·
Абизе
бегьулебани, мунгияли добго жо бугоан.
·
Абизе
дуда тIадаб буго, тIубай-тIубангутIи ханасул иш буго.
·
АбизегIан рагIи – дур лагъ, абун хадуб – мун гьелъул лагъ.
·
АбичIого тараб рагIи – хазина.
·
Абундачал
гIемер, ячундачал дагь, Ячунев чи гьечIей Чалла
Бариян.
·
Абундачалда
хадуй лъугьарай хабалъ ракьа турарай цо гIаданалъул
хабаде ккарайила.
·
Абунщинай
ясги кьоларей, кьунщинаб рагIиги батулареб.
·
Агьлулъун
гьечIев чи бетIерлъунги тоге, гьунар гьечIеб чу
рекIун, чабхъадги унге.
·
АгIаги махIаги гьечIого, дахIа бижулареб (ракги лъимги
гьечIого, тIегь бижулареб).
·
Адаб
буголъи – тарбия буголъи.
·
Адаб
гьечIесул адабги ккоге, жаниб лъоларесда рагIиги
бицунге.
·
Адаб,
гьумер бихьун гуребила, чи вихьунила гьабизе кколеб.
·
Адабазул
эбел – калам дагьайила, хьулазул эбел – сабруйила.
·
Азарго
галул нух цо галудасан байбихьулеб.
·
Азаргояс
гьабураб цояс биххулеб.
·
Азарго
оц бугев цо релълъмаххалде ккаравила.
·
Арав
вачIунгеги, лъутарав ворчIугеги.
·
Аралда
нилъеца туманкI речIчIани, бачIунеселъ нилъеда гIарада
речIчIулеб.
·
Аралда
хадуб ракIги хогейила, гIакълуялъ къабул гьабулареб
жоялдаги божугейила.
·
Бакъ
аги, къо аги, къоабилелъ харж щваги.
·
Бакъ
агиян – къулун, къо агиян – ворхун.
·
Бакъ
баккани – моцI тIагIунеб, моцI баккани - цIваби
тIагIунел.
·
Бакъ
баккигун, моцI тIерхьине ккола.
·
Бакъ
бокьарал – ракьанда, рокьи ккарал – рагIалда.
·
Бакъ
бухIуларелъуб ракь хинлъулареб.
·
Бакъ
гьечIони, моцIги гвангъулеб.
·
Бакъ
лъугьунареб рокъове тохтир лъугьунев.
·
Бакъ-моцI тIерхьараб мехалъ, цIваби раккулел.
·
Бакъ
тIерхьунелъул, рагьдул кIалтIа гIодор чIоларел.
·
Бакъ
тIерхьун хадуб рукъ лъухьулареб.
·
Бакъ
щолареб бакIалда хIучч цIай.
·
Бакъан
лъикIаб буго, цIалулеб жо къуръан батани.
·
Бакъан
лъикIаб бугоан, цIалулеб жо къулгьу батичIони.
·
Бакъараб
гьой гIадинан кваналелъул хъантIуге.
·
Бакъараб
гьойца гьусун бацI кквеларо.
·
Бакъараб
гIанкIуялда макьилъ муч бихьулебила.
·
Бакъалда
хинлъун букIунеблъи лъидаго лъалеб.
·
Бакъараб
хъумур гIадав, хъантIараб гьой гIадинав.
·
Бараб
ахIулъги ахIараб болъгийила бихьинчи лъалев.
·
Бараб
лълъар борхуларес ккараб къоги борхулареб.
·
Баракат
гьечIеб даранги девлет гьечIеб ригьинги.
·
Баракат
лъуни, цоги гIемераб, лъечIони, нусгоги дагьаб.
·
Барахщарасул
боцIи сахаватас кваналеб.
·
Барахщарасул
къайи къавул гьойца кваналебила.
·
Барахщарасул
– чияе, чехь квешасул – жиндиего.
·
Баргъичал
рокьила – мун вокьиларо, кьураб жо босила – мун восиларо.
·
Баркала
гьечIеб кечI – кири гьечIеб лаила.
·
Баркала
кисиниб лъоларо.
·
Баркат
гьечIеб боцIудасаги цIунаги, гьуинлъи гьечIеб ригьнадасаги
цIунаги.
·
Баркат
гьечIеб боцIиялдасан баркат бахунареб.
·
Баркиялъеги
зигараялъеги кватIи букIунаребила.
·
Бартигун
xIyp чIикIи лъикI, хIамагун кIалцIи квинегIан.
·
Бокьани
чулъун кьололевила чIужуялъ рос, бокьани хIамалъун
хIалтIизавулевила чIужуялъ рос.
·
Бокьанщинаб
лъиейила щвараб, мурадалде щун, щивила хварав.
·
Бокьараб
гурони, рагIуларебила.
·
Бокьараб
кьуру биххизе кIолебила рагIуда.
·
Бокьараб
щвечIони, щваралда ракI рази гьабе.
·
Бокьарабщинаб
гьабуни, бокьуларебщинаб тIаде бачIунеб.
·
Бокьарас
гьетIун бице, бокьарас битIун бице, амма битIараб
бице.
·
Бокьизеяли
гIемер жо бокьила, амма гIорхъиги лъазе ккола.
·
Бокьоб
гIачIар гIадинан, гIергIедулев вукIунев, ГIиялъ
цIцIелжо кинигин, э-эдулев вукIунев.
·
Бокьобе
гьечIеб гIи къватIибе бачIунареб.
·
Бокьоса
къватIиве вачIун, къориниве лъугьунге.
·
Бокьулареб
жоялъе инсан гIинкъавги вукIуневила, беццавги
вукIуневила.
·
Бокьуларого
гьабулеб хIалтIи гIазабила, бокьун гьабулеб хIалтIи
рохелила.
·
Вай,
дур кIалзул бахьинлъи! Вай, дур махьил чIегIерлъи!
·
Вай,
нижер бахIарай, нижер бахIарай,
ЧахтIида гурони гъалги бихьичIей.
Вай,
нижер бахIарай, нижер бахIарай,
Гурдида
гурони черхги бихьичIей.
·
ВакъанагIан бикъула, гIорцIанагIан хъантIула
·
Вакъанани
гIодун, гIорцIани кьурдун,
ГIадамасул гIамал – манзил къокъаб жо,
·
Буголъи
баккарун, гьечIолъи бахчун,
Чангияс
хIехьечIеб байтулман боцIи.
·
Вакъани
къадиясги бикъулеб.
·
Вакъарав
вехьасда гирун бачIунеб гьорчо чедилан кколебила.
·
Вакъарав
квен гьабизеги виччаге, кванарав цIа бакизеги виччаге.
·
Вакъарав
къулун лъалев, гIорцIарав ворхун лъалев.
·
Вакъаравги
валагьун, муъминчи кваналарев.
·
Вакъарасда
кколебила жив киданиги гIорцIиларилан, гIорцIарасда
кколебила жив кидаго вакъиларилан.
