого рукIанила. Ахирги гьез ракьа хисанила цIулал гIучIалъ, чанил
цIокоялда жанире рукьбиги ракIарун, рагъа-рашаризарунила ва мачIалда хъат
кьабунила. ГьебсагIат чанил цокоялда рухI лъунила ва гьеб лъутун цебеса тIагIанила.
Дол рукIанила захIматал къоял. Рахъулаго чияр ракьалгун рачIунел
рикIкIен гIемерал Надиршагьасул аскарал гIандалазде гIагарлъидал, тушманасе
къуркьизе бокьичIел гIадамаз тIолабго магIаруллъиялде ахIи бала кумек гьабеян.
Рахъ-рахъалдасан рачIун лъелал ва рекIарал рагъухъабазул тIелал тIаде щола.
Цо росулъайин абуни хIалицаго гурони чоде вахун бажаруларев
херав чи вачIанила. «Гьавго щиб мурадалъ
вачIарав чи, боркьараб рагъул цIадулъ щиб гIагидай гьас тIаса босилеб»,
– илан тамашалъи гьабун рукIанила гIандалал.
МагIарулазул аскарал тушманасда данде къокъанила. Байбихьана гурхIел гьечIеб
рагъ. ЛъикI яргъид гIуцIараб, рикIкIен гIемераб тушманасул аскараз магIарулал
нахъе къазе гьарулел рукIана. Гьеле гьеб хIалуцараб лахIзаталъ кьурабазда
багъанила панаяб магIарул кьалул кечIол гьаракь. КочIолъ ахIулеб букIанила
бахIарчилъиялъулги, яхIалъулги, къохIехьеялъулги, бихьинчилъиялъулги
хIакъалъулъ:
Жакъа чучарасул чилъиги хваги,
Чучун вагъарасул лъадул цIар ккаги!
ПасихIаб, бахIарчияб кочIоца рагъухъабазул чорхолъе кинабалиго
цIияб шавкъ, къуват, тулаклъи рештIинабунила. ГъалбацIал гIадин гъеролел
рукIанила ватIан хириял васал, тушманас абуни, жигар бахъулеб букIанила
кочIохъан валагьизе, гьесул гьаракь къотIизабизе. Бакъаниде рагъул сас
къотIанила, къажарал кьалул авлахъалдаса лъутанила. Хирияб ракьалъе гIоло рухI
кьурал рагъухъабазул жаназаби ракIарулаго, гIолохъаби тIаде кканила каранлъ
ханжаргун ракьалде щапарав херав чиясде, гьес хъатикь щулаго ккун бугоанила магIарул
пандур.
КIикIуни
росда гIагарлъухъ Маххул кьури абулеб бакIалда гьабсагIаталдаги рихьизе бегьула
цIулал хIокIал. Махщалида кьурулъ кьабурал гьез рачуна Кара-гъойсуялда тIад
бугеб гIемер кIудияб гьечIеб кьватIелалъуре.
Бицен
буго гьенир хIокIал гIемерал соназ церего КIикIуни росулъа цо гIолиласкьабун
ругилан. Гьездасан ваханила гьев кьурулъе найил гьоцIо бахъизе. ГIолилас гьоцIо
босун бачIараб мехалда эбел кутакалда хIинкъун йиго, щайгурелъул гьоцIо росуль
цого-цо мадугьаласул гурони букIун гьечIо. ГIолилав гьеданила жинца бачIараб
гьоцIо бикъараб гурилан, амма гьоцIо босараб бакI гьес бицинчIила.
Чамалиго
нухалъ бачIуна васас гьедин гьоцIо. Эбелалъе лъазе бокьун букIана гьес гьоцIо
киса бачIунебали. Гьедин гьей цо нухалда хал кколаго Маххул кьури абулеб
кьуруялде аскIое щвана. Хадуб хал кколеб букIиналда щаклъи гьечIев гьев
бигьагьабун кьурулъе харизе лъугьуна. Гьев цIакъго борхалъуда вукIана
хIокIалдеги гIунтIичIого цояб квералда далдалун хутIарав мехалда. Гьеб параялъго
гъоркьан бахъана хIинкъарай эбелалъул вахIшияб гьаракь. РакIалдаго букIинчIеб
эбелалъул гьаракьаль, букIине бегьула гьев цояб квералда свакан вукIун ватизеги
бегьула, гIолилас биччан танила цояб квералъ ккун букIараб хIокI ва бахIарчи
гамачIлъун вортун анила Кара-гъойсу гIурулъе. Эбелги ургъизе рекIада ятичIого
кIанцIанила вас хвасар гьавизеян, гьесда хадуй гьейги ячун анила гIуруца жиндирго карачалабалъе.
КIичIбар (хIакъикъияб хабар)
Гьаб хабар
бицун буго Гуни росулъа Мирза абурав херав чиясда чачаназул цIар арав багьадур,
бодул цевехъан, ЦIоралде гьарулел рукIарал чабхъеназда гIемерал гьунарал
рихьизарурав хIинкъи гьечIев рагъухъан КIичIбарица. КIичIбарги Мирзаги кIудиял
гьудулзаби рукIун руго. Чачаналде щванщинахъе Мирза гьесул бакIалда рештIунев
вукIун вуго. Цо нухалда Мирзаца КIичIбарида абун буго, мун цIар рагIарав
рагъухъан, гIемерал чабхъеназда гIахьаллъарав, гIумруялъул кIудияб хIалбихьи
бугев, гIемераб гIакъуба-къварилъиги бихьарав чи вугин, дурго гIумруялда ккарал
лъугьа-бахъиназдаса цо дудаго бищун ракIалда чIаралъул бицейилан. Мирзал
гъариги тIубазабун, КIичIбарица бицун буго гьаб хабар.
«Дир
гIумруялда ккарал лъугьа-бахъиназдаса дида ракIалдаса унареб цо лъугьа-бахъин
буго. Цо нухалъ дунги дир гьалмагъги унел рукIана сапаралъ. Пуланаб бакIалде
щвараб мехалъ нижеда вихьана нухлул кваранаб рахъалда бугеб гъотIокь, бахараб
гIурччинаб харилъ, жиндирго буртинаги гъоркь тIамун, кIалагъоркьеги вегун,
сванхиялда кьижарав щват бугеб лага-черхалъул мазалияв чи. Гьесда тIад букIараб
тIагъур цояб рахъалде гирун ун бугоан, ботIрол лахIчIегIераб рас гьурщун
бича-бихъан бугоан. Бихьулеб букIана гьев сундулго ургъел гьечIого эркенго
кьижун вукIин. Гьалмагъас абуна гьев чи чIвазе, батараб гIарацги босун, нилъги
цереса тIагIине кколилан.
«–
Йохъ, – ан абуна дица, – кьижарав чиясде квер борхи бахIарчилъи кколаро, гьеб
бихьинчиясда рекъолареб, къабихIаб пиша буго. Нилъеца гьев ворчIизавила ва
тIалаб гьабила гьесдаса щиб бокьаниги».
Гьедин
гьабизеги гьабуна – цин нижеца гьев ворчIизавуна, цинги тIаде вахъинавуна ва
тIокIалъ калам тун нижеда цеве вилъаян абуна. ТIокIалъ нижеца гьесда щибго
рагIи абичIо ва щибдай гьес гьабулебан гьесда хадуб хал ккун чIана.
Гьев
тIаде вахъана, гъоркьан бералги речIчIизарун, лахIзаталъ лъикI нижехъ валагьана
ва, щибго рагIиги абичIого, нухдеги лъугьун цеве валагьун ине лъугьана. Ниж,
гьесул хIалбихьизего гIадин, гьесда хаду-хадур рилълъана. Гьединаб къагIидаядда
цеве-цеве гьевги, хаду-хадур нижги, цо заманалдасан пуланаб шагьаралъул
рагIалда бугеб минаялъул рагьдухъе щвана. Цеве вукIарас каву рагьана. Ниж цо
параялда щибго бичIчIуларого цоцахъ ралагьана. Гьев чиясда бичIчIана ниж цо
тавакал гьечIого рукIин. Гьев лъикI мехалъ валагьана ва жинда хадур рачIаян
квер хьвагIана. Ккараб ишалда рекIекълъун рукIаниги, гьесда хIал лъазе
биччаларин абун ниж гьесда хадур жанире лъугьана. Рагьун нуцIагун, рокъове
лъугьана. Хадурго нижги лъугьана.
Гьев
чияс ниж бищунго хIурматияб бакIалда – кIалалълъ – гIодор чIезаруна, щиб нижее
къваригIун букIарабали, щал ниж колебали гьикъаризе лъугьана. Нижеца кинабго
битIун бицана. Гьес нижер хIурмат гьабун бищун лъикIаб чагъир, бежараб гьан,
хъахIаб чед, чай, пихъ – кинабго цебе лъуна. Гьесул столалда тIад «хIанчIил
рахьги, борхьил лълъарги» камураб жо букIинчIо. Ниж цIакъ нечон лъугьана.
Бугониги, хIал лъазе биччачIо. Гьединаб хIалалда, хIайранаб куцалда,
кеп-ихтилаталда, квана-гьекъеялда нижеца гьеб рокъоб бана лъабго сордо-къо.
Гьев чи лъугьана нижер хирияв гьоболлъун гуревги, ракIжубарав гьудулльунги.
Гьев ватана Тифлисалда чIарав гуржияв. Гуржиясда цебего рагIун букIун буго дир
хIакъалъулъ ва гьесул дидехун кIварги цIикIкIараб букIана. Лъабго сордо-къо ун
хадуб дир гьалмагъ цо къваригIелги ккун нахъе ине къачIана. Дунин абуни цо
дагьабги мехалъ гуржиясда цадахъ чIана.
МоцI
араб гIадаб мехалда гуржияс дида абуна жив цо сапаралъ ине кколев вугилан, жив
вачIинегIан жиндир рукъги хъизанги хьихьун, дун гьенив чIайилан. Гьев ана.
Нахъияб къоялъ рогьалиль рагъиде вахъарав дида бихьана мадугьалихъ бугеб минаялъул
рагъиде ячIун цо бадисан бакъ бихьулей гIадай яс. Гьей ясалда берчIваралдаса
чIорги щун лъукъун гIодобе ккараб чанил гIадаб хIал лъугьана дир черхалъул.
Гьеб къоялдаса нахъе макьил яги кванил дие рахIат букIинчIо, гIакълуги биххун
гьабилеб жоги лъаларого хутIана.
Ункъабилеб
кьоялъ дир гьобол сапаралдаса вуссана. Гьесда бачIинахъего бичIчIана дун хисун
вукIин. Гьев дида гьикъа-бакъаризе жувана. Цин бицунарого вукIаниги, ахирги
дица кинабго бицана.