·
Вакъарасе
къо лъагIелгIан халатаб.
·
Вакъарасе
мочол чедги гьуинаб, къечарасе хIорил лъимги татуяб.
·
Вакъарасул
лъорове вугьарав лъугьаравила.
·
Вакъи
хIехьоларес гIорцIиги хIехьоларебила.
·
Вакъидал
гIодулев, гIорцIидал велъулев.
·
Вакъидал
ханги хIинкъулевила, хIинкъидал бацIги лъутулебила.
·
ГодекIанив цIакъав гIалхуда вагъуларев.
·
Гозо
сверичIеб жоялъ гьан кунареб.
·
ГорботIа рокьо гурев, рукьал гIа цедер гурев.
·
Гордал
рагьиларилан чIарас нуцIа рагьизе кколеб.
·
Гордухъан
бачIараб гордухьан унеб.
·
Горил
рагIал гьечIеб, рагIул ахир гьечIеб.
·
Горо
чIахIиял жалила лъимал.
·
ГохIда гьабун, xIop чIолареб, кьан хIамил рачI букIунареб.
·
ГудратIа мохмох гурони, чIобого кьолеб жо букIунареб.
·
ГудратIа тIагIи гIункIкI гIорцIизе гуребила балеб, гIункIкI
кквезейила.
·
ГудратIе ккани, гъалбацIги кколебила.
·
Гулла-ххер
гьечIони, чан щоларо.
·
Гуллица
цояв чIвала, мацIалъ нусгояв чIвала. ГунащмагIна гьабуге, битIаралъе нух биччай.
·
Гьекъараб
муслъаги, кванараб хIалаллъаги.
·
Гьекъарав
чигун гаргадизегIан горбоца гIypy бухъиго льикIаб.
·
Гьекъедал
вагъулев, вигьиндал вахчулев.
·
Гьекъедал
– хIелеко, вигьиндал – гIанкIу.
·
Гьекъезе
лъан, гьекъе, кваназе лъан, кванай.
·
Гьекъел
босулев чи – гIакълу бичулев чи.
·
Гьекъел
босулев чи – питна босулев чи.
·
ГьекъечIого мехтарав мехтичIого вигьунев.
·
Гьекъолдухъан
хъизаналъе тушманав, гьерсихъан киназего тушманав.
·
Гьекъолдухъанасда
гьекъолдухъан, тIаргъил щомериялъухъ валагьун, лъалев.
·
ГIащтIи хвезе ноцI гIадав, цIан гьечIеб чурпа гIадав.
·
ГIашура къваридаб, къурбан гIатIидаб.
·
ГIебуда
зар баге, зазида xIeтIe чIоге.
·
ГIебуялдаса бегIераб жо – гIолохъанчиясул ракI, мохмохидаса
кьарияб жо – мегIер.
·
ГIебуялъ гIебу борлъулареб.
·
ГIедал течIони, хведал толебила.
·
ГIедал щарги чIвалеб, ккедал (щведал) чиги чIвалев.
·
ГIедал яс раса-цIалкIугум ягъулей.
·
ГIедал яс росасе кье: яс йиго цIорол цIарагI.
·
ГIедал ясалъе рос щваги, бокъиндал лалие гьури бачIаги.
·
Дие
хъвалеб чагьана, чахъабазе бачунеб наку.
·
Дие
щиб, кин кканиги! – ян абурабила гъоркьа палугьанас.
·
Диего
гIоло абулеб батани, чехь бихъаги, амма гьирда къвачIа
рекьараб бугилан абурабила гIонкIкIоца.
·
Дикьа
къолей рокъой йигилан, къватIив къурас чIужу
юхарайила.
·
Дир
аниб кванан, чияр доба къинлъун.
·
Дир
бадисан ялагьун, дир кIалдисан кIалъан.
·
Дир
бикъаги, дица бикъугеги.
·
Дир
вас гIезегIанищила рагъ ккезе чIун букIараб.
·
Добасан
цIулакьо бегьичIони, анисан мохмохалги регьуларел.
·
Добго
гьороб добго гьури (гьерсихъанасде).
·
Дове
цадахъ босун уневги вихьичIила, добе щвезабизе уневги
вихьичIила.
·
Долого
бекьараб хуралдаса квер босе.
·
Доморун
вега, долого вахъа.
·
ДугIаялдаса богIол хуралъе ракго рекъолебила.
·
Дуда
paгIa, дида бихьа.
·
Дуда
хIама батила мучIдузда гогьдарулеб, кIкIалахъ гъалбацI
бихьила гьекъезе лъим щолареб.
·
Дуцаго
бекьана, дуцаго лъилъе.
·
Дуцаго
бухъаралъуве мунго кколев.
·
Дуцаго
веццуге, чияца веццизегIан чIа.
·
Дуцаго
гьабичIони, дур ургъел цогидазги гьабулареб.
·
Дуцаго
дудаго зинкIкIе, чияда зинкIкIани кин букIунебали
лъазе.
·
Дуцаго
нахъе бацIцIине кколеб жо туге.
·
Дуцаго
цIетIе рехичIел хинкIал хIарччиниса ралагьуге.
·
Дуцаго
чед тIохьтIол кун, чияе ролъул кье.
·
Жал
бурияб бацI лъугьинчIев, льлъар хечаб оц лъугьинчIев.
·
Жалаца
кквечIев рачIалъ кколаро.
·
Жалго
гьоболасе гьабигIан квешал – гьоболлъухь гурони, сордо
баларел.
·
Жалго
гIезегIан лъималазе бищунго херал чагIи рокьулел,
кIудиял гIейгун бищунго херал чагIи рихунел.
·
Жаниб
тани – турулел, течIого бицани – сурулел.
·
Жанибе
нударичIо, къватIибе бадаричIо, дица лъимал кин
хьихьилел?
·
Жаниб
тIагъур гьечIеб тIадгIагъур гIадав, жаниб гъвар-гъвар
гьечIеб царгьил тIи гIадав.
·
Жанир
рукIун – рукъ чIунтарал, рокьор рукIун – хур
чIунтарал.
·
Жанир
херлъаги, хвезе кватIаги.
·
Жаниса
гьодорав – гьаракь кIудияв.
·
Жанисан
хIал хъубав гьалмагъ гьусун тIамураб гьоялдасаги
квешавила.
·
Жинцаго
квани, чехь унтулев, чияца квани, мугъ унтулев.
·
Жинцаго
квен кунев, кванца живго кунев.
·
Жинцаго
цIуничIеб къадру чияца цIунулареб.
·
Жинцагоги
гьабулев, жиндиегоги гьабулев.
·
Жинцагоги
кунареб, кунелъеги биччалареб.
·
Инсул
сагIадат бихьун, васасе къимат кьоге.
·
Инсуда
малъаруге, гьес малъараб гьабе.
·
Инсуе
йокьун, васасе ячарайила, эбелалъе вокьун, яс кьурайила.
·
Инсуеги
лъимал жиндиего жо кьолел рокьулел.
·
Инсуца
хер бичани, васас хур бичулеб.
·
Инсуца
соно квани, лъималазул цаби секколел.
·
ИнчIевани лъаргIиве, лъачIевани Магьдида.
·
ИнчIого къоги беццуге, вихьичIого чиги веццуге.
·
ИнчIого хаселги беццуге, хвечIого нуцалчиги веццуге.
·
ИнчIого, хвечIого чиясул къимат лъаларебила.
·
Ирсалъе
щвараб гъамас цIураб меседалдаса васасул кверзул
махщел бергьунебила.
·
Исана
сон савуд хварабгIаги.
·
Исхъалидул
чухъида хъабарча бащалъиларо.
·
Итни
къо къоялгун шагьадулеб.
·
Их
бащалъизегIан божи бугеб хур тоге.
·
Их
лъамалъичIони, лъидир бакъвалъулареб.
·
Ихдал
гьури – гьанал барти.
·
Ихдал
нилъеца къолеб, хаслихъе нилъее кьолеб.
·
Ихдал
хур рехун тоге, хасало рукъ рехун тоге.
·
Ихдал
хурибе бачIони, хаслихъе цогъронибе балареб.
·
Кванай
вакьидал, рокьи гIолохъанго гьабе.
·
Кванай
кьарияв, хIалтIи хIалакъав.
·
Кваналаго
кIалдиб къачIони, къулчIулаго щокъроб къалеб.
·
Кваналареб
хIамица ХIоцомегIер бегулареб.
·
Кваналарищан
абураб жо – кванагеян абураб жо, гьекъеларищан абураб жо – гьекъогеян абураб
жо.
·
Кваналел
ратани, кванай, хIалтIулел ратани, хIалтIе.
·
Кваналел
таги, гьекьолел таги, тIасан рорчIугеги.
·
Кваналареб
баси басандулареб.
·
Кванан
бахъарабдай, нахъе тарабдай?
·
Кванан
рахьараб мехалъ, рукъ чиярлъулеб.
·
Кванан
гIорцIуларев чIикIунги гIорцIиларо.
·
Кванараб
хIарччинибе хIацIу туге.
·
КваначIого, гьекъечIого вакъизеги вукIунге; гIемер кванан, гIемер
гьекъон, къаличехьги гьабуге.
·
КваначIого хIалтIани, черх нахъе кколеб, хIалтIичIого кванани,
рукъ нахъе кколеб.
·
КваначIого хIалтIуге, хIалтIичIого кванаге.
·
Кванда
квешабилан абизе бегьуларебила.
·
Кванил
тIагIам хварасе харбил кеп букIунареб. Кванда чIухIуларев хIалтIудаги чIухIуларев.
·
Квине
кIолареб бечелъиялдасаги цIунаги, росасда кьили лъурай
лъадиялдасаги цIунаги.
·
КвинчIеб жоялъул баркала букIунареб.
·
КвинчIониги, гьан кьарияб лъикI, кьечIониги, мадугьал бечедав
лъикI.
·
КенчIероялъ цIа бакун, цIеца мун хинлъиларо.
·
Кепкил
къимат гьабуларес гъурщилги гьабулареб.
·
Кето
гьечIеб гьороб хашгьи кIудагIонкIкIоца гьабула.
·
Кето
рихаразда гIункIкIаз къвал балеб.
·
Кето
хIалакъасеги хIама кьариясеги яс кьоге.
·
КечI берцинлъизе – бакъан, риба хIалаллъизе – хIилла.
·
Кибалиго
аздагьо къинлъун рагIулила.
·
Кибе
аниги, хIамие – хIалтIи, хIамибокьове аниги,
нуцалчиясе – бертин.
·
Кибе
гъугъарабги – Гъуниб магIарде.
·
Кибе
ун букIараб гьитIинаб? КIудияб
балагьизейищ?
·
Кибе
цер аниги – хадуб рачI, киве хан аниги – хадуб
нагIана.
·
КIалъалареб кIал букIунареб, бакъвалареб ракI букIунареб.
·
КIалъалев чи – гьурщулев, гIенеккарав – бищулев.
·
КIанцIани бох бекулеб борхалъуде вахунге.
·
КIанцIараб гьой лъаларев, къинлъараб гважи лъаларев.
·
КIанцIулаго чахъдал цIолъи бихьараб цIцIе белъарабила.
·
КIанцIун вахъунареб бакIалда гIужги багейила, батулареб
рагIиги бицунгейила.
·
КIартида аскIоб бухьани, бечеги кьазе ругьунлъулеб.
·
КIарчамаб кьегIер кIиго чахъдада хахулеб.
·
КIарчанлъигун кIухIаллъиялъ кIиго лъимер гьабунила,
мискинлъиян, хIакъирлъиян цIарал гьездаги лъунила.
·
КIвахI месед гуро, хIалхьи гIарац гуро.
·
КIвахI – сахлъиялъул тушман, хIалтIи – сахлъиялъул гьудул.
·
КIвахIал вегун хIалтIулевила, кIусун кьижулевила.
·
КIвахIал – кидаго унтарав,
·
КIвахIалаб хIамица ХIоцомегIер бегуларо.
·
КIвахIаласе чияр хIалтIи бокьулебила.
·
КIвахIалда гъулач бугев, хIалтIуда цедер бугев.
·
КIвахIалъ вас гьавуларев.
·
КIвахIалъ лъим гьекъолеб батани, хIалтIиялъ гьоцIо гьекъолеб.
·
КIицIул кIанцIун, кIкIал бахунареб.
·
КIицIул
ургъе, цин абе (анкьцIул борце, цин къотIе).
·
КIицIул чи холарев, pyxI цин гурони бахъулареб.
·
КIиябго бер бецас цояб бер бецасда «Бецук! Бецук!» – илан
абурабила.
·
КIиябго бералда чияр лъимал рихьараб мехалъ, цояб бералданиги
нилъерго лъималги рихьизе кколел.
·
КIиябго бералъул данде ккечIогойила гьоркьоб мегIер бижараб.
·
КIиябго квер кодобе кьурасда божуге.
·
КIияздаго гIайиб гьечIого, кIиго чи къацандуларо.
·
КIкIалахъ лъим камулареб, рохьоб чан камулареб.
·
КIкIараялдаги букIунебила жиндаго рекъараб pyxI.
·
КIкIараялдеги хвалчен бахъарав.
·
КIкIуй гьечIеб цIа букIунареб.
·
КIкIуялдаса цIунизейилан цIадаве лъугьунге.
·
КIодолъиялде вахине бокьарас гьитIинавги кIодо гьавула.
·
КIудияб бакI кквезе ккани, кIудияб гIакълуги къваригIунеб.
·
КIудияб вагIзаялдаса гьитIинаб мисалалъул пайда цIикIкIараб.