–
Гьеб бигьаяб иш – ан абуна гуржияс. – Дида бичIчIана дур рокьи ккун букIин,
ккечIебани лъикIаб букIинаан, амма ккун бугелъул, гьабизе жо гьечIо, гьеб
тIубазабиялда тIад ургъун гурони. Гьей дуца бицуней яс йиго нижер полкалда
хъулухъ гьабулев вугев офицерасе, ай дир командирасе абурай яс. Цо анкьидасан
гьезул бертинги букIине буго. Гьей дуе щвезайизе ккани, гьелъие буго гIицIго цо
рес, гьеб захIматаб масъала буго: иш бараб буго гIицIго дур лебаллъиялда ва
бахIарчилъиялда. Амма дов офицер дир начальник вукIиналда бан дица гьениб
гIахьаллъи гьабизе бегьуларо, гьединлъидал дица дуе гьабизе кIолеб кумекги
гьечIо. Бугониги, цо жо малъун тела: нижер гьаниб гIадат буго, бахIарай
рекIараб гьакиде дандеги лъугьун, гьей гьениса йикъулеб ва, абураб жо кьун
гурони, гьей нахъе йиччалареб. Гьакида ругез хIаракат бахъула бахIарай цIунизе,
гьей лъихъего кьунгутIизе, амма кодоса ятIалъун хадуб рес букIунаро гьезие
абураб жоги кьун гьей нахъе ячинчIого. Дуца щибунги гьей гьакидаса духъего
щвезае ва цевеса тIагIа. Гурони, тIокIаб батIияб рес гьечIо. Гьанже кинабго
дуда бараб буго, гьедин гьабун духъа бажаризе батани, хIадурлъи гьабе.
– Гьеб бигьаяб иш», – ан абуна дица ва байбихьана
гьабизеселде хIадурлъизе.
Щвана ахирги
гьеб къо тIаде. БахIаралъул гъакиде дандеги лъугьун, дица гьей дихъего
щвезаюна. Дун дагь-дагьккун рохьил рагIалде гIагарлъана. Кьабун чода цIалгун
ахIуд рахъарал гIунтIиларедухъ хадур цевехун воржана. БахIарай цIунун рукIарал
чагIи кватIун гурони рекIеда ратичIо. Гьел дида хадур гъечIо. Щибго зарар
ккечIого дун гьездаса ворчIана. Гьединаб къагIидаялда кIвана гьей берцинай яс
диего хъамизе.
Ниж щвана рохьил цо рацIалъуде ва дица чу кваназе харде биччана. Дица
вагъаризе къасд гъабидал ясалъ абуна:
– КIичIбар, дида ккун букIана мун унго-унгояв бахIарчи вугилан, амма
гурев вукIун вуго. Нужерго гIадатцин хвезабулеб буго дуца, нужер
Дагъистаналъул, хасго бусурбабазул гIадаталда рекъон, магьари лъун гурони
ясалда квер хъвазе бегьуларо... Дуцайин абуни гьабизехъин буго цIакъ мунго
хIакъикье кколеб, дурго бахIарчилъиялъул къадру хвезабулеб иш. Мун расги
гIедегIуге, дида тIад кверщелги тIубан дур хъатIикь буго, дун дур йиго, мунги
дир вуго, нилъ тIокIалъ цоцаздаса ратIалъизе гьечIо. Гьединлъидал дица дуда
гьарула жакъа дида дуца квер хъвагеян. Нужер гIадаталда рекъон, магьари лъун
хадуб гурого нилъ унго-унгоял рос-лъудилъун рукIунаро – ян.
Дица пикру гьабуна ясалъ бицунеб жо битIараб бугилан, гьей гьанже
киего инарилан, гьелъ абухъе гьабуни, льикI букIинилан. Гьейгун цадахъ дун
росулъе вилълъана.
Росдал дибирги ахIун магьари лъун иш
тIубазегIан дица гьей эбелалдаги йихьизаюн, цо хасаб рокъой тана, дунгоги дирго
рокъове вегизе ана. Амма диде макьу щолеб букIинчIо, пикрабаз дир рахIат
хвезабун букIана. Дун тIадеги вахъун къватIиве вилълъана ва чу киндай бугоян
балагьизе бокьове ваккана. Дун виххун хутIана. Бокьоб дица бухьун тун букIараб
чу букIинчIо. Хадуб батичIо магIида бан букIараб хвалченги. Гьениса вилъана яс
йигеб рокъове, амма дир черх цIорон хутIана – йикIинчIо дица рокъой тарай бакъ
гIадай берцинай дир бахIарайги. Дун дагьаб мехалъ ккараб жо бичIчIуларого
гIадин гьакIкIан хутIун вукIана. Цо-кIиго минуталъ ургъулевги вукIун, гьабизе
жо гьечIеблъиги бичIчIун, къачIана гьелда хадув вахъине.
Гьудул-гьалмагълъиялъухъа чу-ярагъги балагьун, яс ялагьичIого теларин щулияб
тавакалгун къватIиве вахъана.
ЦIоралда ругел къокъал нухазул дида
лъалареб цониги букIинчIо. Гьезул бищун къокъаб нухги тIаса бищун, радал бакъ
баккилалде Тифлисалде унеб шагьра нухде кIанцIизабуна дица чу. Гьенив
рикIкIадасаго тIаде вачIунев цо рекIарав вихьана дида. Гьев гIагарлъулаго лъана
дида гьей дир чуги бикъун лъутун арай бакъ гIадай дир бахIарай йикIин. Гьей
тIаде щвана. Дица гьелда лъазабуна берцинго дунгун тIадюссун рокъое йилъаян.
Амма гьелъ инкар гьабуна ва, кьварун дихъги ялагьун, абуна:
– КIичIбар, дуца дун дирго нухалъ
йиччанте, дий квалквал гьабуге, гурони жакъа дица дуда квер биххизе буго, – ян.
Дун гьелде данде лъугьана, гьей
цеехун ине теларилан. Хабар гьечIого гьей ясалъ кьабун хвалченгун дун чодаса
гъоркье вортизавуна.
– Дуда расги ургъел ккоге. Дица дур
чу-ярагъги тIадбуссинабила, мун гьаниса нахъе вачеян дур гьоболасдаги
лъазабила», – ян абуна гьелъ лъукъарав дида тIадеги къулун.
Гьединги абун, вукIаралъувго дунги
тун, гьелъги ххазабуна. Дун гьениса нахъе вачине дир гьобол дов гуржияв
вачIана. Гьес дун Тифлисалде больницаялде щвезавуна ва, гIемер мех бачIого дун
сахлъана.
Гьоболас бицухъе, сахлъун рокъове
щварав дида гьес абун букIана:
– Гьа, КIичIбар, щиб хIал бугеб дур
гьанже, рази вугищ дурго къисматалдаса? – ян цIехон буго сахлъун рокъове щварав
дида гьоболас, хадуб гьес бицухъе.
– Дой
яс кий йигей? – абун данде суал кьун буго дица.
Дица бицана дой яс, дов офицерас цо
гьоркьоб заманаялда тун йикIаниги, нахъеги маслихIатги гьабун, гьел
рекъезарунилан ва гьей цIидасан, цо анкьидасан дос ячине йигилан. Гьоболас
абуна гьаб нухалъ хIилла батIияб ургъизе кколилан. Дов офицер вугин батIияб
ракьалдаса чи. Цо анкьидаса гьезул бертин букIине бугин, гьесул ракьалде
бахIарай ячун унаго, гьезул каретаялъ нухда сордо бахъизе кколин. Гьелдаса
пайдаги босун, сардилъ гьей йикъизе кIвани, гьей дур йикIунин, кIвечIони –
тIокIалъ гьей дуда кидаго йихьизе гьечIилан. Дица гьабнухалъги тавакал тIамуна.
Цо анкь араб мехалъ гьей ясги ячун, цадахъ кIудияб къукъа солдатазулги бачун,
офицер, жиндирго йокьулейги каретаялда рекIинаюн, нухде лъугьана. Цо пуланаб
рохьоб дунялги бецIлъун сордо базе рештIине ккана гьел. Офицерги дой ясги цо
чадиралъур рукIана. Дун гьезухъ къватIисан гIенеккун вукIана. Гьел цоцаль
къацандулел ругоан: гьелде тIаделъизехъин вугев офицерги, инкар ккун чIун йигей
ясги, гьедин саламатаб мех балеб букIана гьез. Дун сабру лъугIун гьанжедай
кIанцIила гьесда тIадеян рахIатхварал пикрабаз кIвекIулев вукIана. Офицерас
гьей хIалицаго жиндиего мутIигIлъизе тIамулей йикIана, амма яс къуркъулей
йикIинчIо. Ахирги офицерас гьелда рогьрал разе байбихьана: мун кинавалиго
КIичIбарица йикъун ун йикIанилан, гьевгун сордо барайилан, жинца ячарай
гIечIого жинда данде къеркъезе кин нечоларейилан ва гь. ц. Ясалъ гьесда абуна:
– Гьев КIичIбар дуца рагIи абулев
чи гуревха, пайда щиб, батIияб бакIалдаса чи вугин абун гьесда аскIой чIезе
бокьичIолъи гурого, дуца рагIи абулев чи дов гьечIев, живго цеве вукIаравани,
абизе букIинчIо дуца гьедин.
– КъваригIараб мехалда дун дуда аскIов ватулев, – анги
абун бахъун хвалченгун дун чадиралъуве кIанцIана ва цо кьабуралъ тIаса
гиризабуна офицерасул бетIер. Дун виха-хочун лъугьараб къагIида буго, гьей
ясалъ, дида аскIоеги ячIун, дун туркI-туркIизавуна ва щай виха-хочулевилан
дидаги абун, босун цебе чемодангун дида цебе лъуна чIварав офицерасул жеги
ретIинчIеб цIияб форма. Дица хехго ретIа-къан, тIад ярагъ бана. Солдатал кьижун
рукIиналдаса пайдаги босун, ниж рикIкIалъана.
Гьедин дирго гьунаралдалъунги
бергьараб рокьи ккун ячарай йикIиналъищали дие гьей кутакалда йокьана. Гьелъ
дие гьавуна кIиго вас. Гьелги гIолохъаби гIун руго. КватIичIого кIудияв васас
чIужу ячине йиго. Гьаб лъабабилеб сон буго дие гьей камуралдаса. Гьей хвана,
кIиявго васги нахъе тун. Дун кидаго гьелъул пикрабазда вукIуна. Дие дунго
хвейгIанги бакIлъана гьей хвей.
Унсоколоса ХIожоги гуржиявги (къиса)
НекIо заманаяль
магIарулал давладе хьвадулел рукIун руго. ГIемерисел гьел гуржиялъе унел рукIун
руго.
Цо нухалъ
Унсоколоса ХIожо абурав чи ун вуго гьениве давла гьабизе. Щибниги жоги
щвечIого, гьес гуржиязул цо гьитIинав вас викъун, жиндаго цадахъ Унсоколове
вачун вуго. Жиндирго лъималги рукIинчIого гьас гьав жиндиего васлъун тун вуго.
Вас кIудияв гIун, гIолохьанчи лъугьун вуго. Гьав кIудияв гIунагIан жиндирго
ватIаналдехун гьасул хиялал гIемерал кколел рукIун руго. ГьитIинаб мехалъ живго
вукIараб рукIа-рахъин, эбел-эмен, росу-ракь цебеса унеб букIун гьечIо гьасда
даим. КигIан цIакъ вокьун ХIожоца хьихьулев вукIаниги, ракI Гуржиялдехун цIалеб
букIун буго.
ХIожо щаклъун
вуго гьасда. Къойидаса къойиде вас пашманльулев вихьараб мехалъ, ХIожоца цо
нухалъ гьикъун буго гьасда:
– Я, дир вас,
мун дида гьаб заманаялъ пашманго вихьулев вуго, щиб дуда ракIалда бугеб жо, дуе
бокьараб жо щиб? Дуе бокьараб жо гьабизе буго дица, бице дурго, – ян.