·
Лал
тIамизе бегьулареб къоялъ къед гьабизеги бегьулареб.
·
Лачен
– чанабе, гъеду – рохьобе.
·
Лаченги
Тарулеб, тайлан хъущтIулеб, тувадахъ гурони гIодоб
кколареб.
·
Лаченги
чучула, чи гIемерлъани чаранги биуна, ЦIа гьалаглъани.
·
Ле
гIакълугьечI, тIуруге, гIи тун гIангис кинигин,
ГIадамал тун хьвадани, хьитал хун, басралъулин.
·
ЛъабцIул къинлъичIого, гIака лъалареб.
·
ЛъабцIул рагIа-ракьан бухъичIого, хур бачIунареб.
·
Лъавукълъи
букIуна гIакълулъун хIалеб, жагьиллъи бахъуна жибги
гIелмуян.
·
Лъадал
берищ, рокьол гIусищ?
·
Лъадал
къатIраялъги гамачI борлъулеб, цIадул хIенехIалъги
дунял бухIулеб.
·
Лъадацаги
жиндиего нух бахъула.
·
Лъади
гьечIев росги рос гьечIей чIужуги – чIобогояб рукъ.
·
Лъади
квешасул гIумру гIазабалда гирула.
·
Лъади
лъикIав лъикI вуго, лъади квешав квеш вуго.
·
Магжида
нус бабадулеб рекIинчIеб мехалъ, кIалдиб мацI
кIичIардулеб гьереси бицунеб мехалъ.
·
Магжилъ
иман букIунареб, рекIелъ гурони.
·
Магъал
гьанахъ гьоэр щолареб (нилъее къваригIараб къоялъ
лъикIалъухъги квешаб щолареб).
·
Магъил
ургъел гьабулагойила хIанчIил бохдул тIеренлъарал.
·
Магъилъ
ругел хурзабазги хабалъ ругел умумузул рукьбузги гьабизе жо гьечIо – xIapa хIажат буго.
·
Магъихъ
балагьун, кьурде, цер.
·
Магьихъ
ралагьуге, гьакихъ ралагье.
·
Магь
цIезе ссан гурел, caxI цIезе хур гурел.
·
МагIарда бартуцаги лъикIабаб кколебила.
·
МагIарда гIи бугев – гIaг гьечIеб шарбал,
·
ГIиялъ куйдул ругев – тIох гьечIеб тIагъур.
·
МагIарда чан букIаго, чурун хьаг цIеда лъоге.
·
МагIардаги гIундул ругел, гIалхудаги берал ругел.
·
МагIарде ваханиги, гьитIинав кIодолъуларевила, гвандиниве
реханиги, кIудияв гьитIинлъуларевила.
·
МагIарде гъуниги, хIамица заз гурони кунареб.
·
МагIарде гIазу баги, гIухьби рокъой рачIине, ГIурдаде саву
ккаги, вокьулесда бер чIвазе.
·
МагIарде гIазу бани, гIурухъе цIорой кколеб.
·
МагIарзухъа кIалдибегIан къокъаб жойила гьереси.
·
«МагIарзухъан бачIаги!» – ян, чед кьун, вохизавуге дун; гьумер
битIун кIалъараб кIалалъ вохизаве дун.
·
Мун
кьижун вукIунев, дур тушман кьижуларев.
·
Мунагьго
гьечIей яс ялагьулаго, чIужуго щвечIого, хутIаравила.
·
Мунги
– хан, дунги – хан, хIама лъица гьекъелеб, хуриве щив
инев?
·
Мунилан
холев дун, дун хабалалъе восагиян мун. Мунго дудаго лъачIого,
чияде рагIи абуге.
·
Мунго
дуцаго!
·
Мунго
дуцагоги веццуге, гьечIеб гьунаралдасаги чIухIуге.
·
Мунго
гьалаг гьавулеб гьаваялда рекIунге.
·
Наиб
аралъусан нукарги ине кколевила.
·
Найица
тIегь кванала,
·
Наккдалъ
бахчун, варани тIубаларо.
·
Наккдалъ
каржин къинлъарабила, харилъ борохь къинлъарабила.
·
Накку
гьечIеб гьороре къадакаби унаро, гIатI-тIех гьечIеб
къвачIиде гIункIкIаз къасд гьабуларо.
·
Нилъерал
чияда лъалел, чиярал нилъеда лъалел.
·
Нилъералго
чинква гьарун, чиярал цIулакьо гьарун, хьвадугейила.
·
Нилъерго
бакI – алжан, чияр бакI – жужахI.
·
Нилъерго
васасул вас лъугьинчIони, нусалъулги яс лъугьунарей.
·
Нилъерго
вугониги, чияр анищан ккаравги вукIуневила чи.
·
Нилъерго
гъосодасанила нилъго хъущтIулел.
·
Нилъерго
квенги кванан, нилъерго ретIелги ретIун, чияр
ургъалида рукIунгейила.
·
Нилъерго
лаченалъул чияр бакIалдаса бачIараб гьадилгIан къимат
гьабуларебила.
·
Нилъерго
лъараца чияр гIурул хъуй рагIизе толаребила (Нилъерго
лъарал гьаракь бугони, чияр гIурул гьаракь рагIулареб).
·
Нилъерго
лъималги цере тун, чияразда малъаруларел.
·
Нилъерго
малъаз гIадин нилъер мугъ хъасулареб.
·
Нилъерго
рукъ гIадаб бакI гьечIеб, хъизамалде гIадаб рекIелгъей
букIунареб.
·
Нилъерго
реццалъ гIадин, чияр реццалъ нилъее зарал
гьабуларебила.
·
Нилъерго
хъорщода чиниги тун, чияр горда бугеб щагIида
бахиллъуге.
·
Нилъерго
хьитинибе ккечIеб цIаялъ хIетIе бухIуларо. Нилъерго хIал нилъеда лъала, чияр хIал чияда лъала.
·
Оц
гIураб мехалъ, гIинтIизеги ккогеги, гIолохъанчи гIураб
мехалъ, гIакълу малъизеги ккогеги.
·
Оц
кьун, барщизарула, хIелеко кьун, рекъезаруларо (Шагьи
кьун, барщизаруге, оц кьун, рекъезаре).
·
Оц
кьурул рагIалде къайгун, хIамида ургъел чIвалеб.
·
Оц
кIанцIизе кватIани, гIака кIанцIулеб.
·
Оц
льугьунеб жо бачидаго лъалебила.
·
Оц
лъугьунеб жоялъул лълъар бегIераб букIуна.
·
Оц
мацI лъалес бикьун батаги.
·
Оц
тIураниги, Марьямил гIайиб, релълъ беканиги Марьямил
гIайиб (Оц тIураниги – Марьям, релълъ беканиги – Марьям).
·
Оц
хвани – гьан, гьоко хвани – цIул.
·
Оц
хваниги, хур хутIулеб, хур хваниги, ракь хутIулеб.
·
Оцаз
гьабураб чоца, рииялъ гьабураб хаселалъ кваналебила.
·
Оцал
тIуричIони, тIегь балареб, гIаде ракь хъвачIони, хур
бачIунареб.
·
Пакъирзаби,
мискинал бечедал чагIи!
·
Палугьан
гурони, квариде вахунаро.
·
Панкъ
гьабизе лъим щвечIей,
·
Лъелъе
базе цIан щвечIей.
·
Панкъил
къулгьу, къолол бертин.
·
ПасихIал рагIабаца богIол цагъур цIеларо.
·
Пахьул
бетIералда жанир меседил пикраби рукIунарел.
·
Пашманасул
магIу гIемераб, рокьи ккарасул хабар гIемераб.
·
Пашманлъи
гьоркьоб гьечIеб рохелги букIунаребила, рохел лъалареб
пашманлъиги бачIунаребила.
·
Пер
кунарес хъал кунеб.
·
Печрокъор
гьарурал хIукмабаз я ахикь пихъ бижуларо, я хуриб тIор
баларо.
·
Пикраби
– магIарда, къварилъи – мугъзада нахъа.
·
Пикру
гIемерлъани, чи гIадаллъулев.
·
Пикру
– цебе, ццин – хадуб.
·
ПиргIавние Муса камуларев.
·
Пири
пирханщинахъе зоб гъугъалареб.
·
Пириялъеги
гъветI кIудияб бокьулеб.
·
Питна
бокьарас багьана, ракь хъвалхьун, балагьулеб.
·
Питнабазул
мугьал хьани, балагьазул гьирал раччулел.
·
Питнадул
мугьал хьани, балагьалъул тIор бала.
·
Пихъ
бижулареб гъветI гьурщулареб.
·
Пихъ
гьечIеб гъотIода тIил речIчIулареб, лъим гьечIеб
иццухъе гел бегьулареб.
·
Риидал
черх берцин гьабула узданаб ретIелалъ, хасало хинаб
ретIелалъ.
·
Риидал
чIарадичIони, хасало гьороб жо букIунареб.
·
Риидала
– Хасбика, хасало – къватIулбика.
·
Риидалил
цого хур, хасало гIазукь къараб,
·
Хасалил
цого сугъур, бохисан хер баккараб.
·
Рии-риидал
– чIорр-чIорол, хаса-хасало – гуд-гудуч!.
·
Рикьи
балеб къвачIинибе къали базе бегьуларо (рикьунибе
къали чIехьолареб).
·
Рикьул
гьарурал хинкIал ригьда кунев алазан.
·
РикIкIада бугеб гIагарлъиялдаса аскIов вугев мадугьалго
лъикIила.
·
РикIкIада ругел гIагарал чагIи, унтун рагIилалде, хун ратула,
хун рагIилалде, рукъун рагIула.
·
РикIкIадаса квараб къалиялдаса гIагардаса квараб сахI лъикIаб.
·
РикIкIадасан йихьизе лъикIай чияр яс аскIоре щун йихьизе жо
гурей жо ятула.
·
Рокъоб
къадру гьечIесул къватIибги букIунареб.
·
Рокъоб
къвакъвадулеб, къватIиб къинлъулеб.
·
Рокъоб
къир-къир бугони, дуниял къварилъула.
·
Рокъоб
кьечIеб талихI рохьоб кьелищилан абурабила салтIаселъ.
·
Рокъоб
ххан бугони, халатаб гурде, ххараб жо бугони, чIахIиял
хинкIал.
·
Рокъоб
чед бугесда чияр мацI лъаларо.
·
Рокъобго
къулгIаги тун, къватIиса лъим баччарай.
·
Рокъобе
нух кидаго гIагараб.
·
Рокъов
гъалбацI – къватIив гIанкI.
·
Рокъов
– дегIен, къватIив – цIцIе.
·
Рокъов
цIогьор хваги, ЦIоров дибир хваги.
·
Рокъой
йигеб мехалъ инсул рукъ, рокъое юссиндал – чияр рукъ.
·
Росулъе
унти я базарганасул гьирица бачIунеб, я гьардохъанасул
къвачIица бачIунеб.
·
Росулъе
щвезе рес букIаго, къватIивги чIоге, росу рикIкIад
букIин лъалаго, къаси нухдаги вахъунге.
·
Рохел
гIемералъур кьурдухъаби рахъунел, хвел гIемералъур
магIихъаби рахъунел.
·
Рохол
багьа къого гъурущ.
·
Рохъдол
чед гьабурай, чияр чи веэдарай.
·
Рохьалъ
тала босичIого толаро.
·
Рохьдолъ
букIунареб чIухIухъаналде чIалгIараб салам дир махил
тIилалъул!
·
Рохьдолъ
чIа, рохьдолъ хва.
·
Рохьдолъ
чIолареб хIайваналда тIил щола.
·
Рохьил
хIайван рохьоб гурони чIоларо.
·
Рохьоб
гъотIодаги кидаго цого хIал букIунаребила.
·
Рохьоб
хьараб хьодул пайда щибила.
·
Рохьоб
цидаги данде чIвагеги кIиго эбелцадахъ.
·
Рохьоб
циги хутIугеги, цого тIинчIалда божун.
·
Рохьоб
чан камулареб, чорхолъ унти камулареб.
·
Сабру
гьаби гIоларо, рекIелъ гIакълу гьечIони.
·
Сабру
гьабурасе пайда кIудияб.
·
Сабру
гьечIев чиясул гьабун жо белълъунаро.
·
Сабру
– гIакълуялъул хан.
·
Сабру
тIагIарасухъа гIад гьабун жо босуге.
·
Сабру
цебе ккезабе, ццин нахъе ккезабе.
·
Сабруялда
чIарасе пайда камулареб, хехдарухъанасул хиялал xIopгo
хутIулел.
·
Сабруялъ
мегIер лъухъалеб.
·
Сабруялъул
тIиналда – багIараб месед.
·
Сабуралъул
ахада – рохел.
·
ТалихI бугев чиясул чухъил къвал хIулиларо.
·
ТалихI бугезда ккеларо бицун гIадан божулареб, гIодун Аллагь
гурхIулареб гьуразул унти.
·
ТалихI бугесул бихьинхIамаги къинлъулебила.
·
ТалихI бугесул гвай къацандулеб.
·
ТалихI бугесул оц ияхI бугесухъе ккела.
·
ТалихI бугесул хIама хIортIа къинлъулебила.
·
ТалихI, гьакил милъир гIадин, сверулеб: цин тIаде кколеб, цин
гъоркье кколеб.
·
ТалихI гIодобе бортун батулареб, чIобого кьолеб жо букIунареб.
·
ТалихI духъан бугони, гIадамалги духъан рукIунел, дур талихI
къосани, гIадамазда мунги къосунев.
·
ТалихI, кибе бахъараб?
Гьудуллъи
бугелъубе.
·
ТуманкI гьечIев чанахъан, чухъа гьечIев багьадур.