– Дуца, дир
эмен, дун гIезегIан берцингоги хьихьулев вуго, дие щибниги гьаниб камураб жоги
гьечIо, кигIан кин бугониги дун ватIаналъ цIалев вуго, ватIаналъ дие рахIат
толеб гьечIо; дур ракI унтилебан дудаги абизе кIоларого, дир ракI унтун, дидаго
хIехьезе кIоларого вукIана дун; гьанже дуца цIехедал бицинчIого тезе бегьичIо –
ян бицанила васас. – Виччай дуца дун инсул росулъе.
ХIожоца цIакъ
пикру гьабунила васас бицараб жоялъул, цIакъ кIудияб ургъел кканила гьасда.
Гьадинаб пикруялъ букIанила гьасул ургьимес бухIулеб:
«Диего гьавурав
васгIан дие гьав вокьулев, гьасие бокьараб жо гьабичIони, ракIалъ толарев,
гьадигIан ине бокьарав кин гьав чIезавилев, гьасдаса ватIалъун кин дун
вукIинев?»
Ахир хIукму
гьабунила ХIожоца:
«Васасе бокьараб
жо дица нахъ чIваларо. Тавакал! Гуржиялъ дир вас вугингIаги вукIина ракI
паракъальиялъе».
ХIожоца
чу-ярагъ, ретIел-тIехги къачIан, вас нухда лъунила.
Вас ун дагьаб
заманалдасан ХIокое вас гьавунила, жеги дагьаб заманаддаса живго ХIожоги
хванила. Гьесул хIурмат гьабун васасда ХIожо абун цIар лъунила. ХIасил, васасда
ХIожол ХIожоян абулеб букIанила.
МоцIал анила,
сонал анила, ХIожол ХIожо гIун вачIунев вукIанила. Гуржиялъе чабхъаде
хьвадун-руссун, хьвадун-руссун росдал багьадурзабиги рукIанила. Рокъоб букIа,
къватIиб годекIаниб букIа – кибго чабхъадул бицун, давладул бицун рукIунел
рукIанила гIадамал. БахIарчилъи гьабурасул цIар гьабулеб букIун буго, къадарлъи
бихьарав суризавулев вукIун вуго. РосурагIалде байданалде рахъун чуязда
гьунарал гьаризе ругьун- лъулел, гIужда туманкI речIчIизе, хвалчен хьвагIизе
ругьунлъулел рукIун руго.
ХIожол ХIожоцаги
хIаракат гьабулеб букIун буго хеккого кIудияз гьабулеб батараб гьабизе
ругьунлъизе. Рокъоб эбелалъги бицунеб букIун буго гьасда эмен давладе хьвадулев
вукIараб куцалъул, Гуржиялъ вас вукIиналъул. ХIасил гьасул ракI чабхъаде иналъул
пикруялда букIун буго.
Цо нухалъ
къачIадун руго росдал гIолохъаби чабхъаде ине. ХIожол ХIожоца абунила гьезда:
– Бегьиларищ
нужеда цадахъ дунги вачIине? – ян абун.
– Угь, гьас
бицунеб жоялъухъ балагье, мун гIадинал гIисинал чагIи гьенире кин унел? Щиб
духъа гьениб гьабун бажарилеб жого? Рокъов чIа, гьудул, кIваричIин дуе
чабхъенго.
Бугониги, «Дун
нужеда цадахъ вачIине къачIана», – ян абун, гьас рокъовеги вилълъун хIадурлъи
гьабун буго. Эбелги гьедигIан данде чIун гьечIо гьасда, щайин абуни, доб заманаялъ
гьеб цIакъ билълъараб жо букIун буго.
– ХIожол ХIожо
цадахъ вилълъани, нухда гьасул квалквал гуреб жо ккеларо нилъее, рачIа гьав
вагъа-вашаризегIан нилъ хехго рахъун, гьаб ракь тезин, – абураб хIукму
гьабунила гIолохъабаз.
Ихдалил къоялъ
хъахIлъи балелдего ансадерил гIолохъабазул гьитIи- набго къокъаялъ росу танила.
Радал вахъаравго
ХIожол ХIожо къачIан чу-ярагъгун, эбелалъе къомех лъикI гьабун, рекIун, кьабун
чода цIалгун, къватIиве вахъанила. Балагьанила, ун ругила гьалмагъзаби гьавги
гъоркь тун.
Гьеб жо квеш
рекIедаги унтун, ццинги бахъун кьабизабунила гьас гьазда хадуб. Бер
рукIкIиналде гIазул мугIрузул ракьанда къайиги чIван, сордо базе рештIараб
ансадерил кьокъаялде тIаде кканила вас.
– Ассаламу
гIалайкум, гIолохъаби!
– ВагIалайкум
салам, рештIа!
– РештIинаро,
нужеда цадахъ рештIизе бокьун букIарабани, нуж дунги тун инароан. ХIожол
ХIожоца ХIожол цIар гIодоб толареблъи лъай нужеда, – абураб рагIиги рехун,
ХIожо довегIан ун, хIатIихьен бан чуги биччан, живго цохIо къайги чIван чIун
вуго.
Радал бахъун,
къокъа ун буго цояб рахъалдехун балагьун, ХIожол ХIожо ун вуго цогидаб
рахъалдехун валагьун.
Гуржиязул
мугIрузда терелевги вукIун, ахир цо бакIалда ХIожол XIожода цо гIулбузул илхъи
бихьун буго. «РачIа дица гьаб илхъи хъамун бажарулищали бихьилин» абураб жо
ракIалде ккун буго гьасда. Лъабгоункъго илхъичиги ватун, кьвагьагIанхъи ккун,
ХIожол ХIожо лъукъ-льукъун гIодов ккун вуго. РачIун руго гуржиял тIаде, цIехон
буго мун щив, кисаян абун.
Щиб гьабуниги
бицун гьечIо гьас. Гьеб гъалмагъаралде тIаде цоги гIиял къаяздаса гIадамалги
рачIун руго. Сверун лъугьун балагьанила гьал, пайда щиб, лъукъ-лъукъун хвалде
ван вугониги, къорица ккураб бацI гIадин, ццидахарав, ярагьунев гьитIинав
гIолохъанчи вугила. Цояз абунила бацIица бацIил гIамал теларин, рачIайин гьев чIван
рехизе абун, цояз абунила гIайиб гурищ гьитIинав гIолохъанчи, гьаб сапар гьадин
ккун тун нахъа тIокIав вачIинарин гьав, рачIа гурхIел гьабизин абун. Ахир цояс
абунила гьав чи дицаго хьихьизе тIадеги восила, рокъовеги вачина абун. Гьесда
гIемер данде чIчIолев чиго вахъинчIого гуржияс ХIожол ХIожо, гьакидаги лъун,
жиндирго рокъове щвезавунила.
Гуржияс, лъикIал
местIерзаби ахIун, ХIожол ХIожое дараби гьаризе тIамунила, лъикIаб квен кьун
хьихьанила, цIакь гьасул ургъел гьабунила. Цо моцI гIанаб мех байдал цеве
вукIарав гIадав чи лъугьанила гьасул. Лъугьарабщинаб жояльул пикру-хIисаб
гьабураб мехаль ХIокол ХIожода гьадинаб жо ракIалде кканила:
«ГьадигIан дие
хъулухъги гьабун, захIматги бихьун дун щайдай гьав чиясе? Мун щив абун тIоцебе
цIехараб мехалъ дицаги бицинчIо, тIокIаб
гьасги цIехечIо, рачIа дица гьалъул цо кIальай гьабизин гьасдехун, кин
бугониги дир рухI хвасар гьабурав чи вуго гьав, гьаб жо дида кIочон тезе
бегьиларо».
Цо къоялъ ХIожол
ХIожоца гуржиясе ракI чучанила:
– Дун вуго
Унсоколоса ХIожол XIожо, дуца дун холев бакIалдаса вахъинавуна, дуе гьабизе
лъикIлъи лъаларого вуго дун, дуца дун цIакъ нечезавуна, хасго гьаб лъукъел
ккеялъе сабабги дун вачун хьихьизе гIадаб букIинчIелъул. ГIилла щиб дуца дие
гьаб льикIлъи гьабиялъе, гьалъул цо магIна батила?
Гьас гьаб хабар
бицараб мехалъ гуржияв цо тамашаго воханила. Тирщун тIадеги вахъун, бан
къвалгун къочанила ХIожол ХIожода, рохалил магIу бачIанила чвахун, гьанже
гуржияс бицанила гьаб хабар:
– Дур инсуца
дун, гьитIинав чи, гьанже мун гIадин гьаниве вачIинеги вачIун, хъамун вукIана
Унсоколове. Гьенив гьес дун жиндирго васлъун хьихьана цо чанго соналъ, цинги,
гIолохъанчиги гIезавун, дир гьариялда рекьон рокъове вичан тана. Дун дова вугеб
мехаль дир ракI гьанибе, Гуржиялъе цIалаан, гьаниве щун хадуб дир ракI кидаго
Унсоколоб букIунаан. Лъукъун магIарда мун ватараб мехалъ танкан абун ансадерил
росу, гIолохъаби, живго ХIожо, гьесул хъизан цебе бачIун чIана, дирго вац
вихьаравгIанги вохун вукIана дун мун вихьараб мехалъ. Бихьулищ дуда, вукIинеги
дир вац вукIун вуго мун. Нилъер гьаб гьоркьоблъи кватIун бугониги, тIатин лъикI
ккана.
ХIожол ХIожоца
гьелдаса хадубги бана гьениб цо моцI гIанасеб мех. Ине бокьараб мехалъ гуржияс
гьасие лъикIаб чу-ярагъгун ретIел-тIехги къачIанила, хуржинир эбелалъе
сайгъаталги лъун, цIакъ лъикIаб хIалалда нухда тIовитIанила.
ХIожол ХIожо
рокъове щун цо-кIиго лъагIел бараб мехалъ эбелалде ракIалде кканила гьасие
чIужу ячине. Гьеб пикру васасда бицараб мехалъ гьавги разилъун къачIадизе
лъугьанила. Росулъа рекъарай гIаданги ятун, гьасие гьейги гьелъие гьавги
рокьун, къотIи-къайги тIубан, бертаде къачIанила. ХIожол ХIожоца хъван кагъат
битIанила Гуржиялде жиндирго гьобол берталъе ахIун.
Бертаде кIиго
къо хутIараб мехалъ кIиго-лъабго гьалмагъгун цадахъ, гIемераб сайигъатгун
щванила гуржияв. Росулъе лъугъун вачIунеб мехалъ лъадаре унел ясазул къокъа
данде кканила гьасда. Гьезда гьоркьой йикIарай цо хъахIаб гурмендогун чIегIераб
кьенсер-бералъул гIадамалъул берцинлъиялъухъ балагьун виххун хутIанила гьав.
ХIожол ХIожохъе щвараб сагIаталъ гьас жинда йихьарай гIадамалъул бицанила.
ХIожол ХIожоца
абунила гьасда:
– Дидаса
кIудиявги вуго мун, амма дуца жеги чIужу ячун гьечIо. РачIа нилъеца дуда
йихьарай гIадан дуе ячинин, цинги дир бертадул тIалабги гьабила нилъеца.
Гуржияс абунила:
– Дуца бицунеб битIараб
буго, амма нижехъ чIужу гьедигIан хех ячунаро. Лъеберго, лъебералда щуго сон
бараб мехалъ рачуна нижехъ лъудби. Гьанже дун ригьалде щунги вуго. Дун
дургIакълуялда рекъола. КIиябго бертин тIубазабила нилъеца.