·
ТуманкI лъикIаб – халкъаль цIураб, рагIи лъикIаб – киназулго данде
ккараб.
·
Тури
гьекъон, къеч хьвалареб, дуниял кваниги, къарум гIорцIуларев.
·
Туркидул
кири гьечIеб, кочIол хIакъ гьечIеб.
·
ТуркIе, дадал Гъазали!
·
Тухум
лъикIай дуего те, жийго лъикIай дие кье.
·
Тушманзабаздаса
дицаго цIунила, Аллагь; гьудулзабаздаса дуца цIуне.
·
Тушман
вукIа абе, гьобол басра гьавуге.
·
Тушман
гьавизе бокьани, къарзалъ гIарац кьейила.
·
Тушман
гьекъезаве, гьудул кваназаве.
·
ТIад рекIараб чол квелъ кквезеги лъазе кколебила. ТIадаб гуреб гьабуни, гьабизе кколеб бегулеб. ТIадагьаб чвантидаса бакIаб гьир гьечIеб.
·
ТIадго арав гьоболги лъикIго кьолеб микьирги.
·
ТIадго кквечIев цIогьор гурев.
·
ТIаде валагьарасе – рахьу, бухъулесе – хъиру.
·
ТIаде гьобол къотIугеги, гьабихъе нух къосунгеги.
·
ТIаде къо ккани, къоркъолги бацI лъугьунеб.
·
ТIаде къо ккезегIан кIалалъ гьури кколарес, тIаде къо ккараб
мехалъ, горбода бетIер кколареб.
·
ТIаде лъим бачIунареб xIop хеккого къунеб.
·
ТIаде хъвачIого, ракьалдаса чиясул хIал хьоларебила.
·
ТIаде цоги гъеду бачIани, гъоркь букIараб боржунеб гIадат.
·
ТIаде цIанагIан гIемерлъулебги ургъел, тIаса бачахъанагIан
дагьлъун унебги ургъел.
·
ТIаде чи лъаларила, чараб гьой лъаларила (гьабулеб ишалъе
хехлъи гьабейила...).
·
ТIаргъил борхалъиялъ гуребила чиясул тIадегIанлъи борцунеб.
·
ТIарцIаб куялдаса керчаб гьой лъикIаб.
·
TIaca
лъугьа! Дур букIин лъарабани, бикъилароан!
BaxI, дир букIинни
лъан батиларин, дурго гуреблъигIагийищ лъачIеб?
·
ТIасан бараб рукъи тIасан холеб.
·
ТIахьал гIабдалзабазе гурелила хъвалел.
·
ТIегь балареб гъотIоде наялги руссунарел.
·
ТIегь гIемералдаса гъветI тIамах гIемераб лъикIаб. ТIегь гIурдада берцинаб.
·
ТIегьги херги бижилалде, лъимги ракги бижарабила.
·
ТIегьалареб гъотIода пихъ бижулареб.
·
ТIекъав, тIикъвамагIал чIваниги, хъущтIулев.
·
ТIекъалда тIад рекъоге, къурасде вортанхъуге.
·
ТIекълъи ккедал абула илбисалъ батилилан, амма кици букIуна
мунго дуцагойилан.
·
ТIелекье ГIалибулат гIадин.
·
Унтун
халалъугеги, херльун басралъугеги (Халатаб чIвагеги,
чIамучIаб ккогеги).
·
Ургъалида
тIаде тIенкелгIанай ясги гьаюнила.
·
Ургъалица
черх чIварабила, чоца гьор кварабила.
·
Ургъел
бегьуларев, багьа кьун, восуларев.
·
Ургъел
бикьуларев вокьулев хваги,
Рокьул бицунарей йокьулей хваги.
·
Ургъел
гуребаб ургъеллъугеги, рухIел гуребаб рухIеллъугеги.
·
Ургъел
гьечIеб жо ракIалда чIолареб.
·
Ургъел
гьечIеб жоялъе шакдари дагьаб.
·
Ургъел
гьечIев чи ватичIев, чехь бухIичIеб черх батичIеб.
·
Ургъел
гьечIесул гIумру халатаб, хIалтIи бокьуларесул гьанта
халатаб.
·
Ургъел
гьечIесул макьу щулияб.
·
Ургьибе
ккараб жоялде саву кколареб.
·
Ургьибеги
лъугьунеб, нахъеги бачIунеб борохь.
·
Урхъукье
вачIа, дадал!
·
Устар лъала, къайи
бихьун.
·
Устарасда
релълъараб букIуна хIалтIиги.
·
Устарасул
къед квешаб, къебедасул нус квешаб.
·
Устарасул
хьит гьечIеб, къебедасул нус гьечIеб.
·
Устарасул
роц-роцго устарабила.
·
Устарасул
хIатIалги устарал.
·
Устарги
вукIуна, хIургIаустарги вукIуна.
·
Халкъалъул
тушман – къацандухъан.
·
Хамиз
сордо кинаб магIидаян абурабила сордо цIарай ясалъ.
·
Хамил
базарган, мусру гьечIого, вукъаравила.
·
Хан
нилъер гьобол гуро.
·
Хан
хведал вецце, лъимал гIедал рецце.
·
Хан
хола, лагъги хола – кIиялго бащалъула.
·
Ханазда
тIад кIусараб гIанкIу гIадин.
·
Ханас
кьураб чол кIалдире раккуларел.
·
Ханас
цIияб чухъа ретIани, баркулебила, мискинчияс ретIани,
гьаб киса щварабилан гьикъулебила.
·
Ханасда
аскIоб кIиго ламадур квани, цояб магIарзухъан
бачIунебила.
·
Ханасде
лъикIав чиян абе, хабада хух-бурутI гIорцIизе хер
бижараб мехалъ.
·
Ханасда
нич гьечIеб, гьарчида бер гьечIеб.
·
Ханасда
цевесанги чода нахъасанги вилълъунге.
·
Хвалчада
гурхIел гьечIеб, гуллида берал гьечIел.
·
Хвалчада
нахъа гьелда рекъараб гъежги къваригIунебила.
·
Хвалчадаса
бергьарабги – хIилла, тункIидаса гIужилабги – хIилла.
·
Херлъунилан
бацIил цер лъугьинаро, цаби гъунилан ритIучIил багьа
хвеларо.
·
Херлъунилан
бацIица бацIил гIамал толареб.
·
Херлъунилан
оцолги гIалимчиясулги багьа холареб.
·
Хехаб
гважуца беццаб когIо гьабулебила.
·
Хехаб
гIop ралъдахъе щоларебила.
·
Хехаб
цIад хехго къотIулеб.
·
Хехго
бачIунеб, кватIун унеб жойила къварилъи.
·
Хехго
гIуцIараб хехго биххулебила.
·
Хехго
рекIараб цIа хекко сунеб.
·
Хехдари
гIайиб буго, гIодов виччай рецц буго.