Гьанже ХIожол
ХIожоца жиндирго бертин гьоболасде сверизабулила. Гуржиясе йокьарай ясги
жиндирго абурай гIадан ятун, гьас инеги ун гьелъул эбел-инсуда лъазабула
жиндирго ккараб жо ва жинца вацасул бакIалда вугев гьоболасул адаб-хIурмат
цIунун гьабураб хIукмуялъул бицанила.
Яс сихIкъотIун
чIанила. Эбел-инсуца абунила:
– Ясалъул ихтияр
нижеца духъе кьун буго, дуего бокьараб гьабе, – ян.
Нахъияб къоялъ
гуржиясул гьалмагъзабазда цо Унсоколоса чияс бицун лъан буго гуржиясе ячинехъин
йигей гIадан ХIожол абурай яс йикIин. Гьез бицун, гуржияв цIакъ гIажаиблъи
гьабун, жиндир ккараб гъалатIалъулги ХIожоца жинде гьабизехъин букIараб
намусалъулги пикру гьабун тамашалъун хутIанила. Вилълъун ХIожода кIудияб
гIайибги гьабун, хъваштIан бертин ХIожоде буссинабияльул тIалаб гьабунила гьас.
Анкь Унсо- колобги бан, сухIмат-кепги тIубазабун, гьудул-гьалмагъзабазе
сайигъаталъе ансадерил тIилал, хъалиябиги росун, нахъ вуссанила гьав.
Рокъове щун
дагьаб мех балелде гьас чIужуги ячанила, хехго гьазие васги гьавунила. Жиндир
заман щвараб мехалъ гьев васги цIализе витIун паракъат вукIанила. ЛъикIалан
сонал анила, цо заманаяяъ ХIожоде ракIги щун, гьас хъванила кагъат, дагьаб мех
базе, хъизанги бачун, мун нижехъе
вачIаян. Живго ине санагIат бугеб заман букIинчIила гьасул.
Хъизанги бачун
вачIанила ХIожо гьасухъе. ХIожол гьебмехаль кIиго лъагIарав гIадав вас
вукIанила, гьевги кIудияй эбелалъухъ тун ун руго гьал Гуржиялъе. Анкь бараб
гIадинаб мехалъ гуржияв, цадахъ чIужуги ячун, цо къваригIелалъе ине ккун вуго.
ХIожода абунила гьас, дун цо лъабго къоялдаса вуссинин, дуца гьаб рукъ-къаялъулги
тIалаб гьабе, квешав чи ва цIогьорасдаса цIодорлъиги гьебеян.
Доб букIун буго
цIакъ квешаб заман. Щивас жинди-жиндир бакI, хъала цIунулеб гIадин, цIунизе
кколеб букIун буго. Багьадурлъи-бахIарчилъи абун талавурчилъи-цIогьги цIакъ
тIибитIун букIун буго. Цояз бикъулеб-хъамулеб, цояз чIвале-хъолеб, цоял
цIогьабазда хадур лъугьун – гьединаб бада-гъудуралъул заман букIун буго. Кодоб
ярагъ гьечIого чи сапаралдеяли кив гурин, магъилъе, хIатта рокъоса къватIивецин
лъугьунареб заман букIун буго.
Гуржияв ун
нахъияб сордоялъ, Тулписалда цIалулев вукIарав ва моцI базе рокъове виччарав
гьесул васас каву бухун буго. ХIожода гьеб рагIун гьечIо. ГIемераб мехалъ бухун
рагIичIеб мехалъ, гьав вас живго ругьунаб бакIалдаса тIадеги вахун, кавуда
тIасан дваман кIанцIун вуго. Гьебмехалъ ворчIарав ХIожо босун туманкIгун,
кIанцIарав къватIиве, гьабураб гьаракь; гьав диде ахIдолев чияр чиго щиван абун
ракIалде ккарав вас вихха къотIун чIун вуго. Гьедин гъов чIараб мехалъ ХIожоца,
гьав чи лъикIав чи гурилан ракIалдеги ккун, речIчIун туманкIгун чIван рехун
вуго гуржиясул вас. Жинца чIварав чи щивалицин лъачIого, ХIожоца вехъерхъун
гьав гъоркьа рокъове рехун тун вуго. Ургъел ккун гIадинги вукIанила гьав цин,
бугониги, нахъа ракIги гIодобе биччан, гьедигIан пикруго гьабичIого гIадин
хутIанила гьеб иш гуржияв вуссинегIан.
Цо заманалдасан
рачIанияла гуржиявги чIужуги.
– Гьа, кканищ
щибниги жо дун гьечIого? – ян гьикъанила гьас.
– Валлагь,
къасде цIогьод вачIун вукIарав цо чи вугинха гьагъава дица чIван, льаларо
щивали, мунго балагьеха, – ян абунила ХIожоца.
Вилълъун
балагьанила гуржияв, вугила жиндирго цохIо вукIарав вас чIван лъун! БухIун
чехьги бахъун, хIанчIун жиндирго кIветIгун, вилълъанила гьав жиндирго
чIужуялъухъе. Бицанила гьалда лъугьараб жо, гIодизе-чIвадизе лъугьуней йикIанила
гьай, росас абунила:
– Гьанже гьелъул
пайда гьечIо, гьаб иш нилъеца къватIибе бахъичIого бахчизе ккола, хасго
гьоболасда лъазе биччазе бугьиларо. Нилъеца вас ахикь вукъила кколеб хIалалда,
– ян.
Гьаз васги
вукъанила, щибниги ХIожода ва гьесул чIужуялда хIал лъазе биччачIого. Цодагьал
къоял ран хадуб гьалги Унсоколоре руссанила:
ХIожо рокъове
щун моцI балалде гуржиясул кагъат бачIанила:
– Дуца чIварав
чи, – ян хъвалеб букIанила гьес, – дир вас вукIана. Дир чехь бухIараб гIечIого,
дургийищ гьанже бухIизабилебан дица дуда лъазабичIого тана. КигIан кин
бугониги, бидухъ би абураб нужерго кициялда рекъон, дур васасул би гIодоб тIезе
бокьун гьечIо дие. Дуца дихъе дурго вас витIе чIвазе, нилъер гьудуллъи тIечIого
гIаданлъиялда билълъинабизе ракIалда батани.
Цин ХIожол жинца
чIварасда ракI гурхIанила, цинги жиндир вас чIвазе витIиялъул ургъел кканила
гьасда. Бералда бихьулаго чIвазе вас кин витIилев? ВитIичIого тани – магIарул
яхI-намус, гьелдасаги квешаб бидухъ би бецIизе кколеб гIадат. Цояб рахъалдасан
чIужу йигила юхарилей- чIвадилей.
ГIемер ургъараб
мехалъ гьазул хIукму кканила вас витIизе. МагIирукъ лъун букIанила гьасул
рокъоб вас инегIанго. Къо-мех лъикIги гьабун, витIун анила вас. Цо анкьго
къоялдаса витIарав чиги вуссанила, бидул цIураб ретIелги босун.
Цо дагьаб заман
ун хадуб ХIожол ХIожое вас гьавунила. Гьалъул хабар гьас Гуржиялъе гьоболасухъе
битIанила. Гьас хъванила гуржиясде:
– Дидаса хатIа
ккун дур васги хвана, дуца гьесул рецIелги бахъана. Гьанже нилъ цоцазда тIасаги
лъугьун, ракIазулъ хъублъиялъул рагIадгIаги ккун батани, гьебги нахъе бацIцIад
гьабун, цIияб гьудуллъи гьабизин. Дуца чIварав васасул бакIалда дие васги
гьавуна, – абун.
Гуржияс жиндихъе
кагъат босун вачIарав чиясухъе кьун гьасие гьадинаб жаваб бачIанила.
– Гьеб дуца
бицунеб хъублъиялъул рагIадали щай гурин, дир рекIелъ гьелъул махIцин гьечIо.
Амма нужерго гIадат билълъинабизе ккола тIубараб куцалда, – ян хъвалеб
букIанила гьас, – дуца чIварав дир вас вукIана цIалун лъугIизе гIагарарав
гIолохъанчи, дуца дихъе чIвазе битIун бачIана лъимер. Кин кколеб дуда, нилъ
ращалъун ругищ? Дир хIисабалда, гьечIо. Ращалъизе ккани, дуца дихъе чIвазе цояв
васги витIизе ккола. Гьеб мехалъ тIуба-гъубала нилъер гьоркьоблъи.
Гьанже цIакъ
ургъел кканила ХIожодаги чIужуялдаги. ХIожоца гIемер пикру гьабунила гуржияс
бачIараб кагътил. ХIисаб гьабураб мехалъ гуржиясул пикру битIун бихьанила
гьасда. Гуржиясул бакIалда дунго вукIаравани, дицаги гьедин гьабилаан абураб
жоялда ракI чIанила гьасул.
ГIодулей-чIвадулей
эбелги тун, анила вас витIун. ИчIго-анцIго къо иналде бидулъ белъараб ретIелги
бачIанила.
КIиявго
васасдасаги махIрумлъун, кIудияб ургъалида инел рукIанила ХIожолги чIужуялъулги
сонал. ГIажаиблъун гIадамалги рукIанила, бералда бихьулаго чIвазе лъималги
ритIун, гьаз гьабураб жоялъухъ балагьеян абун. ГIадамаз толел рукIинчIила гьал
цо хIалазда гьеб-доб бицун. Гьеб къагIидаялда анила I4-I5 сон.
Хабар гьечIого
цо нухаль гуржиясул кагъат бачIанила. Лъималазул хабадеги рахине, гьел ракIалде
щвейги гьабизе, дагьаб мех нижехъги базе рачIаян ахIулел рукIанила гьас гьал.
Ургъанила
рослъади ун лъикIдай, лъикI гуродай. КIиязулго ракI иналда тIад рекъолеб
букIанила, амма гIадамаз васвасал ккезарулел рукIанила.
– Валлагь, гьев
тушманасде тIадеги ани, анкьабго рекъезабила нужеца, – ян абулеб букIанила
гьез.
ГIадамазухъ гIинги
тIамичIого, кьабун рахъун анила гьал. Лъималазул хобалгIаги гурищ рихьилелан
абураб пикруялъ гьазул рекIее парахалъи бачIунеб букIанила.
Щванила гьал
Гуржиялъе. Хош-баш гьабунила гьалбадерица, цинги гьазул ракI гьалагго букIинги
лъан, гьаз ХIожоги чIужуги ахикье рачанила. Рихьизарунила гьаз хобал. Бугила цо
кIудияб хоб; гьелда аскIобго кIиго гьитIинабги бугила. ТIад тIугьдул чIун
берцинго кьачIанги ругила гьал.
ХIожоги гьесул
чIужуги ракIалги пашманлъун, дагьал гIодизеги гIодун, гьалбадерица рокъоре рачанила.
Балагьанила,
бугила кIудияб стол къачIан, столалда тIад кванагьекьолеб жоялъул камураб жо
гьечIила. Сверун гIодор чIун гIемерал цIакъ аваданал, кепал гьалбал ругила.
Гьал гIодор чIезе бакIги бугила хIадур гьабун тун.
ГIодор чIезарун
гьалбалгун киназго лълъарал цIунила. Рукъалъул бетIерас, борхун жиндирго
лълъаргун, жиндир гьитIинаб мехалдаса нахъе Унсоколоса ХIожолгун ккарабщинаб жо
бицанила, цинги абунила:
– Дир вас
ХIожоца хатIаялдалъун чIвана. ХатIаяздалъун гурев, ургъунго чIван
вукIараваниги, дица гьесул кIиявго вас чIвазецин щай гурин, цонигиясда килищ
хъвазецин ракIалде ккелароан. Бидул тушманлъиялда тIад рекъоларо дун. ЛекIаз
бидул тушманлъиялъул гIадат цIакъ хIалтIизабула. Гьедин гуребани, ХIожол
ХIожоца дихъе чIвазе васал ритIилаанищ? Кидаго ритIилароан. Дица гьел чIван
рукIараланийиц лъикI букIинебан, ялъуни дица гьабураб куцищ? Ургъун рихье нуж,
– анги абун, гьас абунила жиндарго чIужуялда буюранила гъол гьанире рачеян.
Инеги ун чIужу,
доб цояб рокъоса цIубараб моцI гIадав кIиго васги цадахъ гьавун ячIанила.
НуцIил кIалтIа рахъун чIун гьалги тун, гьай жандирго бакIалда гIодой чIанила.
– Гьале нужер
кIиявго вас, – ан абунила гуржияс ХIожодаги чIужуялдаги, – нужер гIадат
билълъинабун букIарабани, жакъа нужеда гьал рихьизе рукIинчIо.
Гьебмехалъ
ХIожоги чIужуги рохуца холаго, гIодулаго, хурханила кIиявго васасда. ЛъикIалан
мехалъ жалго гьалги тун сихI къотIун чIанила гьанир рукIарал гьалбал. Гьазухъ
балагьун ракI къварилъанила гьазул. Цинги гьалги гIодорчIун паркъалъараб
мехаль, гуржияс, хадуб кинацаго гьураги ахIун, гьазул савлухъ гьекъанила.
КIиабилеб лълъар борхараб мехалъ гуржияс абунила:
– Дица гьаб
лълъар гьекъола ХIожол ХIожолги гьесда релълъарал цогидал лекIазулги бугеб
яхIгун намус, гъорлъ бидул тушанльи гьечIого, наслуялъ наслуялъухъе кьолаго,
азарго соназ чIахъулаго айги абураб жоялъе гIоло.
Гьасул гьаб
каламалда киналго разилъун гьураги ахIун гьекъанила.
Хадусеб лълъар
ХIожол ХIожоца борханила. Гьас абунила:
– АнцIила
щугониги соналъ дицаги дир чIужуялъги бидул тушманлъиялъул кьогIлъи чIамуна.
АнцIила щуябго соналъ гьав чияс нижер кIиявго вас чIваравилан абураб жоялъ
бухIулеб букIана ургьимес. Бидул тушманлъи бидул вацлъиялде буссинабизе рекIел
хIал гIураб бахIарчиясул савлухъ гьекъола дица, – абун.
Гьазул гьеб
квана-гьекъей бертаде буссанила. Льабго сордо-къоялъ гьабунила бертин-сухIмат.
Ункъабилеб къоялъ жалго хутIараб мехалъ абунила гуржияс:
– Ле, гьудул,
ХIожо! КIиго васгун мун, цониги гьечIого дун, бегьилищ гьедин.
– Бегьиларо.
– Кинха
гьабилеб?
– Дуцаго
бокьараб хIукму гьабе, гьаб ишалда дир щибниги рагIи бицине бакI гьечIо, дун
дуе мукIурав вуго.
– Дие бокьарабги
гьабиларо, рачIа васазе бокьараб гьабизе.
– РачIаха.
АхIанила васал.
Гьикъанила гьазда гуржияс:
– Нижги руго
нужер эбел-эмен, гьалги руго. Бокьарав гьазда цадахъ а, бокьарав нижеда цадахъ
чIа.
Гьас гьадин
абураб мехалъ кIудиябав гуржиясдехун гьиманила, гьитIинав эбелалдехун къанила.
ЧIаго
ратаралдаса нахъе кIиявго гьанив таниги ургъел щибанги абун, ХIожоги чIужуги,
гьитIинав васги вачун, магIарухъе руссанила. ГIорхъоде щвезегIан гьал
тIоритIизе гуржиявги кIудияв васги рачIанила.
ТIануси
ккола залимав Суракъат хан чIараб бакI, гьеб буго хунздерил тIалъиялъул бищунго
борхатаб росу. ТIанус руго хеккого ццин бахъунел, цоцалъ рагъизе гIедерал, амма
хеккого цоцалъ рекъезеги рекъолел гIадамал. Абула цебе заманалда гьениб
щуго-анлъго чи цоцалъ вагъичIеб къо букIунароанилан. Цо бокьулареб рагIи
абуниги, тIанусисев вагъизе жувалаанила. Билълъараб гIадаталда рекъон,лъицаниги
квалквал гьабичIого букIине дагIба-рагIи ккарал рагъизе росдада нахъе унаанила.
Цо
къоялъ кIигоясда гьоркьоб дагIба-рагIи кканила ва гьел рагъизе анила цо
кIкIалахъе. Гьеб рагIанила тIанусисезда ва гьоболлъухъ вукIарав кIиго
цIадасесда. ЦIадаселгиха кIудиял махсарочагIи. Рагъулел рукIаразда рихьанила
аскIоре рачIунел гIадамал ва, хехго рагъги тун, гьел рекеранила гьумер-кIал
чуризе лъетIе, щайгурелъул кIиязулго гьурмал бидуца жужан рукIанила.
Щванила
росдал гIадамал гьел рагъулел рукIараб бакIалде ва гьезда бихьанила гьениб
гIодоб анлъго хъабарча. ГIадамазда кканила гьенив анлъго чи ватилин вагъулеван.
Гьумер-кIалги чурун рачIанила рагъулел рукIарал. ГIадамазда бихьанила гьезул
кIигояв гурони гьечIеблъи. Гьелдаса хадуб гIемераб жо тIад ретIарав чи
вихьаравго, абулила «гьес, тIанусисес гIадин, хъабарчаялда тIадги хъабарча
ретIун буго», – ян.
ВукIанила,
вукIинчIила цо базарган. Иргадулаб сапаралъ вахъунелъул гьес жиндирго бечелъи –
меседил нусго ратIал – цIунизе кьунила мадугьаласухъе.
Сапаралдаса
вуссиндал базарган анила месед нахъе босизе.
– Дуца дихъе
кьурабщинаб месед гIункIкIаз кванан батана, – ян абунила мадугьалас.
– Щибха
гьабилеб, дида гIемер рагIун букIана гIункIкIаз месед кванаялъул, – ян расги
хIал хисичIого гьесдаги абун, нахъе вилълъанила базарганги, ракIалдаго гьечIого
щвараб бечелъиялдаса вохун чIезе бакI тIагIун вукIанила мадугьалги.
Цо къоялъ
азбаралда расандулел лъималазда гьоркьосаги вачун, базарганас мадугьаласул вас
вахчанила. Вас рокъове вачIине кватIидал инсуца киса-кибего ахIи банила, гьев
вугев бакI лъалев чи ватулев вукIинчIила. Ахирги базарганас абунила дур вас
цIудуца хъамун унев вихьанила жиндаян.
– РагIараб жойищ
цIудуца лъимал хъамун ин? – илан мадугьалас ахIи-хIур бахъинабунила.
– ГIункIкIаз
меседил нусго ратIал кваналеб дунял буго аб, дур вас цIудуца хъамун ин батIаго
гIажаиблъи гьабизе ккараб жойищ? – абун мадугьал гIодове виччазавизе лъугьанила
базарган.
ХIасил, инсухъе
васги нахъ вуссинавунила, базарганасухъе меседги тIадбуссинабунила.
ГIемераб
заманаялъ ГьоцIалъ гьобо букIинчIила. Ханжу ххине щибаб нухалда росдал гIадамал
батIияб росулъе ине кколаанила. Гьебин абуни бигьаяб иш букIинчIила. Цо херав
чиясда ракIалде кканила гьобо базе. ГIадамаз гьесие кIвахIтун кумек гьабулеб
букIанила гьесие ва тIаде щванила гьобо хIалтIизе биччалеб къо. Киналго
ракIарарал гIадамал сабру хун ралагьун рукIанила херас гьобо хIалтIизе
биччаялъухъ. Херас биччалелде цебе киналъулго хал-шал гьабунила.
Амма гьобо
хIалтIичIила. ГIемер ургъанила херав ва ахиралдаги абунила гIадамаздехун,
гьанже лъалин жинда гьобо хIалтIичIольиялъе гIилла щибали, лъим гьечIолъиялъ
хIалтIулеб гьечIила гьеб. Лъим букIине ресги букIинчIила, щайгурельул росу
букIанила магIарда, гамчIазда гьоркьоб. Гьебмехалда гьоцIдерица хIукму
гьабунила лъарахъе гьоркьеги рачIун, гьениб гьобо базе.
ХIабитхъала
Нижер росулъ буго «ХIабитхъала» абулеб
бакI. Гьеб бакIалда буго гьитIинабго мегIер. Бицанихъе, некIого нижер росулъе
вачIун вукIун вуго цоги бакIалдаса (росулъа) цочи. ЦIарги букIун буго гьесда
ХIабит. Гьес бан буго гьениб мина. Гьелдаса нахъе гьеб бакIалда цIар лъун буго
ХIабитхъала (Хабита дом).
Дий бокьун буго бицине нижер росулъ
бугеб иццул хIакъалъулъ бицине. Гьеб кидаго чвахулеб букIунаро. Гьеб баккула
гIемер цIад балеб соналъ. «Гьалдул ицц» абун. «Гьалдул» абураб магIна ккола
«Гьалдодеб ицц» Гьединаб цIар бугониги гьеб гьалдолеб лъим кколаро,гьелъул
магIна кколо: гьалдолеб лъин гIадин ракьулъа къватIиб бачIин. Гьеб лъим букIуна
цIакъ бацIадаб ва цIорораб. Гьеб гвангъула байдабаздасан. Бицанихъе гьеб лъим
цIакъ дарманабги бугила абула.
Нижер росдаде цIар
буго КIижани. Гьеб цIар
лъеялъе буго гьадинаб бицен. Нижер росу кIиго
кьуруялда гьоркьоб буго, гьединлъидал кIиго
жаниблъийилан абулеб букIун буго. Гьедин
бачIараб буго КIижани абураб цIар.
Нижер росдал гIорхъода
буго цо росу букIараб бакI. Амма гьанже гьенир ганчIал
гурони гьечIо. Гьелъул хIакъалъулъ
буго гьадинаб бицен. Цебе заманалда гьенир гIадамал
ругеб заманалда гьениве вачIун вуго цо
гьардохъан. Гьесие гьел гIадамаца гаран
кьун гьечIо тIаде жоялъе хадур
ганчIалги речIчIулаго ракь тезабун буго. Росу рагIалде
щведал гьес гьарун буго Аллагьасде гьеб росулъ бугеб щинаб чIагояб жо ганчIиде
сверагиян. Гьедин ккезеги ккун буго. Росу ганчIиде
сверун буго. Гьенире щварал нижер росдал гIадамаца
бицана ганчIаде сверарал гIадамазул
сипатал ругилан гьенир. Жакъа къоялъги гьенибе зияраталъ халкъ уна. Гьеб рикIкIуна хIежалдасаги, ахIулгохIалдасаги хадуб лъабабилеб хирияб бакIлъун.