·
Хехлъуге,
мутагIилум, хехлъуге! Дуе яси щвана, дие кваси щвана.
·
ХинкI босарас тIор босе.
·
ХинкIазде – щвартIихалат, хуриве – рагIадхалат.
·
ХIайван – тIасан чараб, гIадан – жанисан чарав.
·
ХIайван хвани – ракьа, чи хвани – ишал.
·
ХIайван хIайваналда релълъараб, гIадан гIадамасда рельлъарав.
·
ХIайваналда ччехI ккани, риидал кьаралъула, рукъалда ччехI
кканани, чанги сон къваригIуна.
·
ХIажалъиялъ малъула, магъалоялъ квегъула.
·
ХIажат гьечIеб хабаралда хадувги лъугьунге, кколареб ишги
бетIералде босуге.
·
ХIажизабазулги рещтIунгегийила бо.
·
ХIажигIисал хъулухъ.
·
ХIажиясул ракI ХIавал кIалдиб.
·
ХIайваналцин рагъизе тIами Аллагьас гьукъараб жойила.
·
ХIакимасда цевесанги унге, хIамида нахъасанги унге.
·
ХIакимзаби рихьидал, «рорчIами!» – ян вортулев, цогидазда бер
чIвайдал, рихьичIеб ххвел гьабулев.
·
ХIакимасул витIи – чи ватIа гьавунгутIи.
·
ХIалтIичIони, хIалтIи букIунаро.
·
ХIалтIичIони, чIамулареб, чIамичIогоги гIолареб.
·
ХIалтIуда махсара лъалареб, махсараялъ квен кьолареб.
·
ХIалтIуда рекъарабила мухьги букIунеб.
·
ХIалтIудаса хIинкъуларесдаса хIалтIи хIинкъулебила.
·
ХIалтIуде унелъул цевехъан – мискинчи; берталъе унелъул
цевехъан – бечедав чи.
·
ХIалтIуе – квалквад, квание – гъалбацI
·
ХIалтIуе – кечI, кинидае – лаилагьа.
·
ХIалтIуе – пахъла, квание – хъанхъра.
·
ХIалтIуде – хьадар, квание – гIедер.
·
ХIалтIул лъикIлъи лъугIидал лъала, чиясул лъикIлъи хведал
лъала.
·
ХIалтIул пайда гьечIеб, пикру гьечIони.
·
ХIалтIул рагIал тIерен ккурав, тIабкIил рагIал бицат ккурав.
·
Цо
гIилла гьечIого, гIадан мискинлъуларо.
·
Цо
гIилла гьечIого, нухда мохмох лъоларилан абурабила
цараца.
·
Цо
гIилла гьечIого, цIад балареб, цо гIилла гьечIого,
бакъ щолареб.
·
Цо
гIиялъажо хъунги, бертин гьабейила, цIалкIу кIутIунги,
берталъ рохел загьир гьабейила.
·
Цо
гIункIкI царгъикь гьабулебила, цо гIункIкI авлахъалда
гьабулебила.
·
Цо
жо бикъарас кинабго бикъарабиланги кколеб, цо гьереси бихьарасул кинабго
гьересиянги кколеб.
·
Цо
жо ракIалда гьечIого, гьедигIан гьитIинаб хIалтIухъ
гьедигIан кIудияб мухь кьеларин дуцаян абурабила бакьучалъ бацIида.
·
Цо
росулъ цо гIабдал гIун вугилан абурабила
ХIажихIума-дибирас.
·
Цо-цониги
гIайиб ханасул ясалдаги кколебила.
·
Цо-цониги
гIакъилаб жо гIабдаласги бицунеб.
·
Цо-цониги
гIакъилги мекъи кколевила.
·
Цо-цониги
оцол багьаябги букIунебила гьереси.
·
ЦоцIул бицани – берцинаб, кIицIул бицани – мухьучIаб.
·
ЦоцIул кIодолъулевила чи, кIицIул гьитIинлъулевила.
·
ЦIадаб бачIеб чед кунев Бигищ гIадин.
·
ЦIадабе бегьараб квер бухIичIого хутIуларо.
·
ЦIадабе нарт тIолареб.
·
ЦIадакьаги ворчIун, гонгикье ккана.
·
ЦIадакьаги лъутун, гонгикь чIарав.
·
ЦIадал барти – буртина, гьорол къолден – къехь.
·
ЦIадал къалиялдаса бакъул caxI бергьунеб.
·
ЦIадал кьоялъе бакъул къо камулареб, лабалда хуралъе цIадал
къо камулареб.
·
ЦIадал сон бакъараб, бакъул сон гIорцIараб.
·
ЦIадалаб сон харилаб, бакъулаб сон хурулаб.
·
ЦIадалабги гьекъана, бакъулабги къулчIана.
·
ЦIадулгун махсара те, лъадалгун божилъи те.
·
ЦIал
кьун гIоларесе, чу кьуниги, гIолареб.
·
ЦIалани, гIелму щолеб, хIалтIани, боцIи щолеб.
·
ЦIаланщинав чи Къудукьа Мусалав вукIунарев, кьалде анщинав
ХIажимурад вукIунарев.
·
ЦIаланщинав чиясул гIалимчи вахъунарев: цо-цо гIалимчиги вукIунев,
цо-цо цIалунчиги вукIунев, хутIарал чIинкIилалги рукIунел.
·
ЦIалараб гIоларебила, цIалкIизеги кколебила.
·
ЦIаларасда гIелму лъала, бихьарасда дунял лъала.
·
ЦIалаца бухугейила жиб, кIалцIуца бухеян абулебила чоца.
·
ЦIалдохъан лъикIав вугилан, мекъса кьураб жавабалъе лъикIаб
къимат лъолареб.
·
ЦIалкIал рекьарулел, гьаркьал лъилъарулел.
·
ЦIогьор бечельуларевила, бахил кьаралъуларевила.
·
ЦIогьор гьедула, хъахIба гIодула.
·
ЦIогьор гIорцIуларев, гIалим вакъуларев.
·
ЦIогьор жиндирго рагIадалъукьаги хIинкьулев.
·
ЦIогьор гIаргьил щомериялдасанги ватIа гьавизе лъалевила.
·
ЦIогьорасул берал мугъалда нахъаги рукIунелила.
·
ЦIогьорас гурони, цIогьор веццуларев.
·
ЦIогьорас жиндирго каву щула гьабулеб.
·
Чаргъеду
пархунилан, бакъул нур свинаро.
·
Чарухъаз
гьабун, чакмабаз кваналеб заман бачIун буго.
·
Чахъаби
ругони, вехь камиларо.
·
Чахъаби
чвантинир лъикI.
·
Чахъабиги
цIунун, бацIалги гIорцIун.
·
Чахъдал
къинлъиялдаса куйдул багьлъи бергьунеб.
·
Чахъдал
тIом ретIараб чакъал гIемераб.
·
Чахъдал
цIолъи бихьидал, цIцIе белъарабила.