Жакъа къоялъ БакьайчIи росу бугеб
бакIалда букIун буго хъала. Гьеб росдал бищун борхатаб бакIалда бакулеб букIун
буго цIа. Гьелъул гIилла букIун буго
кинаб бугониги хIинкъи букIин бицунеб .Гьеб хъалаялда сверун гIумру гьабулел
рукIун руго гIадамал. Гьез гьабулеб букIун буго гIияхъанлъи ва хъалалъухъ
балагьулелги рукIун руго. Гьелда сверухъ ругел авлахъазда букIун буго тамахаб
харил сага. Гьелъ гьезул гIиял рукIун руго ракьа гьечIел, кьариял чахъал.
ГIадамаз абулаан гьезул ракьа гьечIилан – «ракьа-гьечIи». Замана анагIан «р»
хисана «б» ялъ ва росдада цIарги лъугьана «БакьагьечIи.
Унчаева Патинад бицараб жоялъа
рокъоло «БацIада» абураб бакI ккана бацIал ругIанаб бакI.Цебе заманалъ
росдада соро ругIло руго руччарал рохьал .Къасда эгьел рохьазда тарал боцци
кванал ругIло руго бацIаз.
Цоги ПатIинадго бицараб жоялъа рокъоло
цере БацIада росдал гIадамал кIасунал
ругIло руго цоги росабизда ад .Цо
нухIалъ бацIадисел къасда кIасу ру ругъеждуда ад .Ругъжасияз эгьеб мехалъ абу бу баIадисел бацIал гIадин кIасудя
ад .
БацIада росдал гIадамазул цо бугаб ццар
бу «бецI».Росдада соро тиро чвахунаб буго «БецI-гIор» абураб гIор.Иттинаб ццар
элъие кьо бу лъадал кьеруда балагьо .Кидаго бецIаб ,гъугъараб лъим бугIло бу гIорулъ.
Росда соро тиро руго гIемерал тарихиял
памятникал. Патинад бицар Тамарал хIубалъул хIакъалъулъ. Тамара, багьгогьли
гьанай гIадам, югIло юго жондоего квен гьабунай. Эгьеб мехалъ вегьу ву МохIоса
Дамадан, хIинчч ккарав. Эсда регIлу бугIлу бу элъул бунахI гьеогьлиялъулги
цодогьлиялъулги хIакъалъулъ. ГъотIода адги ччоло байбехубу элъулгимо
хабар-кIал. Тамарад абу бу жондода дав гьа вугила ва жондода цадах куназе гIодов ччайла Тамара
югIло юго Росола абураб балъа гетугимо. Эгьеб мехалъ Дамадан вохну оно ву,
ценги абу бу Тамара жендедаса цодорайги бунахI гьеайги югила.
Тарихазул гIелмабазул доктор Умар
Давудовас бицараб жоялдаса. Гьес бицанихъе «КъахIиб» росдал цIар бачIараб буго
гуржиясул «Кахи»-абураб рагIудаса .Гьадинаб цIар нижер росдае кьеялъе гIиллаги
буго. Гьаниб батун буго гуржиязул хъва-хъвагIай.Херал чагIаз бицанихъе гьеб
хъва-хъвагIай батун бугогуржияз доб заманалда гIумру гьабулеб букIараб
къагIидаялда.ГIалимзабазул пикруялда рекъон дунялалда инсан вижун вуго ункъго
миллион соналъ цеве .Дагъистаналъул тарихалъул тIахьазда гIалимзабазул
хIалтIабазулъ хъан буго некIсияб КъахIиб-Бакъдаб росдал, гьенир ругел сиял8-I0
г Iасрабазда рарал ругилан. Бищун кIудияб сиялъул борхалъи буго 20 метр ва
гIеблъи 4,5 метр. Гьеб сиялда аскIоб бан буго кIудияб мажгит. Гьеб мажгитги
буго щуабилеб этажалда.
КъахIиб росу ккола бищунго нек Iсияб
Дагъистаналъул росу Шамиль районалда бугеб. Гьаниб батун буго анлъ азарго
соналъ цебего гьаниб гIадамаз г Iумру гьабулеб букIиналъул хIужаби. Жеги ратана
хобал цебегосеб заманаялъ гIадамал рукъулеб рукIараб къагIидаялъул бицунел.
Масала, мина балаго чанго бакIалда тIаде ккана кIиго чи цадахъ лъураб хобалде.
Цоясул бетIер цогидасул хIатIаздехун ккезабун ругоан гьел. Гьеб хоб батана росу
ахада.
ЧIарада росу буго Къаралазул гIурул кумараб
рахъалъ. Гьеб гIемер кIудаб гьечIо. Доб мехалъ гьеб росу булу буго Iмекъаб
рахъалъ, кIиго километралъ рикIкIада гьинже бугалъдаса. Гьилъда цIарги буллу
буго Кьах. Амма гьеб буллу буго цIакъ агъдаманаб бакIалъда. Бакъ гьунде щвани
булу буго анцIи кIигоялъдехун. Гьеб кIуда гьабузеги рес булу гьечIо. Гьинже
росу бугаб бакIалъда булу буго ЧIарада абураб кули I923-I924 соназ гIадамаз
кIочинзе байбихьу буго.
Бицуна анцIгоялдаса цIикIкIун бакI
ккураб бакI бугин нижер некIсияб Хубар росу. ТIоцебе росу ккураб бакI букIанила
«коком» талаялъул рохьил рагIаллъи. Гьениб гьитIинабго иццул лъим букIун,
гIадамал гIемерлъун, иццул лъим дагьлъанила. Бигьалъи балагьун, гочизе ккун
руго дагьалъ гъоркьегIан. Гьедин бакIал гIемер хисун багъилаб бакIги батун, гьенирго
чIун руго.
Татаралги рачIун, рагъалги гьарун,
мина-рукъзалги рухIун, боцIи-панзги бикъун,гьенисаго риха-рикьун руго. Хадуб
«хIамул кIкIал» абураб рагIалда росулъ гIуцIараб росу лъугьун буго.
ТIатIалаго рачIарал кьогIал хаселаз,
гIазу гIемер бан, чанго нухалъ росу гIансилъ тIерхьун буго. ГIуцIараб магIишат
хвезе течIого, жамагIаталъ хIукму гьабун бугогьанжесеб бакIалде цадахъ
рикьа-риххинчIого гочине.
Умумуз бицунеб къиса буго росулъ кIиго
тухум цоцалъ бан бугин, Насрани дин босаралги бусурман дин босаралги. Гьениб
Айгуниялин жинда цIар бугел гьитIинабго тухум бергьун буго .
Гьезул хIурмат гьабун, тухум цо гьабун,
росуялда цIарги лъун буго «Хубар» абун.
Казбек районалъул росдал цIар бачIараб
буго лъарагIазул «уйбар» рагIудасан – «гъотIода балеб гIурдахIан». Гьеб росу
бараб ракьалда, цебего букIун буг рохь, жинда жаниб цIакъ гIемерал гIурдахIанал
рижулеб. Гьединлъидал росдада цIар лъун буго.
Хубар цебего букIун буго батIияб
ракьалда, жинда Хераб цIарги тун букIун буго, ай гьанче бакIалдаса кIиго
километралъ рикIкIад. Хубараз гIемер хисизе ккун буго бакIал, гьелъие
гIиллалъунги ккун букIана: цере гIаздал гIазаб ва ракьул ччукIиналги.
Хубарал ахиралда чIарал ракьал, цере
лъарагIазул ханзабазе колел рукIун руго. Ва гьез гьел Хубаразе кьола цо чIезабураб
гIарац кьеялдалъун.
ТIоцебего киналниги ракьал рукIана
Заза-бикаян цIар бугей ханзабазул рокъоса чIужугIаданалъул ва гьелъ васигат
гьабун гьел Хубаразе кьун руго.
Росдада жанир ругел гIадамал кола
батIи-батIиял росабалъа Хабуралде гочарал. Гьез жалго рик IкIунаан
уздензабалъун, амма руго цо-цо тухумал – лагъзал церегоасирлъаразде гъорлъе
ккаразул.
Нижер
Чидаб росу цибехун заманалда ГIурдал росдал жамагIаталда гъоркь анаб баа, щивго
ханасе мутIигIаб бончIу. Нижер росдада ади цебе заманалда гъачагълъи гьабу
Бакъбаккудаса Тумазул вилаяталдаса ади кIасунал раа ханасул чабхъадулал.
Гъачагъаздаса росу цIунзи, гIурухъа маарда ади щвезигIан щулалъи гьабур.
Хъаслухъ магъало бакIарзи тумазул бо билъенаб мехалъ, маарда ад щулалъи лъугIаназухъ, гъоркьчIелги гьабу, ади
кIасу бугу нижер росдал жамагIат. Чолав вахъунаб бакI гьечIу даб. Нижер росдад
ханасул бодул цевехъан кудов восну вуго. Доб магIарда цIар далдаса нахъи «Гьве
гунаб гохI» – абу толу бугу нижер умумуз.
Нижер росулъ вукIун вуго ГIалишайх абун
Аллагьасул вали. Гьев хвана I652-53соналъ.
Бицуна, гьев росдал гIолохъабаз гIияда
тун вукIунаанилан. Цо нухалъ рузманалде вачIун вуго гьев, гьенир рукIараз
гьикъун буго гIиялги жалго тун щай вачIаравила. Цинги гьес жаваб гьабун буго
гьел жинца бацIазда тIад къан танилан.Гьесул жавабалда гIажаиблъарал гIадамал
балагьизе ун руго гIияде. Цинги гьезда ратун руго кваналел гIиялги ункъабго
рахъалъ гIодор чIун бацIалги.
Цоги нухалъ, гьев рокъове кватIидал,
росдал гIолохъаби хадур рахъун руго. Гьеб мехалъ гьезда шайих данде ккун вуго
рокъове вачIунев, оцалги цере къотIун, гьезул лъаразда ракун чирахъалго.
Хунзахъ росдал цIар сундасан лъугьараб
ва кисан бачIараб бицунеб цо ккураб хабар гьечIо. Халкъалда гьоркьор ратула
батIи-батIиял биценал гьеб лъугьиналъул
бицунел.
Гьеда гьоркьоса цояблъун ккола
историялъул учителас бицараб хабар. МагIарулазул кIудияв эмен Хозоникас,
Кавказалъул востокалдаса вачIун мугIруздегун шагьар бала ва гьелъие жиндирго
цIар кьола. Бицунеб буго Хазоникалдасан лъугьраб бугила Хунзахъ абураб
цIарилан.
Цойги къиса буго, росулъа санал
цIикIкIав чияс бицараб, гьес бицунеб буго Хъунзахъ абураб цIар лъугьун батизе
бегьулин Ханхабахъ абураб рагIудасан, щай гурелъул Хунзахъ букIана магIарул
ханазул резиденция.
Гьединго росдал гIадамаз бицана Хунзахъ
росу цо чанго нух бихханила ва цIилъанила, ва лъугьун бугила Хун бахъ абураб
рагIул бухьеналдаса. Хунбахъалдаса Хунхахъ
абураб цIарги лъугьанила. Хунзахъ росу анкьо нухалъ биххун буго ва гьединго
цIилъун буго.
Росдал гIадамазда гьикъун гурони дица
хал гьабуна интернеталдаги, гьениб хъван батна гуржиязул историкас Леонти
Мровелица, НухI аварагасул вас Хунзахъ абураб цIарги бугев вачIун вугила
угIрузде, жиндиего шагьарги бан жиндирго цIар кьун бугила.
Байбихьуда росу букIун буго гьанже
Гъоркьсивухъ абулеб бакIалда. Советияб заманалда гьенир рукIана колхозалъул
гIачиязул фермаги,гаражги,цоги-цоги бакIалги. Гьеб росдал букIун буго насранияб
дин.Банги буго росдаца I400 сон. Цоцахъа давла бахъизе доб заманалда гьарулел
рукIарал чабхъеназ гьоркьоса къотIичIого рахIат хвезабулеб букIун буго
гIадамазул. Цо гьединаб рагъ ккараб мехалда росу бухIун буго тIаде рачIарал
чабхъадулаз.Гьеб мехалда гьел гIадамаз хIукму гьабун буго гьанже росу бугеб
бакIалда Щулалъул кьурда цебе цIияб росдае кьучI Лъезе.Гьеб заманалда ТIалул
рагIалда цоги гьитIинаб росу букIун буго Макьасдаян цIар бугеб.Гьеб росдал
гIадамлги рачIун руго сахъадерихъе гьарун жалги риччайин нужеда гъорлъе цIияб
бакIалдеян.Гьелде щвезегIанго, I300 соналдаго, доб гъоркьехун бугеб росулъа
лъабго гIолохъанчи витIун вуго гьанжисеб Лаваши районалъул ракьалде чуял
хьихьизе.Гьел гIолохъабаз жидейго бан руго гьенир рукъзал,ва гьениб лъугьун
буго цIия Чуни абураб росу.Сахъадеридаги Чунисездаги гьоркьо буго лъикIаб
гьуинаб бухьен.
Бицанихъего магIарухъ букIум бу заман
уттух ругал росуби цоцаза ад кIанцIумо давла гьабудалаб. Цоял адамаздаса
бечедго гIумру будалал, хIалтIиги бокьдалал, боцIиги квенде жоги бугал рукIум
ру сугъралъасал. КъватIиса бачIулеб букIун буго цохIо нарт, цIам ва чакар.
Элъха удух ругал бацIадисаз росулъеги кIанцIум гIадамазе квалквал будал букIум
бу. Гьездаса жолго цIунде чIодал рукIум ру гъаравуллъух. Цо хизамалъаса цо-цо
гIолилав.къорол хутIарай адамалъух ирга щвараб мехалъ, къоролалъ гьарана васасул
бакIалъ жуй гъаравуллъух чIеде йиччелямо, вас тIинго вукIингина. Элъ ургъумо
буго сихIиляб болъо бацIадасасал регьдалал бакIаса. ГамачI элъ лъумо буго
чудулъ щибаб гили тIамараб бах гьаракь бегьдилъух. Щибаб гьаракь бахарсуго элъ
цо-цо гамачI рехдал букIум буго кунтил кучIчIинубе Гелъ руссумо, дал регьдилъе,
рацIумиза бицум буго ва халкъ цолъум буго. ЧагIи омо руго Нахарохьоре гьезда
ахакь чIеде. Гьунда гомо буго рагъ, киналго бацIадисал чIвамо руго, цониги
чIаго томо гьечIо. Гьеб бакIух рукIарал ганчIал бидул цIумо рукIумо руго.
Гьелъаса бегьараб буго «БагIарал алибизух» абараб цIар.
Хвана Бахь БатIинтилъа Бахь
АхIмадилялъ(80сон) бицараб къагIилъ Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъ.
Гьелъ бицараб куцалъ Иван вукIум вуго
лагъ. Гьев хIалтIулев вукIум вуго кунихги, рельэлдухги, вегде бакIалъухги.
ГIумруги, гьунда хIалтIиги захIматго бехьумо, гьес хIукму гьабумо буго жундерго
бельэгьанги чIвамо лъутте. Эвги чIвамо, Иван лъутумо вагъанав вукIумо вуго
Грузиялъухум (гьев унса вуIана амо абдалха). РухIидала гьев гумо вуго сордо
рогьдагIан жунув чIедаханав вукIараб нохонив. Иван ватараб мехалъ (валагьдалав
вукIумо вуго гьев рацIум росдал адамаз киса-кевго) гьес гIиждиги зиба хьвагIум
цонниги чи удух виччам гьечIо. Адамаз эв сверух гумо вуго ва цо гIолоханав
васас (гьесда цIар букIумо буго АхIма, дир кIудав энсул энсул эмен) амо буго
дилъа ав гвела, нуж киналго ад рай аса амо. Вас кIасум вуго Иванда аде, цояз
кумакги гьабумо гIоттовги вамо чIвамо вуго гьундаго. Гьелъаса бегьараб буго
«Иван чIвал нохо» абараб цIар.
Нижер Хунзахъа районалъул БуцIра росдал
хIакъалъулъ гьитIинабго хабар. Бицанихъе «БуцIра абураб цIар бачIун буго
«Буцур» абураб рагIудасан, гьедин абулебги букIун буго тIоцебе. «Буцур» абураб
рагIул магIна ккола «сангар». Нижер росу буго ункъабго рахъалъан тIаде чи
кIанчIун бажарулареб сангараз бацараб, гьединлъидал абулебги букIун буго Буцур
абун. Гьелда аскIоб некIо заманаялда бекьизе хIалтIизабулеб букIараб авлахъалда
гьаризе байбихьана рукъзал. Росулъа гьенибе буго 3-4 км. ГIадамал мугъзада
магьги чIван лъелго унел рукIун руго
рокъоре. Дагь-дагьккун гьениб гIуна I00 хозяйство. ГIадамаз цIарги кьуна
гьелъие ЦIияб БуцIра абун, кин бугониги гьебги долдего гъорлъе уна.
Росдада аскIоб буго берцинаб бакI. Ниж
гьенире уна хIухьбахъи гьабизе. Гьениб буго цо нохъо, цIарги буго гьелда цIорол
нохъо абун. ЦIоролин абула гьелда риидал гьенире ани гьениб гIажаибго квачан
цIер чIван букIуна. Хасалойин абуни хинлъун букIуна. Бицанихъе гьениве жанивегIан ун вуго цо чи ва нахъ вуссун вачIунги гьечIо, гьенив
хвезейищ хварав хвачан ялъуни нахъ вуссине нух лъачIогойищ. Бицунеб букIана дир
кIудияв инсуца гьенибе жанибе цойгияв лъугьун вугин гьесда хадув, амма гьесул
цIер лъугьун батун буго. ЦIакъ гIажаибаб бакI буго гьеб.
Нилъер росдал рагIалда буго цо бакI
«чекахъ» абун цIар бугеб. Гьедин абиялъе гIилла ккола совет хIукуматалъул
заманаялъ гьел ракьал пиринчI бекьизе хIалтIизарулел рукIиндал. Гьел ракьал пасатго
лъалъалел рукIиналъ гIухьби хIинкъулаан гьенирехун боци-панз биччазе, хIарщулъ
къан хвелин абун. Машинабазда рекIун инеги гьенисан цIакъ хIинкъи букIана. ГIадамазги хIаракат бахъулаан «чеказул
хурзал» ругел бакIазде инчIого чIезе.
Нилъер росдал тIарадасан бахъун буго
гъваридаб рахъ жанисан хурзабахъе лъим чвахулеб. Гьеб рахънисан бачIараб лъеца
совет хIукуматалъул заманалъ лъалъалаан колхозалъул хурзал ва гьединго
челензабазул хурзалги. Гьеб гъваридаб рахъ бахъана Юрий Гагарин космосалде
воржараб I96I соналъ ва гьеб хIужжа ккана каналалъе гагарин татавулин цIар кьеялъе гIиллалъун.
«Гагарин канал» – ян абичIого, яги
«Гагарин рахъ» – ян абичIого «татавул» абиялъеги гIилла буго гьеб лъарагI
ракьалда букIин, ва нилъер мацIалде лъарагI мацIалдасан гIемер рагIаби рачIун
рукIин.
«Багараб росу» – ян абиялъе гIилла кола
Хунзахъ районалъул ХIапиколо росулъа БагIарал партизаназул хIурмат гьабун.
Шамхалалъул
ракьазда гIумру гьабулел рукIарал вацазул, йикIана цохIого йигей берцинай яц,
гьелъие вокьулаан цо гIолилав, гьезул букIине кколаан бертин. Гьел вацазул
разилъиги щвечIогун, гьез тIурахъдизе къасд гьабула. Таманаб мех бана вацаз
гьел ралагьулаго. Хадум абураб мегIералде тIаде рахарабго, гъоркье ралагьараб
мехалъ, гьезда бихьула гIор, гIоралда нахъа керчаб рохьоб, гьитIинаб талаб
бихьула гьитIинабго цо бокь. Вацаз цоцада гьикъула: «Щиб нужеда бихьулеб буге
доба гъоркь?». Жаваб букIана цо: «цо бокь». Гьединаб бицен буго, кин росдал
цIар лъугьарабали. Гьел вацал гьеб росулъ гIумруялъго хутIана.
Нижер росдал харабаз битIараблъун
рикIкIуна тумазул «Бюхттулсала» абураб рагIудасан бугилан росда бугеб цIар, ай
борхатаб магIарда, щобда рагIалда чIчIарал гIадамал абун.
Будулаазул
абун кьуру буго нижер росулъ. Гьенир цебе заманалда будулааби рукIунел руго.
Гьезухъе хьвадулев вукIун вуго нижер росулъа гьитIинав МухIамадил Дибир абун.
Гьезухъе кидаго хьвадулев вукIун, вуго гьесда рихьулел рукIун руго.
Комунистазул заман щвараб мехалъ гьел нахъа ун руго. Гьесул чIужуялъ лъимер
гьабулаго, лъимер будулааз ун буго .МухIаммад-закир цIарги лъун гьезда цадахъ
ватун вуго. Гъов Дибирги хун вуго, цIар кьуруялда гьединго хутIун буго.
Гьединаб бицен букIана росулъ.
Нижер
росулъ буго Хьунда мегъ абун бакI. Данде бакъ гьечIеб бакъуда данде мегъ
рехараб бакI буго. Цере дора рекьулел хурзал рукIана, гьанже кинабго хари
бакIалде буссун буго. Цере дора гIумру гьабулел гIадамазул минаби рукIун руго.
ЦIакъ берцинаб мегъ буго Хьунда мегъ. ГIумру гьабизе цIакъ берцинаб бакI
букIана, чIорораб лъим бугеб, иццалги ругел, гъутIбулги рижарал, цIакъ берцинаб
бакIун буго нижер Хунда мегъ. (Т.С.Т 80 лет Ахвахский район с. Изано).
Советскияб районалдаги
нижер районалдаги гьоркьоб бугеб мегIер буго ХIапури мегIер. Хасало гьениса
гьурал рахъула, гIазу бала, нухал къала. Советскиялде лъалго рилълъине лъабго
сагIат уна. Цебе заманалда нухги къан цо ХIапур абун цIар бугев чи хутIун вуго
гьенив, цIакъ цIорораб заманги букIун буго. Гьединлъидал гьелда ХIапури мегIер
абун цIар лъун буго. Риидал хинаб заманалда цIакъ берцинаб мегIер буго.
ГIаздацаги цо чиясги гьудуллъи
рагIизабун букIанила буго. ГIаздаца рагIи кьун букIун буго бачIунеб мех
цебеккунго асда лъазабизе.