·
Чахъдаца
цIараб цIцIеде бачунге.
·
Чахъу
гIорцIулареб, гIорцIен къинлъулареб.
·
Чахъу
чIваниги, багIарабила бацIил кIал, чIвачIониги
багIарабила.
·
Чахьалда
къоноги лъун, мукъратIа гьецIоги лъун, щай чIоларев,
бихьинчи, жадул лълъар гьекъезегIан.
·
Чванта
тIадагьлъани, гьудулзаби дагьлъулел.
·
Чвангида
кIулал рарав.
·
Чвантиниб
гIарац бугони, магIардаги ах гьабулеб.
·
Чвантиниб
гIарац бугони, эбелалъул къвалакьа яхъунги, яс
кьолейила.
·
Чвантиниб
гIарац гьечIого, базаралде инегIан, гIаштIи кодоб
гьечIого, рохьове инго лъикIаб.
·
Чияда
цебе хъат кквеялдаса хъирул къоно тIад байго льикIаб.
·
Чияда
цебе хъат ккурас черх бичула, чияе наку чIварас намус
бичула.
·
Чияда
– цедер, дудаго – рокьо.
·
Чиядаса
тIокIлъарасул тушман гIемер вукIуна, бажари-гьунар
бугев хашазе тушманлъула.
·
Чияде
абулелъул, дурго эбелалъулги пикру гьабе.
·
Чияде
хьамураб жиндего буссунеб, чияде абураб жиндего бачIунеб.
·
Чияе
бухъаралъуре нилъго кколел.
·
Чияе
гьабураб кумек – дуего гьабураб кумек.
·
Чияе
гьереси бицарас дуеги бицунеб, чияе хиянат гьабурас дуеги гьабулеб.
·
ЧIагого хун вачIинегIан, хвечIого ракьулъ вукъиго лъикI.
·
ЧIагоязе гьимуларев, хваразухъ гIодуларев.
·
ЧIагоязул пикру гьабуни, хваралъ вуго, хваразул пикру
гьабуни, Багъдадалда вуго.
·
ЧIагоял хунилан, хварал рахъунарел.
·
ЧIужу ячарай гIолареб, чIужуялъе росги къваригIунев, руссунги
къваригIунеб.
·
ЧIужу
яче, чияе инчIей, чу босе, чияца рекIинчIеб.
·
ЧIужу ячин – моцIил рохел, гIумруялъул ургъел.
·
ЧIужу ячине – херав, хвезе – бахIарав.
·
ЧIужу ячунге, чадил мучари гьабулей.
·
ЧIужу
ячунелъулги чу босулелъулги, бералги къанщун,
Аллагьасде божилъи гьабе.
·
ЧIужуги йикIуна, чIужукIги йикIуна, щагIил рекелги йикIуна.
·
ЧIужугун вагъани, чехь тIеренлъула, росугун вагъани, рукъ
нахъе ккола.
·
ЧIужугIадан йигила цIорол тIагIел, чIинкъани рукъи базе
бегьулареб.
·
ЧIужугIаданалдаса къадарав бихьинчиги вукIунев,
бихьинчиясдаса цIакъай чIужугIаданги ятулей.
·
ЧIужугIаданалъул гIакълу квенчIелтIа букIунебила, гьей тIаде
яхъингун, бортунги унебила.
·
ЧIужугIаданалъухъ ралагьизейила берал рижун ругел.
·
ЧIужуквешил гьобол вохун унарев.
·
ЧIухIи бичун босизе кколареб.
·
ЧIухIуге: чIегIераб ракьалдайин мун лъезе вугев. ЧIухIи хIатIикье кколеб, бахIарчилъи тIад кколеб. ЧIухIиялъги вакъиялъгийила КъурбангIали хварав.
·
Шагь
гIадаллъун ватани, Дагъистаналъул халкъалда данде
рагъде виччай.
·
Шагьи
гуронани, гIарацги щвечIев, цо гIанкIу гурони, боцIиги
гьечIев.
·
Шагьи
кьун, барщизаруге, оц кьун, рекъезаре.
·
Шагьиялда
барахщарас гъурущ бичизе кколеб.
·
ШантIулида бадибе чугIанги валагьичIила.
·
Шиша бугев – гьудул,
гьан бугев – даци.
·
ЩагIил рекелалда чIулгIи бекуге.
·
ЩагIица берал сурай, суркIица кIал бахъарай.
·
Щай
нилъедего кколареб хIал гIи бегIералде босизеян
абурабила гъадица хIамида.
·
Эмен
гьечIесдаса эбел гьечIев цIикIкIун бесдалавила.
·
Эмен
гьечIесул кIудияв эмен валагьуге.
·
Эмен
гьобол гIадав чи; рукъалъул хIал эбелалда лъикI лъала.
·
Эмен
къолохъан вугони, вас кьурдухъан вахъуневила.
·
Эмен
къваригIунареб къо бачIунареб.
·
Эмен
лъикIасдаса живго лъикIав лъикI, эбел лъикIалдаса яс
лъикIай лъикI.
·
Эмен
рихарав васасда живгоги рихунев.
·
Эмен
хвеларев щив, оц хъвеларев щив! (дуца диеги гьабичIо,
дица дуеги гьабиларо).
·
Эмен
цин кваналев, эбел кIицIул кваналей, лъимал лъабцIул
кваналел.
·
«Юргъа
бачани, бетIергьанчихвад, мун чияца рекIуна».
·
Юргъаялъ
– чу, ишалъ – чи.
·
Я
гьанив гурев, я дова гурев.
·
Я
гIарцул чванта цIела, я салул гвангвара цIела.
·
Я
гIурул рагIал, я мугIрул ракьан.
·
Я
зурзур те, я квен те.
·
Я
къали чIвай, я зурма пуй.
·
Якьадалъ
лъухьизе нусалъ тун, нусалъ лъухьизе якьадалъ тун.
·
Я
хIама хвела, я хан хвела.
·
Я
мими гурев, я дуду гурев.
·
ЯхIалъ къо рехугеги, къуваталъ некь рехугеги. ЯхIги рухIги – бащадаб жо.
·
ЯхI-намус гьечIев нусго бечедасдаса намус бугев цо мискинчиго
лъикI.
·
Яцалъул
ракI – вацгун, вацасул ракI – рохьоб.
·
Ячеян
дуда гьардезе ккогеги, ячIаян мун гьардезе ккогеги.
·
ЯчинегIан «эбелхвад», ячун хадуй «мунгохвад».
·
Ячудаса
нусалъ вакьадасде дадайилан абулебила, дагьаб хадуб дандамадилан абулебила.
·
Ячун
щваралдаса ячIун щварай лъикIила.
·
Ячунги
ячуней лъади, ячIунги ячуней лъади.
·
Ячуней
мекълъугеги, ячIуней тIекълъугеги.
·
ЯчIунелъул – «далалай», дун толелъул – «вабабай».