ТIоцебе гIазу бан буго магIарде. Гъелъул
пикруго гьабичIого чIун вуго гьав.
КIиабизе бараб гIазу щун буго росу
рагIалде. Гьанжеги дов чияс ургъелго гьабун гьечIо.
Лъабабизе бараб гIазу бачIун гьесул
нуцIил кIалтIа чIун буго. Хасалиде хIадурлъиго гьабичIого хутIарав чи, виххун
лъугьун, щайин жинда лъазабичIебан гIазуда бадибчIваял гьаризе лъугьун вуго.
ГIаздаца жаваб
кьун буго:
–
Цин дун магIарде бан лъазе гьабуна хасел щолеб букIин, - дуца пикруго гьабичIо.
Хадуб дица росу рагIалде щун льазабуна, – дуда гьебги бичIчIичIо. НуцIил
кIалтIе щвараб мехалъ гурони рекIеда ватуларев дургун гьудуллъи дие бакьан
гуро.
Гьелдаса хадуб гIаздалги чиясулги
гьоркьоблъи хун буго.
Малъунилан гIабдал
гIакъиллъираро
Цо ханасул вукIанила ракIалде
ккара-ккараб гьабулев гIантмахIав вас. ГIадамаз гIайиб гьабулеб букIанила
инсуде гьесие битIараб тарбия кьоларогойилан. РагIанила гьеб ханасда. АхIанила
гьес жиндир улка-ракьалда ругелщинал гIакълучагIи данде. Гьабунила гьезие
лъикIаб гьоболлъиги, бицанила жиндирго рахIат хвезабураб жоялъул. Разилъанила
гIакъилзаби ханасул васасда гIакълу малъизе. Малъанила щивав гIакъилас жиндир
бугеб бажариялда рекъон гьесда лъикIабщинаб. Анила гьедин лъикIалан заман.
Ханасул васасе гIемераб гIакълу щун батилин гьанжеян ракIалде ккарал
гIакъилзабаз къасд гьабунила кIалгIаялдаса жиде-жидер рокъоре тIад руссине.
– Цодагьалъ лъалхъе, – ян абунила
ханасул васас.
Гьес цо гIакъилаб рагIи абизехъин
бугилан ккун кIвар кьун гIене-кканила гIакъилзаби.
ГьабсагIат
чIвазеги чIван нужер къаркъалаби тIатIала лъуни, гьезул си зодобе бахинадай? –
илан гьикъанила гьес.
Чияца малъунилан гIабдаласе гIакълу
щвеларинги абун, гIакъилзаби жиде-жидер рокъоре тIад руссанила.
ЧIужуялъе дад босизе арасул
хабар
Мискинаб рукъ букIанила, хъизаналъул цо
гIакаги букIанила, рахь гьализениги,
квен гьабизениги цIелтIа лъолеб цо хъазанги букIанила. ЧIужу щар чIвазе цо
дадгIаги бугебанищан зигарданила. ВугIа-вусун рос базаралде витIанила. Гьдин
витIизе кколеб тайпаялъул, дагьав вакIав, гIадамалъе вахъинчIев чи вукIанила
гьев. Лъороб гургаги лъун, рос базаралде анила. Гьениса цо гьитIинабго дадги
босун вуссанила.
– Алъубе кигIан балеб – илан гьикъанила
чIужуялъ.
– Валлагь гьелда жанибе кигIан балебилан
дица гьикъичIо, гьабжо балаян досги бицинчIо – илан кьурун нахъги вуссун,
базаралде вилълъанила рос. Дова речIчIун, гъова речIчIун, щегIбич валагьанила.
– Гъоб дуца дие бичараб дадинибе кигIан
балеб? – илан гьикъанила.
КIиго къолонибе лъаб балеблъи лъанила.
КIоченаредухъ «КIиго къолонибе лъаб, кIиго къолонибе лъаб», – ан абулаго
рокъове вачIунев вукIанила.
Цо бертин бугеб
росуле щванила. Берталъ ругел гIолохъаби мехтун, рагъизеги семизеги цо багьана
гIолеб хIалалъ гьаглъун ругоанила. ТIаде щваравго, гьас «Салам гIалайкум, кIиго
къолонибе лъабго», – ан абунила. ГIолохъаби хантIан тIаде рахъанила, гьединищин
абулеб гьадинаб данделъиялде вачIарав чиясан, ракгIадин лъугьинегIан вуханила
гьев.
– Щибилан
гIагиха дица абизе кколеб букIараб – илан цIехон буго гьес цинги.
– Щибилан гуреб,
рохел тIаса унгегиян абизе кколеб букIана дуца, – илан малъанила гIолохъабаз.
ГIолохъабаз
малъухъе дадил бетIергьан «Рохел тIаса унгеги» илан абурал рагIаби рачине
лъугьанила.
ГIемер кватIичIого гьав чи хвараб
кверкьовуде щванила.
– Салам гIалайкум, гьадинаб гуреб къо
бачIунгеги, – ян ахIанила гьас.
– Дур махсараялде регIунищ ниж ругел? –
иланги абун, вуханила гьав гьазги.
– Щибилан гIагиха дица абизе кколеб
букIараб? – илан гьикъанила гьас.
– Щиб гуреб, хваразе ахират лъикIаб кьун
батаги, – ян абулилан малъанила гьазги.
– Киниса абуниги рекъоларел алго кинал
гIадамал? – илан ракIалдеги ккун, вилълъанила ав жиндирго нухда.
Тайи квегъулел чагIи ратанила. Гьелъ
гьезие цIакъ гIакъуба кьолеб бугоанила.
– Асалам гIалайкум, хваразе ахират
лъикIаб кьун батаги, – ян абунила кIобокIун тIимугъгун, гьес гьезда.
– Капурго хвараб хIама, дуда ахират
лъикIаб кьун батагиян абизе ккани, хунищ ниж ругел, – илан гьезги лъикI
зуранила гьав.
– Щибха абизе кколеб? – илан гьикъанила
гьаздаги.
– Щиб гуреб, гьабулеб битIаги, – янги
абун, кумек гьабизе, дуцаги тайи кквезе кколаанилан бицанила.
ЛъикI
бугиланхаян унаго магьги баччун уней чIужугIаданалда хадув гъунила гьав.
– Гьабулеб
битIаги, – ян гьей чIужугIадан къахIан ккунила, магь баччизе кумак дицаги
гьабилинги абун, тIад хурханила.
Жиндир чIужуялъе
гIакъуба кьезехъин ватунилан гьелъул росасги вухун, дадил роцен цIехезе арав
мискинчи хIалица ворчIанила рокъове.
ЧохIол букIанила язихъабго магIишат. Базаралъул аб экономикаялде пачалихъ бачIараб мехалъ гьеб жеги
хашлъанила. Щибдай гьабилаян ургъулев вукIанила гьев. Ва гьале цо къоялъ,
мугъзаде хулжалги рехун, бахъараб бахъайилан вахъанила къватIиве. Киве унев
вугевали ЧохIода жиндагоцин лъалеб букIинчIила.
Уневго уневги вукIун, маркIачIуда гуржиязул пуланаб
росулъе щванила гьав. Нухдаго батараб цо рукъалъул нуцIида кIутIанила.
Рази-ракияб гьумеральул херав гуржияс гьев жаниве вачанила, лъикI къабул
гьавунила. Квананила, гьекъанила. Чара щиб, жиндир мурад щибали бицине кколеб
букIанила, гуржиясда рещтIун лъабабилеб къо унеб букIанила гьасул.
ЧохIоца жиндирго къварильи бицараб мехалда, цин цодагьалъ
гIодо-веги къулун ургъулев чIанила гуржияв ва, циндаго цо жо ракIалдеги бачIун,
ЧохIохъ валагьанила ва абунила:
– Нижеда аскIоб буго бусурманал гуржиязул росу. Метер нилъ кIиялго рилълъина доре, рузман къоги
бугелъул, жамагIат мажгиталъубе унеб заманалда рилълъина годекIанире. Дица мун гIалим вугинги абун, дуе вагIза гьабизе изну гьарила. Нужер мацI гуржиязда лъаларелъул,
дуцаги кIалдибе бачIанщинаб хъуре, амма гьоркьо-гьоркьоб Аллагьасул цIар
рехсезе кIочонге, вагIза
гьабулевлъидал мун вукIине кколеб.
БачIинахъего разилъичIониги, ЧохIоца къабул гьабуна
гьеб гIакълу. Гуржияс кинабго гьабуна жиндицаго абухъе. Пал-хIасил,
вахинавунила ЧохIо михIбаралде.
– ГIазаналлагь, – ан эхеде квералги ритIун гьабуна ЧохIоца цо гьаракь. – Я, Аллагь, рукъ цIун ругел гIункIкIал, гьел кквезе
гьечIеб кету. ГIекколеб бугеб тIох,
тIад бачине гьечIеб михир, я Аллагь, гIазаналлагь, – ан жиндирго росдал
мацIалда битIахъе гIодулев чи кинниги кIалдибе бачIа-бачIарабги ахIулев
вукIарав гьесул каламалъ цIикIкIараб асар гьабуна мажгиталъуре ракIаразе,
битIахъе гIодизе лъугьанила гуржиял. «ГIазаналлагь», «я Аллагь» гьес бачунеб
мехалда гуржиязда кколеб букIана гьедигIан гIищкъугун магIуги чвахулаго
«вагIза» гьабулев ЧохIо асхIаб-аварагилан, щайгурелъул гьесул мацI ва гьес
бицунеб жо гIицIго «гIазаналлагь, я Аллагь» гурого бичIчIулеб букIинчIелъул.
Бакъанида гIемер халкъ бачIине лъугьана гуржиясул рокъобе,
гIарац букIа, месед букIа, щиб-щибниги кьун саламатаб хазина щванила ЧохIое.
– Гьаб кинабго ургъарав чи дун вугелъул, давла диеги
бащад гьабизе ккела, – ян абунила гуржияс. ЧохIо разилъанила, амма радал
гуржияв тIаде вахъиналде, кинабго давлаги босун, гьас нух босун батанила.
Хундерил
росабалъ ханас сверну росабазул гIадамал гIемераб магъало лъун, гьел инжит
гьарун, толел рукIун гьечIо. ханас тIалаб гьабулеб букIун буго киналго жиндиего
мутIигI чIезаризе.
Цо-цо бахIарзал
рахъунел рукIун руго гьесие мутIигIлъичIого, данде чIолел. Гьединал чагIи
ханас, щиб хIилла ургъунги, чIвалел, тIагIинарулел рукIун руго.
Гьедин ханасда
данде чIарав вукIун вуго, жиндир сверухълъиялдаго цIар арав балахьуниса
ГIадалав абулев бахIарчи. Гьес жидерго росдал халкъалда абулеб букIун буго
хундерил ханасул буюрухъал нужеца тIуразаругеян, гьелдаса кIудияб зулму нужее
баччизе бокьун гьечIеб батани.
Чанги хIал
бихьун буго ханас ГIадалав тIагIинавизе, гьев чIвазе, амма кинго гьесие жо гьабизе кIун гьечIо. ахирги
ханас хIукму гьабун.
[1] Записала ст-ка I курса Магомедова Патимат от Хасбулатовой Хасбат
Магомедовны (65 лет) в с. Батлаич
Хунзахского района в 20I4 году.